18 маялда районалъул администрациялъул данделъабазул залалда тIобитIана лъай кьеялъул отделалъул начальник ХIамзатова ПатIимат ХIадисовнаялъул ва информациялъулгин методикияб централъул школалда цебесеб лъай кьеялъул рахъалъ специалист ГьитIиновасова Асият МухIамадовнаялъул нухмалъиялда гъоркь районалъул киналго лъималазул ахазул нухмалъулелги гIахьаллъун методикияб семинар-совещание.
Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна районалъул лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъабаз гуребги, СМИялъул вакилзабаз ва райадминистрациялъул АТКялъул бетIерав специалист Майндуров МухIамадгIарифица. ГIодорчIаразе саламги кьун, данделъи рагьарай лъай кьеялъул отделалъул начальник ПатIимат ХIадисовнаялъ школаздагин лъималазул ахазда хIинкъи гьечIеб ахIвал-хIал букIинабиялда сверухъ гьабулеб хIалтIул бицине рагIи кьуна М.-ГI. Майндуровасе. Гьес гIодорчIаразул кIвар буссинабуна лъималазул хIинкъи гьечIолъи цIуни нилъее цIакъго кIвар бугеб ишлъун кколеблъиялде. Жакъа МахIачхъалаялда, Каспийскиялда, Москваялда дандчIвалел ругила школал, ясли-ахал кьвагьизе ругилан хIинкъаби кьолел видеоялги, лъазариялги. Ккана тIубарал школалгин лъималазул ахал къазе ккарал хIужжабигицин. Нилъеда кIоларила гьеб нилъер анибеги щвеларилан абизе. Гьединлъидал хIажат бугила кибго хIинкъи гьечIолъи букIинабиялде кIвар кьезе, АТКялъул специалистасул малъа-хъваял лъай кьеялъул щибаб гIуцIиялъ хIисабалде росизе. ТIубараб соналъго лъималазул ахаз гьабураб хIалтIуе къимат кьураб ва хадубккунги гьабизесеб хIалтIуе насихIатал гьарураб кIалъай букIана Асият ГьитIиновасовалъулги. «ЛъагIалил тарбиячIужу» конкурсалъги бихьизабунилан,-баян гьабуна гьелъ,- кинаб ясли-ахалъул кинаб хIадурлъи бугебали. Рохизе ккараблъун букIанила гьеб конкурсалда гIахьаллъи гьабизе гIезагIан тарбиячагIи рачIун рукIин ва гьез жидерго лъикIаб лъайги бажариги бихьизаби. Гьединго муниципалияб этапалда бергьун республикаялъулаб къецалде арай нилъер № 1 лъималазул ахалъул тарбиячIужу ГIисаева ПатIимат МухIамадовна, республикаялъулго лъикIаздаса лъикIал воспитателазул анцIгоязде гьоркьоеги ккун, «Дагъистан республикаялъул лъай кьеялъул отличник» абураб цIаргун тIад юссин. ТIолгороссиялъулаб «Бищунго лъикIаб лъималазул ах» конкурсалда нилъер ГIобода гьоркьохъеб школалъул лъималазул ахалъе кIиго соналъ тIатIалаго тIоцебесеб бакI щун букIиналъги. Руго нилъер республикаялъул конкурсалде ритIарал ва гьениб бергьенлъи босарал жалго лъималазул хIалтIабиги. П. ХIадисовнаялъ бергьенлъи босараб «Ромашка» лъималазул ахалъул нухмалъулей С. Хочбаровалъухъе ва цогидалги республикаялъулал конкурсазда бергьенлъи щварал гьитIичал куцарал Хунзахъ лъимал церетIезариялъул централъул, № 1 «Малыш», ГIобода «Ромашка», БакьагьечIи «Ласточка», ТIануси «Росинка», ГьацIалухъ «Павлин», ГьоцIалъ «Аленушка», лъималазул ахазул нухмалъулел: ГIамирова Разият ГъазимухIамадовнаялъухъе, ХIусенова Индира Х I а д и с о в н а я л ъ у х ъ е , Хочбарова Сабигат Хочбаровнаялъухъе, Сулейманова Гулишат Мирзоевнаялъухъе, ГIабдулаева Калимат МухIуевнаялъухъе, Хъазанбиева Гульжагьан Саитовнаялъухъе, Шамилова Салтанат Бадрудиновнаялъухъе реццалъулал рагIабигун цадахъ кьуна грамотаби. Ахиралдаги Асият МухIамадовнаялъ гIодорчIаразе баян гьаруна цере рукIарал нормативиялгин ихтияразулал актал къуваталдаса ун рукIиналъул. ЦIияб къагIидаялда лъималазул ахазде лъимал къабул гьарулелъул тIоцебесеб иргаялда росизе рихьизарун ругила киналго гьенире росулелъул бигьалъаби гьаризе тIадал умумузул лъимал. Хадуб хутIаралги. Цо эбел-инсул лъимал батIи-батIиял лъималазул ахазде росизе бегьулеб гьечIо, цого бакIалде гурого. Гьелъго баян гьаруна цо-цо лъималазул ахазда лъимал цIияб гьаваялде цIикIкIун рачине ккей гIадинал ва цогидалги низамалъул бутIаби тIуразарулел гьечIолъиялъул, гьездеги цIикIкIун кIвар кьезе ккеялъул. Семинар-совещание ана гIодорчIаразе пайдаяб ва цоцада ричIчIиялъулаб ахIвалхIалалда.
Н. Гlалиева
|