Понедельник, 29.04.2024, 04:52 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Ноябрь » 6 » МАДАНИЯТУЛ ССИ БОРХАТГО ККУРАЛ.
14:30
МАДАНИЯТУЛ ССИ БОРХАТГО ККУРАЛ.

«Культура – гьеб ккола  г1адатиял г1адамал халкълъун, миллатлъун лъугьинабулеб байбихьи»  (Д. С. Лихачев).

Нилъер районалда кидаго церет1урал  рук1ана маданиятги адабиятги, рук1ана к1алзул гьунаралъул, кеч1-бакъаналъул  устарзабиги. Бищун цебе маг1арулаз театралъе кьуч1 лъуна нилъер районалда. 1925 соналъул 11 сентябралда бахъараб «Баг1араб Дагъистан» газеталда хъван бук1ана г1олилаз бихьизабураб спектаклялъул. Хадусел соназда театралияб искусство цебет1езе лъугьана районалда.

Дагъистаналъул совнаркомалъул х1укмуялдалъун 1935 соналда Хунзахъ рагьана аваразул профессионалияб театр. Гьелъул т1оцевесев директорлъун вук1ана  Г1абдурах1ман Магаев. Т1оцересел  актераллъун рук1ана М. Гьит1инов, С. Г1алибеков, З. Набиева, Д. Халилбеков, К. Х1усенов, М. Г1умаров, М. Гьит1инова. 1943 соналъ театр бахъана Буйнакск  шагьаралде. Гьебго соналъ районалда г1уц1ана т1оцебесеб культураялъул отдел. Гьелъие нухмалъи гьабуна М. Майндуровас, А. Х1амзатовас, Бакьагьеч1иса Хочбарица, Г1. Мух1амадовас, хъ. Мух1амадовас, М. Т1алх1атовас,  А. Гьиматовас, П. Мух1амадовалъ, Гъ. Г1амировас, М. Г1умаровас, М. Саг1адулаевас, С.Х1айдарбековас ва М. Х1асановас. Гьаб соналъул май моц1алда нахъе культураялъул отделалъе нухмалъи гьабулеб буго Ирайгьанат Мух1амадовалъ.

1957 соналъ Хунзахъ т1обит1араб районазда гьоркьоб халгьабиялда хунздерил хоралда вук1ана 100-саги ц1ик1к1ун чи. Хунзахъ культураялъул рокъоб бугеб театр г1уц1ана 1969 соналда, «халкъияб» абураб ц1ар гьелъие  кьуна  1972 соналда. Театралъул режиссер ккола  Бигьда Мух1амадова. 1998 соналда г1уц1ана «Г1акаро» фольклориябгун хореографиялъул  ансамбль. Ансамблялъе нухмалъи гьабуна ДРялъул культураялъул  мустах1икъав  х1алт1ухъан Жамал  Мусалаевас. Гьабсаг1ат нухмалъи гьабулеб буго Хьаргабиса Шаг1банов  Мух1амадица.

Районцоял рахана культураялъул  ч1ах1иял борхалъабазде. Дагъистаналъул культураялъул  министраллъун рук1ана Х1амид Темирханов, Г1алиасх1аб Х1амзатов, Зумруд Губаханова, Дибир Мух1амадов, Х1ажи Х1амзатов.

Авар театралъул ц1ар гвангъизабуна Россиялъул халкъияв артист  М. Г1абдулхаликъовас, Россиялъул мустах1икъал артистал Б. Инусиловас, С. Меджидовалъ, Дагъистаналъул халкъиял артистал Г1. Магаевас, Х1. Казиевас, ДРялъул мустах1икъал артистал М. Г1умаровас, М. Батировас. Творчествалъул нух Хунзахъан байбихьана композитор Майндур Т1алх1атовас, коч1охъаби Даку Асадулаевас, Пат1имат Х1ажиевалъ, Халисат Х1амидовалъ.

Районалъул  росабазда гьоркьосел культуриябгун  х1ухьбахъиялъул  централъул (МКДЦ) росабалъ руго 41 филиал.  МКДЦялъе нухмалъи гьабулеб бук1ана Х. Т1алх1атовалъ, гьанжег1агар гьелъул нухмалъулевлъун т1амуна Мух1амад Гьит1инов. Гьенибго рагьана Россиялъул халкъазул  культураялъул центрги.

Районалда «ДРялъул мустах1икъай артистка» ц1аралъе мустах1икълъана З. Г1арабова ва Г1. Тажудинова, культураялъул  мустах1икъал х1алт1ухъаби ккола М. Х1асанов (Т1агьада), З. Мух1амадов (Шотода), П. Батирова  (Гъонохъ), П. Султ1анова (Гьамущи), М. Г1умаров (Гьац1алухъ), Н. Гъазиев (К1ахъ). Ахирисеб 8-9 соналъ районалъул  культураялъул  х1алт1ухъаби цере рахъана  Майкопалда, Краснодаралда, Чебоксаралда, Калмыкиялда, Бакуялда, Массалалда ва гь.ц.  бак1азда.

Лъик1аб даражаялда руго маданияталъул цогидал  г1аркьалабиги. Библиотекабазе кьуч1 лъуна изба-читальнаяздасан. Хунзахъ т1оцебе гьединаб рукъ бук1ана Зайнабил Салих1атил  бак1алда.

1976 соналъ библиотекаби цолъизаруна  централизованияб системаялде. Районалда буго  централияб, гьелъул росабалъ ругел 25 филиал, лъималазул библиотекаби. «ДРялъул  мустах1икъав культураялъул х1алт1ухъан»  ц1ар щвана П. Хочоевалъе, Р. Мух1амадовалъе (ЦБС), П. Ях1яевалъе (Т1ануси). ЦБСалъе нухмалъи гьабулеб буго П. Гьиматовалъ.

Районалдаса рахъана машгьурал художникал Россиялъул халкъияв художник Мух1амад Жамалудинов, Россиялъул мустах1икъав художник ва СССРалъул  Репинил  ц1аралъул премиялъул лауреат Базарган Гьиматов, Россиялъул мустах1икъав художник Юсуп Мух1амадов, Дагъистаналъул мустах1икъав художник Мух1амадмирза Хизроев, Дагъистаналъул  искусствалъул  мустах1икъал х1алт1ухъаби Султ1анах1мад  Мух1амадг1алиев, Мух1амад Батирг1алиев, Багисултан Далакова,  ДРялъул прикладнияб искусствалъул мустах1икъал х1алт1ухъаби Абулмуслим Шамилов, Мух1амад Х1ажимух1амадов, Мух1амадрасул Гьиматов.

Районалда бугеб Дагъистаналъул  музеялъул филиал г1уц1ана 1978 соналъ школалъул музеялдасан. Гьениб буго 6700-г1ан экспонат жаниб бугеб 11 зал. Музеялъе нухмалъи гьабуна  М. Атаевас, З. Гъайирбеговас, Х1. Х1усеновас, Г1. Г1алих1ажиевас, М. Дарбишевас. Гьабсаг1аталда жаниб музеялъе нухмалъи гьабулеб буго Г1алиев Шамилица. Райналда буго машгьураб  Ц1адаса Х1амзатил музей-рукъги.

Гьабсаг1аталда жаниб районалда буго 62  культураялъул учреждение, гьездасан 25 СДК, 15 СК, МКДЦ, гьелъул филиалал, халкъияб театр, «Сарир», «Г1акаро», ансамблял, 27 библиотека, лъималазул  искусствалъул школа гьелъул филиалал.

Гьедин, г1езег1ан т1адег1анаб даражаялда ц1унун ва цебет1олеб буго районалда маданият.

П. Гунашева.

 

 

Просмотров: 555 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz