Понедельник, 29.04.2024, 00:32 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Ноябрь » 6 » РАЙОНАЛДА ГЬАРУРАЛ Х1АЛТ1АБИ ДАГЬАЛ ГЬЕЧ1О.
14:52
РАЙОНАЛДА ГЬАРУРАЛ Х1АЛТ1АБИ ДАГЬАЛ ГЬЕЧ1О.

Ц1игьулдерил хъутаналда х1алт1изе биччана Италиялъул къаг1идаялда ражиялда т1ад  х1алт1и  гьабиялъул автоматикияб линия.
- Харахьи росулъ «Олененок» ясли-ахалда гьабуна капиталияб ремонт.
- Районалда бан раг1алде бахъунеб буго г1емерфункциязулаб центр (МФЦ). Гьениб г1адамазе хъулухъ гьабизе буго 16 чияс.
- Ц1ияб Буц1ра росулъ рагьана фельдшерлъиялъулгун-акушерлъиялъул пункт.
- Райцентр берцин гьабиялъул мурадалда ч1ч1ана нак1к1ил, махил ва туялъул 500-го г1анасеб гъвет1.
- Районалъул диниял церехъаби ва г1алимзаби к1одо гьариялда хурхунги гьабуна районалъул нухмалъулес ц1айи бугеб х1алт1и. Гьедин,  къач1ана Г1обода Мух1амад-х1ажил, Г1орот1а Х1асан-шайихасул ва  Хунзахъ Гвандини шайихасул зияратал.
- Ахиралде рак1арун руго Байикь бугеб  лъим бац1ц1ад  гьабиялъул сооружениялда гьарулел ругел х1алт1аби.
- Заг1иб рагьана ункъго районалъе жиб г1ахьалаб асфальталъулгун бетоналъул завод.
- Макьасда  кьуч1 лъуна  курорталъулабгун туристазул комплекс баялъе.
- Гъоркьколо  х1алт1изе кьуна фельдшерлъиялъулгун акушеразул пункт.
- Райцентралда лъик1аб ремонт гьабун  х1алт1изе кьуна, сверухъе скамейкаби лъун, гъвет1-хер ч1ун къач1араб берцинаб фонтан.
- Райцентралъул аслияб къот1ноб х1алт1изе байбихьана «Система уличного радио» программаялда рекъон радио.
- Г1обода бан лъуг1улеб буго киналго шарт1ал жанир  г1уц1араб ясли-ахалъул  мина.
- Хунзахъ росулъ бан лъуг1ана наибзабазул парк.
- Шотода росулъ нилъер ракьцоял сахаватчаг1и Зиявудин ва Мух1амад Мух1амадовазул инвестицияздалъун бан лъуг1ана ц1ияб ясли-ах.
- Харахьи больницаялъ т1адеги бан лъуг1улеб буго ц1ияб корпус.
- Гъонохъ росулъ аслияб къот1ноб т1уна асфальт, гьединго г1ат1ид гьабун къач1алеб буго Г1араниса Гъонохъе  унеб нухги.
- Харахьи гьоркьохъеб школалда гьабуна капиталияб ремонт.
- Нак1к1икь х1алт1изе кьуна ц1ияб  байбихьул  школалъул мина.
- Байикь росулъ школалда гьабуна капиталияб ремонт.
- Г1орут1а лъуна ц1иял трансформаторал ва  канализациялъул трубаби.
- Ахидунибе бахъун лъуг1ана нух.
- Мущули библиотекаялдаги росдал администрациялдаги гьаруна лъик1ал ремонтал.
- Гьит1инаб ва К1удияб Гьоц1алъ ясли-ахазе гьабуна капиталияб ремонт.
- Самилахъ хъутаналда къач1ана нухал.
- Х1ариколо 300 м. халалъиялда гьабуна лъел ц1ияб мухъ.
- Харахьи лъуна ц1ияб трансформатор.
- Гьамищт1а ва Жалакьури къач1ана нухал.
- Г1ахьалч1и 250 м. манзилалда хисана лъел трубаби.
- Г1ахьалч1и росулъ хисана трансформатор.
- Лъаг1илухъ лъуна ц1ияб трансформатор.
- Лъег1елдерил хъутаналда балеб буго  мажгит.
- Г1урк1ач1иб росулъ лъуна ц1ияб  трансформатор, рагьана ц1ияб медпункт.
- Гьамущи росулъ хисана лъел трубаби.
- Ц1ада къач1ана лъел мухъ.
- Гъонохъ т1ад ран унел руго байбихьул школа лъуг1изабиялда хурхарал х1алт1аби.
- Хунзахъ бан лъуг1улеб буго квег1енаб, жакъасел т1алабазе жаваб кьолеб футбол х1алеб майдан.
- Хьиндахъ 3500 м. манзилалда  бахъана  ц1ияб лъел мухъ.
- Хьиндахъ лъуна ц1ияб трансформатор.
- Буц1ра росулъ хисана  трансформатор, ва 11 токалъул х1уби
- Уздалросулъ лъуна ц1ияб трансформатор.
- Т1агьада росулъ къач1ана лъел мухъ ва Уздалросулъ къач1ана аслиял нухал.
- Бакьагьеч1и школалда хисана гордал.
- Ч1ондокь росулъ бан лъуг1ана ц1ияб байбихьул школа.
- Хашта хъутаналда рагьана фельдшеразулгун  акушеразул пункт ва бахъана  ц1ияб артезианалъул лъел скважина.
- Г1ехьелдерил Ахтини хъутаналда бан лъуг1ана ц1ияб спортзал.
- Хунзахъ райбольницаялда лъуна  бакъул энергиялдаса пайдаги босун бух1араб лъедалъун больница  хьезабулеб система.
- Г1араниса Хунзахъе рач1унеб нухлул свери (кольцо) т1егь-хер ч1ун берцин  гьабуна.
- Г1орут1а х1ор къач1ана.
- Т1асияб Г1ахьалч1и нухда лъуна 500 мм. диаметралъул ц1иял трубаби.
- Харахьи ясли ахалъе т1адеги ц1ияб группа рагьана  ва минаялъе гьабуна ремонт.
- Харахьи росдал  т1асияб рохъалда гьабуна  гьекъолеб лъим ц1унулеб  к1иго бассейн.
- Лъаг1илухъ культураялъул рокъоб лъуна 80-го скамейка ва 5 бак1.
- Х1арисезул Баг1араб росу хъутаналда рац1ц1ад гьаруна лъалъадулел лъел мухъал.
- Ц1ада росулъ 170 м. манзилалда гьабуна канализациялъулаб мухъ, къач1ана лъел мухъги.
- Раг1алде рахъинаруна Ц1ада «Хъах1ал къункъраби» мемориалияб комплексалда гьарулел х1алт1аби.
- Гьамущи росдал х1ажатазе ва мадрасаялъе С. Юсуповас жиндирго сурсатаздасан кьуна 130 азарго гъурущ.
- Гьамущи 400 м. манзилалда къач1ана нух.
- Шотода росдал х1ажатазе С. Юсуповас жиндирго сурсатаздаса кьуна 80-азарго  ва хабалалъе нух къач1азе 50 азарго гъурущ г1арац.
- Къач1ана Г1орут1аса Хьиндахъе унеб нух ва Хьиндахъ х1ор.
- Буц1ра рагьана ц1ияб медпункт ва Г1алъада нухда бана кьо.
- Уздалросулъ администрациялъе мина базе районалъул бет1ерасул жиндирго сурсатаздасан  кьуна 100 азарго гъурущ, гьединго лъел мухъ бахъизеги  гьебго 100 азарго,  Бакьагьеч1и мажгиталъе  50 азарго, Т1анусдерил хъутаналд  мажгит къач1азе 30 азарго, Т1ануси Ш. Шамхаловасул юбилеялъул х1урматалда  т1обит1улеб  турниралъе биччана 100 азарго гъурущ.
- Г1орут1а нух къач1ана ва 14 км манзилалда къач1ана ахал лъалъалел рахъал. Цо километралдасаги ц1ик1к1ун  манзилалда боц1удаса мегъ ц1унизелъун ккуна сетка. Хисана  хварал, турарал токалъул х1убал.
- Гьамщадерил хъутаналда 5 километралда къач1ана нух.
- Т1адколо школалде бачана ток.
- Хунзахъ М. Г1алихановасул ц1аралда бугеб къот1ноб къадазда ккуна  къоно ва лъуна маххул забор.
- Гиничукье ва Г1араниб росдал къват1ахъе баччана чабах.
- Хунзахъ Чотода авалалда лъуна  канализациялъул трубаби.
- Хунзахъ, Гиничукь, Г1орут1а ва цогидал росабалъги къач1ана иццал, къват1ал, бажарараб кумек гьабуна  басралъарал токалъул мухъал  хисизеги.
- Гьоц1алъ гьабуна  лъималазе бассейн.
- Гьоц1алъ нухал чабах бан къач1ана.
- Харахьи росулъ къач1ана нух.
- Харахьи больницаялда гьабуна капиталияб ремонт.
- Харахьи иццул бет1ер къач1ана.
- Жалакьури ва Гьамищт1а къач1ана 5000 м. манзилалда лъел мухъ.
- Г1ахьалч1и ясли-ахалда гьабуна ремонт.
- Сивухъ  гьабуна лъим ц1унулеб бассейн.
- Гъоркьколо рагьана медпункт.
- Г1обода школалда хисана гордал, нуц1би ва гьабуна ремонт.
- Чабах баччун къач1ана  Г1обода росдал нухал.
- Гъоркьколо гьабуна ц1ияб лъел мухъ.
- Гьамущи гьабуна ц1ияб канализациялъулаб мухъ.
- Шотода хисана 2 трансформатор.
- Хьиндахъ гьаруна лъалъадулеб лъел каналал ва х1ор.
- Моч1охъ школалда гьабуна капиталияб ремонт.
- Ц1ияб Буц1ра гьабуна 6 км. манзилалда лъел мухъ.
- 9 км. манзилалда къач1ана К1ахъа Буц1рабе унеб нух.
- Ц1ияб Буц1ра бугеб нухда бана ц1ияб кьо.
- Т1агьада школалда хисана трансформатор.
- Гьит1инаб Гьоц1алъа Уздалросолъе унеб нух чабах бан къач1ана.
- Гъоркьколоса  Бакьагьеч1ибе гьабуна ц1ияб лъел мухъ.
- Г1арани росдал къват1ал чабах бан къач1ана.
- Г1арани бахъана  канализациялъул мухъ., школа сверун лъуна беричаб забор.
- Гиничукь къач1ана нухал ва росулъ жаниб гьабуна газалъул разводка.
- Хунзахъ Байикье унеб нух къач1ана.
- Байикьа Ч1ондокье унеб нух къач1ана, гьединго Ч1ондокь бана  спортивияб майдан.
- Райцентралда г1емерисел г1уц1абазул минабазул т1охал хисана.
Данде росана Ислам  Мух1амадовас.

 

Просмотров: 533 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz