Суббота, 20.04.2024, 03:13 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 16 » ХlАСИЛАЛ КВЕШАЛ ГЬЕЧlОНИГИ, ГИЦlГО ЦЕРЕХУН
14:26
ХlАСИЛАЛ КВЕШАЛ ГЬЕЧlОНИГИ, ГИЦlГО ЦЕРЕХУН

ЦIалул сон байбихьаралдаса гьеб лъугIизегIан цIалдохъабазе лъай кьеялда цадахъго гьел кинабго рахъалъ церетIураллъун куцаялъе, гьезул рухIияб дунял бечед гьабиялъе, гьезда миллияб ва жамгIияб культура, гIадатал рихьизариялъе гIемерал тадбирал тIоритIула районалъул школаздагин лъай кьеялъул гIуцIабазда. Щибаб цIалул соналъул хIасилалги гьарун тIоритIула щибаб районалъул школалъул, хадуб республикаялъул районазул рейтингалги. Гьеб кинабго хIалтIи уна районалъул лъай кьеялъул информациялъулгин методикияб централъул нухмалъиялда гъоркь. Араб соналда ва унеб соналда районалъул школазда ккарал хIасилазул бицеян нижеца гьарана районалъул информациялъулгин методикияб централъул директор МухIамадова Умагьани ХIажиевнаялда. Гьелъ нижее бицана гьадин:

-Ахиралде щолеб буго 2021-2022 цIалул сон. Гьеб цIалул соналъул хIасилал гьарилалде нилъеца ракIалде щвезарилин цебесеб соналъул хIасилалгун цадахъ цо-цо исанисел бергьенлъабиги. Абизе ккола гьел нилъер квешал рукIинчIилан. 2020-2021 цIалул соналда ТIолгороссиялъулал къецазда бергьарал цIалдохъабазул хIисаб гьабун тIобитIараб республикаялъулаб рейтингалда 38 районалда гьоркьоб нилъер район бачIун буго 5-леб бакIалде, гьебго заманалда 12 районалда цониги бергьенлъи щварав яги призер гьечIеб мехалда. ТIолгороссиялъулаб къецалда нилъер бергьун вуго чанго цIалдохъан, цо лъималазул ах ва призераллъун рахъун руго лъабгоял. Рехсезе мустахIикъаллъун рукIина гьезул цIаралги. ГIобода гьоркьохъеб школалъул цIалдохъан ХIабибов Зиявудин МухIамадович гIахьаллъана «Большие вызовы» абураб ТIолгороссиялъулаб гIелмиябгин технологиялъулаб проекталда. Гьениб жиндирго махщел ва гьунар бихьизабун Зиявудин мустахIикълъана тIоцебесеб бакIалъе. Гьебго ТIолгороссиялъулаб «Живая классика» конкурсалда прозаикияб асар бицине жиндирго артистасулаб махщел ва гьунар, тIехьалде бугеб рокьи бихьизабун тIоцебесеб бакI щвана ГьоцIалъ гьоркьохъеб школалъул 7-леб классалъул цIалдохъан ХIамзатов ГIалибег Айтберовичасеги. «Детский сад года» ТIолгороссиялъулаб рагьараб халгьаби-конкурсалда тIоцебесеб бакI босана ГIобода росдал «Ромашка» лъималазул ахалъги. ТIолгороссиялъулаб сочинениязул конкурсалда МочIохъ гьоркьохъеб школалъул 4 классалъул цIалдохъан НурмухIамадова Саида ХIажимурадовнаялъ босана кIиабилеб бакI, ГIобода гьоркьохъеб школалъул анцIабилеб классалъул цIалдохъан МухIамадова Марьям ХIажимурадовнаялъе щвана лъабабилеб бакI. ГIахьалчIи гьоркьохъеб школалъул цIалдохъаби: МухIамадова Маржанат ХIамзатовна ва Макъсудов ХIажимухIамад МухIамадович хIинкъи гьечIеб гIумру гьабиялъул кьучIал (ОБЖ) конкурсалда рахъана призераллъун. Республикаялъулал конкурсаздаги нилъерал нахъе къан чIечIо. Мисалалъе росани, «История Дагестана» предметазул олимпиадаялда Дагъистаналъул тарих, гIадамазул гIумру ва гIадатал лъикI лъалел рукIин бихьизабуна Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалъул 9 классалъул цIалдохъан ГьитIинова ПатIимат АхIмадовнаялъ. Гьей яхъана олимпиадаялъул призерлъун. ГIобода гьоркьохъеб школалъул 10 классалъул цIалдохъан Абакарова Издага МухIамадовна ва ГьоцIалъ гьоркьохъеб школалъул 11 классалъул цIалдохъан Дибирова Султано МухIамадзагьидовна рахъана авар мацIалъул олимпиадаялъул призераллъун. Гьединго «Абитуриент ДГУ» олимпиадаялда призерлъун яхъана ГIобода гьоркьохъеб школалъул цIалдохъан Абакарова Издага МухIамадовна. Хунзахъ № 1 «Малыш» лъималазул ах призерлъун бахъана бищунго лъикIаб «Снежный городок Эколят» конкурсалда. Гьединал бергьенлъабазулъ мугIалимасул кIвар цIакъго борхатаб буго. Лъималазе бокьула жидерго учителасда релъун хьвадизе. Гьединлъидал мугIалимасе кIвар бугеблъун ккола жидеда цере цIалулел цIалдохъабазе мисаллъун рукIине. Рохизе бачIуна мугIалимзабазда гьоркьорги нилъер бергьенлъаби рукIиналдаса. Рехсезе мустахIикъал хIасилал ккана республикаялъулал конкурсазда нилъер мугIалимзабазулги. Харахьи гьоркьохъеб школалъул гIурус мацIалъул мугIалим Маликова Мадинаца «Мой лучший урок» ва «Незабываемые имена» конкурсазда ккуна тIоцересел бакIал. ГIахьалчIи гьоркьохъеб школалъул байбихьул классазул мугIалим ХIусенова ГIайшатица «Учитель-профессия дальнего действия» номинациялда босана 3-леб бакI. Гьебго школалъул байбихьул классазул мугIалим МалламухIамадова Заира Ордашевнаялъги «Педагогическая династия» абураб номинациялда ккуна лъабабилеб бакI. ЦIада аслияб школалъул ингилис мацIалъул мугIалим Нурудинова ПатIимат гIахьаллъана «Учитель года-2022» конкурсалда. Республикаялъул конкурсалда бергьана «Къецалъулаб багъа-башари машгьураблъун гьабиялъе гIоло» абураб номинациялда. Бокьун буго киналго цересел бакIал ккурал цIалдохъабаздаги, педагогаздаги баркизе гьезие щварал бергьенлъаби. Бергьенлъаби тIаса унгеги, нужедаса. Исанисеб, Дагъистан республикаялда Лъай кьеялъул сонлъун лъазабураб соналдаги, районалъул киналго мугIалимзабазе гьарула чорхое сахлъи, хIалтIулъ жеги чIахIиял бергьенлъаби. Рази гьареги, нуж, цере цIалулел цIалдохъабазул лъаялъги гIадлунизамалъги.

Н. Гlалиева.

Просмотров: 102 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz