Тохлъукьего фашистазулаб Германия нилъер ВатIаналде тIаде кIанцIараб 1941 соналда, росулъа цогидал гIолохъабиго гIадин, эбелаб ВатIан цIунизе ана Хунзахъ росулъа ГьитIинов Давуд ХIажимухIамадовичги. БачIинахъего гьев ккола Москваялде 160-абилеб гIорхъаби цIунулезул полкалде. Чанго моцIалъ гьениб рагъулаб хъулухъ гьабулевги вукIун, гьезул часть бикьула 201 кьвагьдохъабазул батальоналде, гьенисанги лъабабилеб Украинаялъул фронталде. Давудил часталъул аслияб масъалалъун букIуна багъулеб армиялъул мухъалда нахъа хIинкъи гьечIолъи букIинаби. Гьениб гьез кколел рукIун руго шпионал, диверсантал, гъачагъазул къокъаби. Рагъул бицине ва ракIалде щвезабизе Давудие цIакъ бокьулароан. Кинабго цебе араб ракIалде щолин гьелъул бицунелъулан къварилъахъдулаан гьев. ТIокIаб гьагъадинаб вахIшияб рагъ-кьал бихьугегиян гьарулаан гьес. Советияб Армия бергьине кIудияб кумек гьабунилан абулаан гьес, партизаназул отрядаз. Рагъ лъугIун хадубги лъабго соналъ Давуд хутIана БакътIерхьул Украинаялда бандеровцазде данде рагъ гьабулезда гьоркьов. Гьез кIудияб зарал гьабулеб букIун буго нилъер гIадамазе. РухIулел рукIун руго школал, колхозал, чIвалел рукIун руго гIадамал, гьезул рокъоб бугеб къайи-къоно, боцIи-панз. Давуд армиялда вукIун вуго 7 сонги 2 моцIалъги. Гьездасан 5 соналъ гьев вукIуна гъачагъазда хадув. Давудица бицунаан гьитIинаб къоялдаса нахъего физкультураялде ва спорталде вуссарав вукIиналъ, жиндие цIакъ кIудияб кумек гьабунин захIмалъаби къезаризе, къо хIехьезе. 1948 соналъ росулъе тIад вуссана Давуд. ХIалтIизе лъугьана районалъул физкультураялъул ва спорталъул комитеталъул председательлъун. Гьелдаса хадуб хIалтIана районалъул комсомолалъул комитеталда, партиялъул райкомалда, нухазул управлениялда. МустахIикъаб пенсиялде инегIан хIалтIана Хизроевасул цIаралда бугеб колхозалда. Кив хIалтIаниги, Давудица живго вихьизавуна жавабчилъи цIикIкIарав, махщел-гьунар бергьарав хIалтIухъан хIисабалда. Районалъул спорталъул комитеталда хIалтIулеб заманалда гIемераб хIалтIи гьабуна росулъ ва районалда гIадамазда гьоркьоб физкультура ва спорт цебехун бачине. ТIоритIулаан рекериялъул, кIанцIиялъул, къоно, гамачI рехиялъул, чуял риччаялъул къецал. Хал гьабулаан школазда кьолел физкультураялъул дарсал кинан унел ругелали. Живго Давудги гIемер гIахьаллъулаан районалъул, республикаялъул къецазда. Гьесие цIакъ бокьулаан лъималазда цадахъ векеризе, кIанцIизе, батIи-батIиял къецазда гIахьаллъизе. Хасго Давудие бокьулаан гIолохъабазда гьоркьоб къоно рехиялъул къецазда гIахьаллъизе. 1951 соналъ Дагъистаналъул халкъазул спартакиадаялда Давудица рехараб къоно ана 68 м 75 сантиметраялъ. Гьеб рекорд гIемерал соназ цIунун хутIун букIана. Гьеб заманаялъ спорт цебетIезабизе гьанже гIадинал ресалги рукIинчIо. Ругел ресазда рекъонгIаги физкультураялде ва спорталде руссинчIого гIолохъаби чIолароан. Спорталда лъадарараб черхалда кибго захIмалъаби къезаризе кIолилан абулаан Давудица. Гьеб битIарабги буго. Мунагьал чурун ратаги гьесул. ХIал Алжаналде ккун батаги.
Р. ГIАМИРХАНОВ.
|