Суббота, 20.04.2024, 09:41 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 16 » ПОЛЬШАЯЛДА ЧlВАНА ВА ГЬЕНИВГО ВУКЪАНА
14:39
ПОЛЬШАЯЛДА ЧlВАНА ВА ГЬЕНИВГО ВУКЪАНА

Тlагьир Хlасановасул гlумру ккола гlун бачlунеб гlелалъе мисаллъун. Гьев лъалел рукlараз бицунаан кигlан къвакlарав, цlодорав, лъай бугев ва гьайбатав гlолилав Тlагьир вукlаравали. Гьев гьавуна 1917 соналъ. Гьитlинго эбел-инсудасаги ратlалъун, вацгун цадахъ гlагарлъиялъул къайимлъиялде ккола. Гlолохъанаб советияб власталда кlочон толароан эбелэмен гьечlого хутlарал бесдалал ва гьесиеги рес кьуна цlализе ва гlумру гьабизе.

Лъикlал къиматазда росдал школаги лъугlизабун, цlализе лъугьуна Буйнакскиялда бугеб педучилищеялде. 1937 соналъ гьебги лъугlизабун, 1940 соналъул марталде щвезегlан Цlунтlа районалъул Шадли росдал школалъул директорлъун хlалтlана. Гьелдаса хадуб, Советияб Армиялде хъулухъ гьабизе ахlизегlан хlалтlана Хlариколо росдал школалда учительлъун, 1940 соналъул июль моцlалда ана армиялде. Гьениб лъугlизаруна гьитlинал командиразул курсал. Кlудияб Ватlанияб рагъ байбихьана гьев Карелофинская ССРалъул Сортавала шагьаралда 184 аб. хасаб кьвагьдохъабазул батальоналъул отделениялда командирлъун вукlаго. 1943 соналъул октябралда Тlагьир Хlасановас лъугlизабуна Иваново шагьаралъул рагъулабгун политикияб училище ва лейнтенантасул цlаралда, политикияв хlалтlухъан хlисабалда гlахьаллъи гьабула Ватlан цlунун тlоритlулел рагъазулъ. Щвана “Багlараб цlва” орден, хун хадуб кьуна “Кlудияб Ватlанияб рагъул 1 даражаялъул” орденги. Гьес гlумру гьабуна унго-унгояв бихьинчиясгlадин ва хвелги бахlарчиясул щвана. Нижер школалъул цlалдохъабаз СССРалъул Оборонаялъул министерствоялъул архивалде битlараб запросалъе рачlарал жавабазда гlатlидго хъван буго гьесул хвелалъул хlакъалъулъ. “...Мелецкий повиталъул, раковалъул повиталъул, раковалъул воеводстваялъул гвардиялъул шагьаразе гlоло гьарурал рагъазулъ кlудияв лейнтенант, кьвагьдохъабазул батальоналъул парторг Хlасанов Тlагьир Мухlамадовичас кьвагьдохъабазул ротаялда гъорлъги вукlун, рота тушманасде тlаде гьужумалъги бачун, кумек гьабуна рагъулаб шагьар бахъизе. Гьеб операциялда живго кlудияв лейнтенант Хlасановас танказде данде хlалтlизабулеб гранатаялъ кьвагьизабуна цо станковияб пулемет ва автоматалъ гъурана 15 немцазул солдатги. Гьеб рагъулъ кlудияв лейнтенант Хlасановасе бахlарчияб хвел щвана. Рагъулаб шагьар бахъулаго кьвагьдохъабазул ротаялъе бажарун нухмалъи гьабуралъухъ ва жиндицаго бихьизабураб хlинкъи гьечlолъиялъухъ, хун хадуб гьесие кьуна “1 даражаялъул Ватlанияб рагъул орден”. Тlагьир Хlасановас вацасухъе хъварал кагътал цlалулаго, бичlчlула гьесул Ватlаналде букlараб рокьул кlодолъи. Гьел тlогьиллъарал кагътал къиматалда цlунун руго нижер школалъул музеялда. Гъоркьехун кьолел руго цо-цо гьел кагътаздаса росарал мохъал. “Хирияв вац, чанго бакl хисана нижеца, гьабсагlаталда руго рохьор. Дир кlудияб гъира буго нагlана батаяв тушмангун дандги чlван, гьесда кьаби щвезабизе. Киналго рагъухъаби руго рахсида рухьарал жанаваралгlадин. 02.07.1941 с., Карелофинская ССР, Сортавала шагьар “Киналго божулел руго бергьенлъи нилъеда хадуб букlиналда. Гlицlго нилъ гьаб улкаялдаса тlагlиндал гурони, нилъер ракьалда фашистаз хlетlе чlезе гьечlо. Бидул ахирисеб къатlраялде щезегlан, тlубанго бергьенлъи нилъее щвезегlан къеркьезе вуго тушмангун …» 08.07.1942 с. “…Цохlо мурад буго - кlванагlан хехго тушман нахъе вачахъизе! Гьединаб мурад буго цохlо нилъер гуребги, тlолабго нилъер халкъалъул ва дунялалъул эркенлъи бокьарал киналго халкъазулги … “ 31. 10.1943 с. “…Дун ккола политикияб рахъалъ батальоналъул командирасул заместитель. Хирияв вац, гlемераб жо хъвазе бегьилаан, амма заман гьечlо. Тушманасда кьаби щвезабулеб буго, гьев лъутулев вуго. Кватlичlого нилъер мукъаддисаб ракьалда цониги фашист хутlизе гьечlо … “ 29.04.1944 с. “…Вац Сагlид, гьабсагlаталда вуго Бессарабиялда. Гьанир вахlшиял рагъал унел руго. Нилъер киналго фронтовиказул мурад буго кlванагlан хехго гитлерилаб армиялдаса рецlел боси. Нилъер рагъухъаби гъалбацlалгlадин рагъулел руго … “ 09. 07. 1944 с. “…Нижее гьалбал рокьула, амма тушмангун хабар къокъаб букlуна. Кватlичlого рагъ лъугlизе буго. Нилъер ахирисеб мурад - фашизмалъул хвел. Нужеда кватlичlого рагlизе буго нижер рагъулаб бахlарчилъиялъул хlакъалъулъ ... “ Гьев тlадвуссинегlан гьесухъ ялагьун чlун йикlарай, йокьарай ясгун дандчlвазе хъван букlун гьечlо дир имгlаласе. Гьев хвана Польшаялъул халкъ фашизмалдаса эркен гьабулаго. Гьесул гlагарлъи чанго нухалда щвана Польшаялде гьесул хабаде. Поляказ хъулухъ гьабула гьесул хобалъе. Гьал фронталъулал кагътаз бицунеб буго кинабго. Магlарулас кlиго жо цlунизе кколин абулаан: жиндирго тlагъурги цlарги. Тlагъур цlунулила тlаргъида гъоркь бетlер бугес. Цlар цlунулила рекlелъ цlа бугес. Тlагьир Мухlамадовичасул тlогърокь букlана цlодораб, гlакълу бугеб бетlер. Гьесул рекlелъ букlараб цlаялъ, гьев живго хун хадубгицин, жеги нижее - хlарисезул жакъасеб гlелалъеги хинлъи кьолеб буго. Гьесул бахlарчиял ишазул мисалазда куцана школалъул гlемерал выпусказул гlелал. Дирго рахъалдасан гlолохъанаб гlелалдехун вуссун абизе бокьун буго, нужеда телевизоралдасан бихьун батила Польшаялда, Украинаялда ва цогидалги Бакътlерхьул Европаялъул чияда рачlел пачалихъазда нилъер полководцазе, гьел фашизмалдаса эркен гьарурал советиял рагъухъабазе рарал памятникал риххизарулел рукlин. Нужеда лъазе ккола гьеб хlалтlи гьел пачалихъазул халкъаз гьабулеб жо гуреблъи. Гьеб буго фашистазул ирсилазул хlалтlи. Рехсарал пачалихъазда тlалъиялде рачlана гьел. Амма нилъер ракl чlезе ккола Россиялъул вацлъиялъулаб халкъалъул ва СССРалде гъорлъе унел рукlарал республикабазул кумекалдалъун, Польшаялъулги Украинаялъулги нухмалъуде жидерго халкъги бокьулел ва Россиялъулгун гьудуллъиги бугел чагlи рачlиналда. Ахиралдаги ракlалде щвана Расул Хlамзатовасул “Дир Дагъистан” тlехьалдаса мохъал. Релъи-хъуй гьечIого вохизе лъалев, МагIу чвахичIого гIодизе лъалев, Угьи-зигара тун хвезеги лъалев, Гьединав чи ккола мугIруз вижарав. Гьале гьал мухъазда рекъаравлъун цlунун вуго Тlагьир Хlасанов хlарисезулги тlолабго Дагъистаналъулги халкъазул ракlазулъ.

Ш. Абакаров.

 

Просмотров: 91 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz