Ле, баракатаб дир халкъ, г1инт1аме дир гьаялъухъ!
-Рац1адал иццаздалъун, рекьулел ракьаздалъун, рик1к1ен г1емерал рехъабаздалъун гьедула-дун кидаго вук1инаро къарумавлъун;
-багьадурал узденазул мал-мулкалдалъун, жеги мунагь-хат1аб лъаларел гьезул лъималазул ц1аралдалъун гьедула-дица лъиениги ч1ух1и гьабизе гьеч1о;
-Рагъухъанасул къадруялдалъун гьедула-дун х1инкъаравлъун вук1инаро.
-Рорхатал муг1руздалъун, гъваридал ралъадаздалъун гьедула, дица нуж г1одорег1ан гьарун, диего т1адег1анлъи гьабиларо.
- Дир эбелалъул берзул балаялдалъун, дун хьихьаралъул каранзул рахьалдалъун, дида хадуб т1ураб маг1уялдалъун гьедула-дун вах1шиявлъун вук1инаро;
-Мукъадисаб Къуръаналдалъун, Т1адег1анав Аллагьасул ц1араздалъун гьедула рак1бац1ц1адавлъун вук1ине;
-Ц1ар арал умумузул, дир улкаялъул г1ун бач1унеб г1елалъул ц1аралдалъун гьедула дирго халкъалъул т1алаб гьабилилан;
-Рокьул балъголъиялдалъун, дирго рак1алдалъун гьедула чорокаб-къабих1алдаса рик1к1ад ч1езе;
-Пикрудал борхалъудалъун, яргъил гучалдалъун гьедула, зулмучилъун, рагъул кор боркьулевлъун вук1инаро.
-Нуцаласул ц1аралдалъун, хунздерил бечелъиялдалъун гьедула, дирго гьудул-гьалмагълъиялъе, пикруцоязе хиянатлъиларилан;
-Таваккалаб рух1алдалъун, г1акъиллъиялъул хазинабаздалъун гьедула дир умумул, гьезулги умумулго г1адин к1алухъ рух1 бук1аго тушманасде данде вагъизе.
-Дунявиябги ахираталъул г1умруялх1аги дун вук1ина нужее лъик1ав х1акимлъун;
-Дирго тахалдалъун гьедула-угъращал къажараздаса къисас босила.
|