Понедельник, 29.04.2024, 05:51 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Ноябрь » 6 » РАЙОНАЛЪУЛ Г1УЦ1АБИ- ХАЛКЪАЛЪЕ ХЪУЛУХЪАЛДА.
14:11
РАЙОНАЛЪУЛ Г1УЦ1АБИ- ХАЛКЪАЛЪЕ ХЪУЛУХЪАЛДА.

Харабазул т1алаб-агъазалда

Районалда  халкъалъе  социалияб хъулухъ гьабиялъул  центр рагьана 1995 соналъул 1 сентябралда. Гьелъул т1оцевесе нухмалъулевлъун  вук1ана  Х1ажиев Шихмирза. 1998 соналдаса  жакъа къоялде щвезег1ан централъе бажарун нухмалъи гьабулеб буго Дибирчуев Х1ажи Мух1удадаевичас. ЦСОНалда руго хадур рехсарал отделениял:  аппарат – гьенив х1алт1улев вуго 10 чи; «Отделение социального обслуживания на дому» – гьединаб щуго отделениялда г1адамазе хъулухъ гьабула 87 чияс; «Отделение срочной социальной помощи на дому»; «Отделение дневного пребывания» - гьенир х1алт1улел руго микь-микь чи.

Исана лъаг1алил байбихьуда къана больницаялда бук1араб хьихьизе чи  гьеч1ел харабазул т1алаб гьабулеб бук1араб социалиябгун  реабилитациялъул  отделение. Хадуб къана социалиябгун медицинаялъул хъулухъ гьабулеб отделениеги.

Гьенир г1адамазе хъулухъ гьабулеб бук1ана анлъго медсестраялъги.  Исана рагьана ц1ияб «Отделение дневного  пребывания». Централъул отделенияз т1алаб гьабула  ялгъузал ц1ик1к1араб ригьалъул г1адамазул (цо моц1алъ 470 чиясул), кумек х1ажатал I, II группабазул инвалидазул, гьединго кумек гьабула  ресукъазеги, зах1матаб ах1вал-х1алалде ккаразеги гьабула  материалияб, малъа-хъваялъулаб кумек.

 

Социалияб  рахъалъ ц1унич1ел хъизамазул кумекчаг1и

13 соналъ хъизамазе ва лъималазе социалияб кумек гьабиялъул центр (ЦСПСД) районалда х1алт1улеб буго 2001 соналъул  1 июналдаса нахъе. Рагьаралдаса нахъе гьелъие бажарун нухмалъи гьабулеб буго Г1абдулмаликов Г1абдулмалик Дибирх1ажиевичас. Г1уц1иялда руго хадусел отделениял:"Отделение срочного социального обслуживания", «Отделение дневного пребывания  несовершеннолетних»,  «Отделение психолого-педагогической помощи», «Отделение помощи  женщинам, оказавщимся  в трудной жизненной ситуации», «Отделение  профилактики безнадзорности несовершеннолетних», «Отделение приема и консультирования граждан».

Централъ г1адамазе гьабула социалиябгун ихтияразулаб, социалиябгун  экономикияб, социалиябгун педагогикияб,  социалиябгун психологияб, социалиябгун рук1а-рахъиналъулаб ва гь.ц. кумек.

Жакъа къоялъ отделенияз хъулухъ гьабула 460 ресукъасе, гьезда гьоркьоса 19 хехаб  кумек х1ажатасе, 333 лъимер-инвалидалъе, гьезда гьоркьоса зах1матаб унти бугеб 48  лъимералъе, эмен (эбел) хварав 98, биххараб 69 хъизамалъе, жалго  жидецаго лъимал хьихьарал 38 эбелалъе, лъимал г1емерал 110 хъизамалъе, къайимлъиялда лъимал ругел 41 хъизамалъе, 54 зах1матаб хъизамалъе ва профилактикияб хъвай-хъваг1иялда бугеб 10 лъимералъеги.

Ахирисеб щуго соналда жаниб централъ 31552 бат1и-бат1ияб кумек гьабуна 15213 чиясе.

 

Г1адамал х1алт1уда хьезари

Г1адамазул г1умруялъулъ ц1айи бугеб  бак1 кколеб  г1адамал х1алт1удалъун хьезариялъул центр районалда рагьана 1991 соналъ, гьелда ц1арги бук1ана «Г1адамал х1алт1удалъун хьезариялъул бюро» абун. Хадуб гьелъул ц1ар чанго нухалъ хисана, 2004 соналъ гьелъие кьуна гьанжесеб ц1ар. Централъул  т1оцевесев нухмалъулевлъун вук1ана Дарбишев Х1ажияв. Хадусел соназ гьелъие нухмалъи гьабуна  Х1ажиев Шамилица,  Х1айдарбеков Бат1алица, Г1аммаев  Х1амзатица. 2002 соналдаса нахъе гьелъие нухмалъи гьабулеб буго  Гъазиев Гъазияс. Централда руго «Отдел трудоустройства», «Отдел профобучения», «Отдел социальной защиты», «Инспектор по  начислению пособий» ва гь.ц. кинавниги 10 х1алт1ухъан. Централъ кумек гьабула х1алт1и гьеч1ого хут1арал г1адамазе. Исана соналъул 9 моц1алда жаниб централде вач1ун вуго 1999 х1алт1и  х1ажатав чи, гьез х1алт1удалъун заманаялъ хьезарун руго 1112 чи.  Жакъа къоялде х1алт1и гьеч1олъиялъухъ пособие кьола 507 чиясе.

 

Пенсиял заманалда щола

Нилъер районалда пенсионнияб фондалъул отдел   рагьана 1990 соналъул  декабралда ва гьеб бук1ана администрациялъул минаялъуб. Гьеб мехалъ гьенив х1алт1улев вук1ана 2 чи. Хадусел соназ банкалъул к1иго рокъоб бук1араб фонд 2007 соналъ бахъана ц1ияб  минаялъубе.

Гьабсаг1ат пенсионнияб фондалда буго 3 отдел: пенсиязул х1алт1аби гьариялъул, страховиял взносазул х1алт1аби  гьариялъул ва г1адамазулгун х1алт1аби гьариялъул. Управлениялда х1алт1улев вуго 20 чи. Фондалъул учеталда вуго 7 азаргоялдаса ц1ик1к1ун пенсионер ва 3 азаргоялдаса ц1ик1к1ун ЕДВ щолев.

Улбузулал сертификатал кьезе  байбихьаралдаса гьеб х1алт1иги  т1аде бач1ана пенсионнияб фондалъул управлениялде. Гьедин, гьез кьун буго 1700-ялдаса ц1ик1к1ун сертификат. Гьеб гуребги, 2010 соналдаса нахъе фондалде т1аде бач1ана  страховиял взносал рак1ариялъул х1алт1иги.

1990-2001 соназ фондалъе нухмалъи гьабуна Майндурова Хадижатица, хадуб г1емерал соназ  - Муртазаг1алиев Сайгидубаталица. Ахирал соназ гьелъул нухмалъулеллъун рук1ана Мух1амадов Руслан, Х1ажиев Мурад. Араб соналдаса нахъе  пенсионнияб фондалъе бажарун, г1адамал разияб х1алалъ нухмалъи гьабулеб буго лъик1ай муъминч1ужу, рит1ухъай руководитель Ах1мадова Пат1имат Халилбеговнаялъ.

П. Гунашева.

 

Социалияб кумек дурусго.

Исана 75 сон т1убала г1адамал социалияб рахъалъ ц1униялъул управление г1уц1аралдаса. Гьелъие кьуч1 лъуна т1оцебе 1939 соналъ Хунзахъ районалъул депутатазул ва зах1матчаг1азул Советалда цебе г1уц1ун бук1араб цоцазе общественнияб кумек гьабиялъул класс абун ц1ар лъураб г1уц1иялъ.

Гьеб учреждениялъул х1алт1ухъабазул аслияб ишлъун бук1ана ригь арал г1адамазе, инвалидазе пенсиял, язихъазе пособиял кьей. Учреждениялъул нухмалъулев командировкаялде унаан бат1и-бат1иял росабалъе ва колхозазде колхозниказул ва цогидалги хъулухъчаг1азул зах1маталъул книжкабазде х1алт1ул къоял бит1ун росун ругищали хал гьабизе.

1943 соналда гьеб г1уц1иялда Пачалихъияб хьезариялъул ва рагъулал хъулухъчаг1азе хъулухъ гьабиялъул отдел (ОГО) абун ц1ар хисана.

1946 соналдасан ОГОялда Собесалде сверизабуна.

Гьениб х1алт1улев вук1ана 6 чи. 1948 соналдаса бахъараб 1993 соналде щвезег1ан гьеб х1алт1улеб бук1ана социалияб хьезариялъул отдел,-илан абураб ц1аралда гъоркь.

1993 соналъ гьелъие г1адамал социалияб рахъалъ ц1униялъул управление абураб ц1ар кьуна.

Социалияб рахъалъ г1адамал ц1униялъул управлениялда руго хъизаназе ва лъималазе пособиял кьеялъул, хъизаназул, руччабазул ва лъималазул ишал т1ураялъул, ригь арал г1адамазул ва инвалидазул социалиягун рук1а-рахъиналъул суалал т1ураялъул, ветераназулгун х1алт1и гьабиялъул, кадрабазул ва делопроизводствоялъул иш гьабиялъул, бухгалтерлъиялъулаб х1исаб-суал гьабиялъул, социалиял выплатаби кьеялъул г1уц1иял.

Гьабсаг1аталда жаниб районалда вуго анлъазаргоялдасаги ц1ик1к1ун чи социалияб кумек щолев. Гьездасан 11 чи ккола К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1и ва инвалидал, зах1маталъул ветеранал-1144 чи, тылалда х1алт1арал-318 чи, 1068-лъимал г1емерал хъизанал, 420-лъимал-инвалидал ругел хъизанал, цойгидал инвалидал-2311 чи, репрессиялде ккарал-16, радиациялъул, катастрофаялъул г1ахьалчаг1и-10. Гьезул щивасул руго социалиял паспортал ва щивасул личное делоги. Гьезие киназего гьарула бигьалъаби.

Гьабсаг1аталда управлениялъе нухмалъи гьабулеб буго Г1алиев Булат Мух1амадовичас.

 

Ракьазулгун мал-мулкалъул иш рук1алиде ккезелъун

Гьаб соналъул февраль моц1алъул байбихьуда районалда ункъго бат1и-бат1ияб отделги данде гьабун г1уц1ана ц1ияб - архитектураялъул, ЖКХялъул, ракьул ва мал-мулкалъул гьоркьор лъабазул отдел. Отделалда х1алт1улев вуго 4 специалист: райархитектор, ракьул гьоркьорлъабазул, ЖКХялъул, мал-мулкалъул гьоркьорлъабазул специалистал ва секретарь делопроизводитель. Отделалъе нухмалъи гьабула цебе Росреестралъул Кизилюрталда районазда гьоркьосеб управлениялъул бет1ерав специалистлъун х1алт1улев вук1арав Г1амирханов Г1амирханица. Чанго специалист цолъизабураб отдел г1уц1игун гьезул х1алт1и г1езег1ан ц1ик1к1ана.

 

Налогал рак1ари роц1ун буго

Гьанжесеб заманаялъул г1умруялъулъ цо хасаб бак1 ккола налоговияб инспекциялъ. 1990 соналъ финотделалдаса бат1а гьабуна районалъул налоговияб инспекция. РФялъул президентасул указалдалъун 1991 соналъ гьеб гьабуна жибго жиндаго ч1араб г1уц1илъун. Инспекциялъул т1оцевесев нухмалъулевлъун вук1ана Мух1амадг1алиев Мух1амад, гьениб х1алт1улевги вук1ана 6 чи. Хадусел соназ инспекциялъе нухмалъи гьабуна Батиров Саг1адулагьица, 2002 соналдаса нахъе  Хатиев Мух1амадица. 2011 соналдаса нахъе гьелъие нухмалъи гьабулеб буго Шамил районалдаса Шабанов Мух1амадица.

2002 соналде щвезег1ан гьелда бук1ана х1укуматалъул Хунзахъ районалъул налоговияб инспекция абураб ц1ар, 2002 соналъ нилъер ва Шамил районазул инспекциял цоцазде рехиялдалъун гьеб лъугьана районазда гьоркьосеб инспекциялъун.

№13 МРИ ФНСалда буго 7 отдел: «Отдел учета и Отчетности», «Информационно-аналитический отдел», «Юридический отдел», «Отдел работы с налогоплательщиками», «Отдел камеральных проверок» «Отдел выездных проверок», «Отдел общего обеспечения».

Инспекциялда х1алт1улев вуго 60-саги ц1ик1к1ун чи, нилъер районалда вуго 19 чи.

Районалда налогал рак1ари т1адег1анаб даражаялда буго. Исана 9 моц1алъул бюджеталъул план 63 млн. 349 азарго гъурущ буго, нижеца бак1арун буго 94 млн.472 азарго гъурущ, ай план т1убазабун буго 149 проценталъ. Росабазул администрацияздасан бач1унеб налог бак1ари т1убазабун буго 134 проценталъ. Республикаялъул бюджеталде рехун буго 84 млн. 477 азарго гъурущ, федералияб бюджеталде -7 млн. 239 азарго гъурущ.

 

Бук1инеселъе  тарих ц1унулел

Районалда лъугьараб-тараб, к1вар бугел х1ужаби халкъалъе баян гьабулел г1уц1абилъун ккола «Росдал зах1матчи» газеталъул редакция ваХунзахъ бак1алъулаб телевидение.

Редакциялъ нахъа тана бечедаб, г1емер соназулаб тарих. Гьелъ 2015 соналъ бала 90 сон. Т1оцебе районалда газета къват1ибе биччана «Маг1арулав», хадуб «Маг1арул колхозчи» ц1аразда гъоркь, 1962 соналдасанахъе газета къват1ибе унеб буго «Росдал зах1матчи» абун. Газеталъе редакторлъи гьабуна Ч1охъа Абакаровас, халкъияв поэт Заид Х1ажиевас, Х1амид Темирхановас, Гьолокьа Мух1амадмирза Мирзоевас ,Гъуниса Казиевас, Ч1охъа Пакъаловас, Г1умар Гьит1иновас, Мух1амад Ибрагьимовас, Мух1амад Батировас, Гъайрбег Арбулиевас, Мух1амад Майндуровас, Муртаза Локаловас, Т1алх1атулхайир  Х1ажиевас, Шамил районалдаса  Мух1амад  Мирзоевас, Мух1амад Гайдаловас, Камалудин Г1абдуразакъовас, Шамил  Мух1идиновас, Мух1амадх1ажи Юсуповас, Мух1амад Патах1овас,Сундус Х1ажиевалъ. Гьанже гьелъие нухмалъи гьабулеб буго Фат1имат  Мух1амадовалъ.

1965 соналъ гьазета мустах1икълъана ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул  Х1урматалъул грамотаялъе, 1985 соналда СССРалъул ВДНХялда бук1араб  выставкаялда гьелъие щвана лъабабилеб даражаялъул диплом ва  х1алт1ухъабазе мазгарул медалал. Жакъа къоялде лъаг1ан къват1ибе биччана 9731 номер газеталъул.

Бак1алъулаб телевидение бихьула нилъер районалда гуребги, мадугьалихъ ругел районаздаги. Гьелъие нухмалъи гьабуна  Х1амзат Мух1умаевас, Гъайирбег Къурамух1амадовас, Камил Ибрагьимовас.  Эфиралда ругелдаса балеб бугеб 15 соналда жаниб гьезул лъугьана гъункараб, бажари-махщел бугеб коллектив.

 

Улкаялъул божараб къолден 

Россиялъул федералияб г1орхъаби ц1унулезул хъулухъалъул директорасул хасаб буюрухъалда рекъон г1уц1ана ва 1995 соналъул 1 августалда жиндирго т1адал ишал т1уразе байбихьана Хунзахъ погранотрядалъ.

К1удияб ва бихьулеб х1алт1и гьабуна нахъа тараб 19 соналъ гьит1инабго г1уц1иялъ Ват1аналъул Югалъулал г1орхъаби ц1униялъеги гьел щула гьариялъеги. Х1алт1ийин абуни г1емераб бук1ана г1иц1ал муг1рузда цадахъго рагъулаб налъиги т1убан, рук1а-рахъиналъе шарт1алги г1уц1изе ккарал гьезул. Къокъаб заманалда бан х1алт1изе кьуна киналго шарт1ал ругеб чанго застава, Г1арани рана штабалъе ва офицерзабазе минаби. Ракълилаб бук1аниги зах1матаб заманалда рак1бац1ц1адго т1уразарулел руго г1орхъаби ц1унулез жидедаго т1адал ишал. Россиялда цоги гьеч1о ракълилаб заманалда лъабго г1ун Ват1аналъул т1адег1анаб шапакъат-Бах1арчиясул ц1ар щварал г1олохъаби жанир рахъарал отрядал. Азаралда щунусгог1ан чи лъик1аб харжгун х1алт1улев вуго жакъа заставабазда гьезул.

 

Г1адамазул парахалъиялъул хъаравуллъуда

Октябралъул революциялдаса хадусел соназ хъачагъазулгун ч1вадарухъабазул хут1елал ва т1олабго такъсирчилъи т1аг1инабизелъун, улкаялдаго рагъулабгун политикияб ах1вал-х1ал ч1ара-хьараблъун гьабизе унеб бук1ана рах1му гьеч1еб рагъ. Гьеб къеркьеялъул цересел кьералъ бук1ана милиция. Район г1уц1ун т1оцересел  соназго нилъер гьанибги х1алт1изе лъугьана милиция. Г1уц1аралдаса жакъа къоялъги гьелъул х1алт1ухъабазда цебе ч1араб масъалалъун бук1ана г1адамазул парахалъи ц1уни. Жидерго т1адаб налъиялъе рит1ухъал бах1арчиял г1олохъабаз хъулухъ гьабула милициялъул кьералъ. 1920-30 соназ Дагъистаналъул милициялъул наркомлъун вук1ана Атаев Абулмуслим. Республикаялъул бат1и-бат1иял районазда милициялъул нухмалъулеллъун, х1алт1ухъабилъун рук1ана г1емерал районцоял. Ват1аналде къо ккедал  рагъдаги гьениса т1урарал хъачагъазде данде муг1руздаги рагъулел рук1ана 10-10 бах1арчиял нилъер ракьцоял. Рагъдаса хадусел соназги бихьизабуна гьез бах1арчилъиги къох1ехьейги.

Цебе милициялда х1алт1арал гьалмагъзабаз бихьизабураб ишги цебе бачунаго, жакъа районалъул жанисел ишазул отделалъул х1алт1ухъабаз щибаб къойилаб х1алт1и гьабулеб буго районалда такъсирчилъи т1аг1инабиялъе ва ккарал такъсириял ишалги рагьун гьеб гьабурал г1адамал къват1ир ч1вазариялъе, халкъалъул парахалъи ц1униялъе. 

 

                       

 

 

Просмотров: 746 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz