Пятница, 10.05.2024, 13:47 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Ноябрь » 06

Ле, баракатаб дир халкъ, г1инт1аме дир гьаялъухъ!
-Рац1адал иццаздалъун, рекьулел ракьаздалъун, рик1к1ен г1емерал рехъабаздалъун гьедула-дун кидаго вук1инаро къарумавлъун;
-багьадурал узденазул мал-мулкалдалъун, жеги мунагь-хат1аб лъаларел гьезул лъималазул ц1аралдалъун гьедула-дица лъиениги ч1ух1и гьабизе гьеч1о;
-Рагъухъанасул къадруялдалъун гьедула-дун х1инкъаравлъун вук1инаро.
-Рорхатал муг1руздалъун, гъваридал ралъадаздалъун гьедула, дица нуж г1одорег1ан гьарун, диего т1адег1анлъи гьабиларо. 
- Дир эбелалъул берзул балаялдалъун, дун хьихьаралъул каранзул рахьалдалъун, дида хадуб т1ураб маг1уялдалъун гьедула-дун вах1шиявлъун вук1инаро;
-Мукъадисаб Къуръаналдалъун, Т1адег1анав Аллагьасул ц1араздалъун гьедула рак1бац1ц1адавлъун вук1ине;
-Ц1ар арал умумузул, дир улкаялъул г1ун бач1унеб г1елалъул ц1аралдалъун гьедула дирго халкъалъул т1алаб гьабилилан;
-Рокьул балъголъиялдалъун, дирго рак1алдалъун гьедула чорокаб-къабих1алдаса рик1к1ад ч1езе;
-Пикрудал борхалъудалъун, яргъил гучалдалъун гьедула, зулмучилъун, рагъул кор боркьулевлъун вук1инаро.
-Нуцаласул ц1аралдалъун, хунздерил бечелъиялдалъун гьедула, дирго гьудул-гьалмагълъиялъе, пикруцоязе хиянатлъиларилан;
-Таваккалаб рух1алдалъун, г1акъиллъиялъул хазинабаздалъун гьедула дир умумул, гьезулги умумулго г1адин к1алухъ рух1 бук1аго тушманасде данде вагъизе. 
-Дунявиябги ахираталъул г1умруялх1аги дун вук1ина нужее лъик1ав х1акимлъун;
-Дирго тахалдалъун гьедула-угъращал къажараздаса къисас босила.

  

Просмотров: 585 | Добавил: NiGMaT | Дата: 06.11.2014 | Комментарии (0)

Автор.Таржама гьабуна Пат1имат Гунашевалъ.Ноябрь 2014с.  

Дица кидаго рик1к1унаан, къисматалъ инсанасе кьураб квер г1ат1идаб сайгъат кколин г1адамасул бищун лъик1ал, т1адег1анал хасиятал жиндилъ ругев, цойгидазда релълъинч1ев, къанаг1атав инсанасулгун лъай-хъвай, гьоркьоблъи, хурхен гьабизе щвейилан.  Г1умруялъул нухда кидаго гуро рек1елъ гъваридаб, нилъ х1икмалъизарулеб лъалк1 толел г1адамал дандч1валел. Амма, гьеле гьединав гвангъарав инсанлъун вук1ана Шамхалов Шагьрудин Мух1амадович. 

Просмотров: 549 | Добавил: NiGMaT | Дата: 06.11.2014 | Комментарии (0)

Хунзахъ  муниципалияб районалъул  администрациялъул бет1ер Саг1ид Юсупов.

Шагьрудин Шамхалов вук1ана жиндир заманалъул  гвангъараб ц1валъун, цогидаздаса машгьуравлъун. Гьесие хасиятаб бук1ана т1ок1 борч1араб г1акълу-лъайги, г1адатлъиги, рит1ухълъиги, къокъидго к1олаан  г1адамазулгун раг1и данде ккезабизеги жиндирго сверулъе гьел ц1азеги.  Шагьрудин вук1ана къадруялъ, х1алт1уде гъира ц1ик1к1арав пачалихъияв г1уц1арухъан ва х1аракатчи. Гьев  вук1ана обкомалъул секретарлъун, Дагъсовнархозалъул председательлъун, совминалъул председателасул т1оцевесев  заместительлъун, Верховный Советалъул Президиумалъул председательлъун. РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул членлъун, хадуб гьебго т1адег1анаб идараялъул председателасул заместительлъунги вук1ана Шамхалов. Кинаб хъулухъ-ишалда вук1аниги Шагьрудин Мух1амадович хут1ана киназего рагьаравлъун, г1адатиявлъун, г1иц1го бидулъго батараб г1уц1арухъанлъиялъулаб х1аракаталъ ват1а вахъулевлъун.

Просмотров: 461 | Добавил: NiGMaT | Дата: 06.11.2014 | Комментарии (0)

Районалъул социалиябгун экономикияб цебет1еялъулъ хасаб бак1 ккола лъай кьеялъул учрежденияз. Т1олабго улкаялдаго г1адин, нилъер районалдаги соналдаса соналде  ц1ик1к1араб к1вар  кьолеб буго  лъай кьеялъул даража  борхизабиялде. Лъай кьеялъулъ х1алт1изарулел руго ц1и-ц1иял  инновациялъулал къаг1идаби, технологиял.

Просмотров: 668 | Добавил: NiGMaT | Дата: 06.11.2014 | Комментарии (0)

Автор.И.Мух1амадов.Ноябрь 2014с.

 «Абуна-гьабуна!» абураб ах1иялда гъоркь гьале лъаг1елалдасаги ц1ик1к1араб заманаялъ х1алт1и цебехун бачунеб буго Дагъистан Республикаялъул бет1ер Рамазан х1ажимурадович Г1абдулат1иповас.

Г1адатаб халкъалъул г1умру-яшав лъик1лъизабиялъе к1вар ц1ик1к1араб 7 проект билълъанхъизабулеб буго республикаялъул нухмалъулес. Лъик1аб рахъалдехун халлъулел хиса-басиял лъугьунел руго экономикаялда, сахлъи ц1униялда, лъай кьеялда, маданияталда ва гь.ц. социалиял бут1абазда. Г1абдулат1иповасул политикаялъул нух ккурав вуго нилъер районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповги.

Гьабураб х1алт1ул х1асил бихьун, гьал г1агарал къояз Дагъистаналъул Бет1ерасул указалдалъун, Муг1рузул зхонаялда гьоркьоб бак1алъулаб нухмалъиялъул бищун рахъи кьураблъун рик1к1ана Хунзахъ районалъул т1алъиялъул (власталъул) х1алт1и. ва районалъул нухмалъи мустах1икълъана 1.484 азарго гъурщил гранталъе. Бергьенлъаби т1аса унгеги районалдаса! Амин. 

 

Просмотров: 534 | Добавил: NiGMaT | Дата: 06.11.2014 | Комментарии (0)

Районалъул экономикаялъул кьуч1лъун кколеб росдал маг1ишат цебет1езабиялда, гьелъул ниг1матал г1езариялда нилъер район г1иц1го Дагъистаналда гуребги, СССРалдаго машгьураб бук1ана. Гьава-бакъалъул лъик1ал шарт1ал ккараб, бач1ин гьарзаял 1970-80 абилел соназ т1ат1алаго 1979-81 соназ г1и-боц1ухъанлъиялдагун хурухъанлъиялда росарал ч1ах1иял бергьенлъабазе г1оло район мустах1икълъун бук1ана КПССалъул ЦКялъул, СССРалъул Министрзабазул Советалъул, ВЦСПСалъул ва ВЛКСМалъул ЦКялъул хьвадулеб Баг1арал Байрахъазе.

Просмотров: 513 | Добавил: NiGMaT | Дата: 06.11.2014 | Комментарии (0)

Автор.П.Гунашева.Ноябрь 2014с.

Нилъер районалда кидаго церет1урал  рук1ана маданиятги адабиятги, рук1ана к1алзул гьунаралъул, кеч1-бакъаналъул  устарзабиги. Бищун цебе маг1арулаз театралъе кьуч1 лъуна нилъер районалда. 1925 соналъул 11 сентябралда бахъараб «Баг1араб Дагъистан» газеталда хъван бук1ана г1олилаз бихьизабураб спектаклялъул. Хадусел соназда театралияб искусство цебет1езе лъугьана районалда.

Просмотров: 557 | Добавил: NiGMaT | Дата: 06.11.2014 | Комментарии (0)

Автор.Р.Х1амзатов.Ноябрь 2014с.

Дол рук1ана улкаялда  совнархозазе х1алт1уе кинабго рахъалъан г1ат1идал ресал кьураб, гьезул х1аракаталдалъун бак1азда промышленностги, культураги, сахлъи ц1униги, лъай кьейги – кинабго т1егьан бач1унел араб г1асруялъул лъабкъоабилел сонал. Дагъистаналъул совнархозалъул председательлъун вук1арав Шагьрудин Шамхаловасда  республикаялда гьарулел ч1ах1иял х1алт1абазулъе г1агараб район ккезабизеги к1очон батич1о доб мехалъ. Гьедин 1962 соналъ Хунзахъ кьуч1 лъуна районалъул гьанжесеб  культураялъул к1алг1аялъе.

 

Просмотров: 535 | Добавил: NiGMaT | Дата: 06.11.2014 | Комментарии (0)

Харабазул т1алаб-агъазалда.

Социалияб рахъалъ ц1унич1ел хъизамазул кумекчаг1и.

Г1адамал х1алт1уда хьезари.

Пенсиял заманалда щола.

Социалияб кумек дурусго.

Ракъазулгун мал-мулкалъул иш рук1алиде ккезелъун.

Налогал рак1ари роц1ун буго.

Бук1инеселъе  тарих ц1унулел.

Улкаялъул божараб къолден.

Г1адамазул парахалъиялъул хъаравуллъуда  

Просмотров: 748 | Добавил: NiGMaT | Дата: 06.11.2014 | Комментарии (0)

Жакъа къоялда районалъул сахлъи ц1униялъул учреждениязда х1алт1и г1уц1ун буго ц1иял модернизациялъулал къаг1идабаздаса пайдаги босулаго районалъул г1адамазе гьабулеб медицинаялъулаб хъулухъ лъик1лъизабиялде щибаб къойилаб к1варги кьолаго.

Просмотров: 610 | Добавил: NiGMaT | Дата: 06.11.2014 | Комментарии (0)

Автор.Ф.Мух1амадова.Ноябрь 2014с.


Шагьрудин Шамхаловасулгун лъикаб гьудуллъи бук1аразул , гьевгун цадахъ х1алт1изе ккаразул цояв  вуго нилъер районалъул ч1ух1илъун жив кколев, Социалистияб Зах1маталъул  бах1арчи, к1иго Ленинил орденалъул кавалер, жамг1ияв ва политикияв х1аракатчи Мух1амад Махулович Махулов. Гьалмагъасул, г1елбащадасул х1акъалъулъ жиндирго рак1алдещвеял рикьана Мух1амад Махуловичас нужее, х1урматиял газета ц1алулел.

 

Просмотров: 661 | Добавил: NiGMaT | Дата: 06.11.2014 | Комментарии (0)


by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz