Вторник, 23.04.2024, 10:48 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 16 » БЮДЖЕТАЛДА ХИСА-БАСИЯЛ ГЬАРУНА
09:11
БЮДЖЕТАЛДА ХИСА-БАСИЯЛ ГЬАРУНА

14 апрелалда райадминистрациялда тlобитlана райсобраниялъул иргадулаб сессия. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, росабазул бегавулзабаз, райадминистрациялъул хlалтlухъабаз ва цогидазги. Данделъаразе саламги кьун сессия рагьана райсобраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовас. Гlаммаб къагlидаялда сессиялда гьоркьоб лъун букlана 8 суал.

Гьездасан аслияллъун рукlана “Хунзахъ район” МРалъул 2022 сонил бюджеталда хиса-басиял ва тlадежураял гьариялъул хlакъалъулъ, Россиялъул Хунзахъ ОМВДялъул начальникасул 2021 соналъ гьабураб хlалтlул хlакъалъулъ хlисаб кьей, Районалъул халгьабиялъулгун хlисабалъулаб комиссиялъул (КСК) председателасул 2021 соналъ гьабураб хlалтlул хlакъалъулъ хlисаб кьей. Тlоцебесеб суалалда хурхун кlалъазе вахъана финансовияб отделалъул начальник Хlайдар Хlайдарбегов. Гьес бицана районалъул исанасеб бюджеталда гьарун ругел хиса-басиязул. Гьедин, Хунзахъ лъим бацlцlад гьарулел сооружениязе биччан буго 3,360 млн гъурущ. Бакьагьечlибе лъим бачине биччан буго 6 млн цlикlкlун гъурущ, Гlочlло школалда капиталияб ремонт гьабизе 6,6 млн гъ. Гьединго республикаялъул Бетlерасул тlадкъаялдалъун, улкаялъул экономикаялда лъугьун бугеб хlалуцараб ахlвал-хlалги хlисабалде босун киналго районаз цlикlкlинабизе кколеб буго резервалъулал фондазда бугеб гlарцул къадар. Гьедин бюджеталъул цогидал статьябаздасаги бахъун, нилъер районалъул фондалде тlадеги 8,4 млн гъурущ рехизе кколеб бугиланги бицана гьес. Гьелдалъун лъайкьеялъул учреждениязда санайил риидалил заманалда гьарулел ремонталъулал хlалтlаби исана нахъе рахъизе кколел руго. Араб соналъ гьабураб хlалтlул хlакъалъулъ бицана РОВДялъул начальник Мухlамадхlажи Сайбулаевас. Гьесул рагlабазда рекъон 2021 соналъ районалда хъвай-хъвагlай гьабун буго 42 такъсиралъул. Гьел ккун руго 13 росулъ. Гъоркьисала цlакъго цlикlкlун руго Интернеталдасан гlадамал махсароде кквеялъул хlужаби. Гьеб рахъалда хурхун цlакъ цlодорлъи гьабизе ахlана гьес киналго. Гьабсагlаталда ругел баяназда рекъон районалдаса 9 чияс гlахьаллъи гьабулеб бугила Сириялда унеб рагъулъ, гьездасан 8 кьун вуго халкъазда гьоркьосеб розыскалде. 2021 соналъ районалъул нухазда ккун буго 23 ДТП, гьезул хlасилалдда хун вуго 4 чи, лъукъа-къотlун вуго 16 чи. Гьел авариял ккеялъе аслияб гlилла ккун буго нухазда транспорталъул хехлъи цlикlкlинаби. Гьабун буго 4222 административияб протокол. Батlи-батlиял административиял ихтиярал хвезаруралъухъ райотделалде рачун руго 30 чи. ОГИБДДялъул хlалтlухъабаз гlуцlун буго 2099 административияб протокол. Райотделалъ цогидал жавабиял хъулухъалгун цадахъ хасаб къадаралъул хlалтlи гьабулеб буго районалда хадуб бугеб налъи дагьлъизабиялъул мурадалда. 2021 соналъул 1 декабралде районалда хадуб букlун буго 66,4 млн гъурущ транспорталъулаб налогалъул, 24,9 млн гъурущ бухlараб токалъухъ кьезе кколеб налъиялъул, 23,4 млн тlабигlияб газалъухъги. Араб соналъ жидецаго гьабураб хlалтlул бицана районалъул халгьабиялъулгун хlисабалъулаб комиссиялъул (КСК) председатель Мухlамадрасул Хlасанбеговас. Гьес абуна 2021 соналда жидеца халгьабунин 22 учреждениялъул ва гlунгутlаби ратарал гlуцlабазда хурхун материалал ихтиярал цlунулел идарабазде кьунилан. Жеги гьоркьор лъун рукlана районалъул цо-цо маданияталъул ва спортивиял учреждениязе нилъер машгьурал ракьцоязул цlарал кьеязда хурхарал суалалги. Гьедин депутатаз рахъги ккун, Хъахlикlкlалахъ росдал культураялъул рукъалъе, Тlагьада библиотекаялъе кьуна Фазу Гlалиевалъул ва Расул Хlамзатовасул цlарал. Гьединго Тlагьада спортзалалъеги кьуна Гlисаев Ахlмадил цlар. Ахиралда бицен ккана жакъа Украинаялда унеб бугеб хасаб операциялъул ва гьениб нилъер улкаялъул хlинкъи гьечlолъиги цlунун бахlарчиго рагъилел ругел нилъер ракьцоязе районалдасан битlулеб бугеб гуманитарияб кумекалъулги. Мухlамад Мухlамадовас цlар-цlарккун рехсана гьанадалъун, гlарцудалъун, ретlел-куналдалъун кумек гьабурал росабигун СПКял ва ракl-ракlалъулаб баркала кьуна киназего.

И. МУХIАМАДОВ.

Просмотров: 87 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz