Вторник, 23.04.2024, 16:29 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 16 » ИХДАЛИЛ ХlАЛТlАБИ ЛЪИКl ИНЕЛЪУН
14:44
ИХДАЛИЛ ХlАЛТlАБИ ЛЪИКl ИНЕЛЪУН

Гьаб буго хурухъанлъиялда, ахихъанлъиялда, гIи-боцIухъанлъиялда тIад бан хIалтIи унеб заман. МугIруздагин гIатIиракьазда байбихьун буго ихдалил рекьуде, ахакь гъутIби рохьун, тIамах-кIачар бухIун рацIцIаракъалъиялъулал хIалтIаби гьарулел руго. МагIишатаз баччулеб буго хурзабахъе рак, магIданиял беэнлъаби. ГIи-боцIухъабаз бакIарулеб буго жидерго бачIин-кьагIи, бачал. Щиб ахIвал-хIалалда ругел гьел хIалтIаби росдал магIишаталъул СПКяздаги ОТФяздагияли лъазелъун жакъа ниж дандчIвана райадминистрациялъул росдал магIишаталъул отделалъул нухмалъулесул заместитель ГIумаров ХIусен ГIалилмухIамадовичгун. Гьес нижее бицана гьадин:

- Х у р у х ъ а б а з д а г и н ахихъабазда лъала хурулгун ахил цIикIкIараб бачIин щвезе ккани, тIадчIараб захIмат, жигараб къеркьей, агротехникияб хъулухъ хIажалъулеблъи. Гьебги бичIчIун районалъул гIемерисел магIишатал хасалил моцIаздасанго байбихьун лъугьана ихдалиде хIадурлъизе. КъачIана техника, хьонал, раччана беэнлъаби. Гьедин хIалтIи гьабураб бакIазда хIалтIи лъикI унеб буго. Районалъул магIишатаз тIаде босун буго 4400 гектаралда цудунаб рекьи гьабизе. ГьанжелъагIан бегараб ракьул къадар бахун буго 2,500 гектаралде. Бекьизе ракIалда буго 300 гектаралда люцерна, 80 гектаралда картошка, 1700 гектаралда суданка хер, 500 гектаралда цIоросаролъ, 200 гектаралда бахчаялъулал культураби, 200 гектаралда ролъ, 500 гектаралда пиринчI, 250 гектаралда батIибатIиял культураби: багIаргьоло, тIипало, пурчIина, 90 гектаралда овощал. Рехсараб къагIидаялда рекьи гьабизе цоцо бакIазда тIубараб хIадурлъи батаниги, руго гIечIеб къагIидаялда хIалтIи гIуцIаралги. ГIаммаб къагIидаялда хьоназул хIадурлъи буго 73 проценталде гIагарун, техникаялъул хIадурлъи буго 80 проценталде бахун. Руго нилъер 70 гIагарун МТЗ-80 ва МТЗ82 тракторал, анкьго К-700 трактор, лъабго Т-150 трактор, 32 сеялка. Амма руго гьединабцин хIадурлъи гьечIел бакIалги. КъваригIараб буго ихдалил культураби рекьиялъул хIалтIаби жиндир заманалда ва тIадегIанаб качествалда тIоритIизе механизаторал чIезаризе. СПКязул нухмалъулез гьел хIалтIаби квалквал ккечIого иналъе тIолабго къуватги, жанжигарги кьезе ккола. Ахиралде щвана гIи къинлъул компанияги. ГIиядаса нилъее лъикIаб тIинчI щвана. ГьабсагIаталда магIишатазда унеб буго гIи къунцIи. КватIичIого гIиял гочун рачIина гIатIиракьаздаса мугIрузде. Гьелдеги магIишатазул нухмалъулез жигараб хIадурлъи гьабулеб буго. Гьал гIагарал къоязда нилъеца, ай бусурбабаз кIодо гьабизе буго кIал биччаялъул байрам. Гьелда цебеги районалъул магIишатаз гIуцIулеб буго ярмарка. Гьениб учузаб багьаялде бичизе буго гьан, рахьдал нигIматал ва цогидабги росдал магIишатаз хIадурулеб продукция. ХIусен ГIумаровасулгун гьабураб гарачIвариялдасан бихьулеб буго магIишатал рекьуде хIадурун рукIин ва гьез гьенисан бахъулеб продукциялъул къадар ва качество цIикIкIинабиялъе кIвараб жигар бахъулеб букIин. Нилъецаги хьул гьабила хаслихълъи тIаде щвейгун гьезул бачIиналъ магIишатал ва нилъ рохизарилилан. Киназулго гьабулеб ишалъе къуват кьеги.

Н. Гlалиева. 

Просмотров: 83 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz