Понедельник, 29.04.2024, 01:35 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Ноябрь » 6 » МАДАНИЯТАЛЪУЛ К1АЛГ1А – РАЙОНАЛЪУЛ РАК1.
14:23
МАДАНИЯТАЛЪУЛ К1АЛГ1А – РАЙОНАЛЪУЛ РАК1.

Дол рук1ана улкаялда  совнархозазе х1алт1уе кинабго рахъалъан г1ат1идал ресал кьураб, гьезул х1аракаталдалъун бак1азда промышленностги, культураги, сахлъи ц1униги, лъай кьейги – кинабго т1егьан бач1унел араб г1асруялъул лъабкъоабилел сонал. Дагъистаналъул совнархозалъул председательлъун вук1арав Шагьрудин Шамхаловасда  республикаялда гьарулел ч1ах1иял х1алт1абазулъе г1агараб район ккезабизеги к1очон батич1о доб мехалъ. Гьедин 1962 соналъ Хунзахъ кьуч1 лъуна районалъул гьанжесеб  культураялъул к1алг1аялъе.
Гьелдаса ана сонал, бащадаб г1асру г1анасеб заман. Ц1адаса Х1амзатил «Балагьалъул гъамасги», Расулил «Маг1арулайги», цогидал авторазул рик1к1ен г1емерал спектаклялгун концертазулал  программабиги – т1олабго  бук1ана театралияб искусство бокьулел нилъер  районцоязе гьеб заманалда жаниб. Гьаб жакъаги  Г1абдулхаликъил Мах1мудил, Инусилов Басирил, Набиева Зайнабил ч1агоял сипатал паркъулин ккола  сценаялда гьенире рач1унезда  цересан. Муг1руздаги багъун к1к1алабахъ щущараб Дакул т1оцебесеб кеч1 гьенисан гурищ маг1арулазда раг1араб? Театралъе йижарай гьенийго г1урайин абулей Сидрат Меджидова, Г1ахьалч1иса Казиев Х1усен, Гъоркьколоса Г1абдулхаликъов Г1абдулхаликъ – гьел гурищ нилъер ч1ух1и сценаялъе маян кьурал?
К1удияб сиях1 лъугьина нахъа тараб заманалда районалъул культураялъул рукъалъе нухмалъи гьабуралги, гьенир х1алт1аралги, сценаялда  кеч1 ах1ун, кьурдун балагьаразул рак1ал авадан гьаруралги цересан рехсани. Ахирал соназ  культураялъул рукъалъе халкъияб  творчествалъул рукъилан кьуна ц1ар. Гьениб х1алт1улеб буго «Г1акаро» фольклориябгун хореографиялъул ансамбль,  Россиялъул халкъазе хасиятаб культураялъул центр  халкъияб театр. Гьел коллективазул х1алт1и цох1о районалда концерт кьеялда т1убаларо, г1ат1идаб буго гьезул церерахъиназул география. Культураялъул управлениялъул начальниклъун  вук1арав Х1асанов Мах1ачил  бет1ерлъиялда улкаялъул г1емерал регионазда  т1орит1улел фестивалаздагун  конкурсаздаги г1ахьаллъун цересел бак1алгун русана гьел чанги сапараздаса. Ц1ик1к1араб х1алт1и гьабулеб буго гьениб нилъер умумузул лъик1ал г1адатал, бах1арчиял ишал к1очене теч1ого г1олохъанаб г1елалъе ирсалъе  ц1унизелъунги, цебесеб рук1а-рахъиналъе, г1умру-яшавалъе пайда босулеб бук1араб т1аг1ел-алат, нек1сияб к1алзул гьунар, кьурдабигун кеч1-бакъан данде бак1аризелъунги.
Райадминистрациялъул бет1ерлъиялде Саг1ид Юсупов ккаралдаса  лъаг1ел гурого ун гьеч1ониги к1удияб к1вар кьуна гьес районалъул культура цебе т1езабиялде. Цогидалъул бицинч1ониги капиталияб ремонтги  гьабун т1убанго сурат хисизабуна гьесул х1аракаталдалъун культураялъул рукъалъул къокъабго заманалда жаниб. Ч1абаралда хъарщиялдаса байбихьун, т1охда басралъараб шифералде г1унт1унги хисана гьениб кинабго. Къват1исахун минаялъул къеда ккураб берцинго къач1араб архигамач1алъ бат1ияб гугьар базабуна сверухълъиялдаго. Фойеялде жанире щведалги рек1ее асар гьабич1ого толаро, хасго гьелъул кваранаб рахъалъ – унго-унгояб музей! Гьениб цо бок1он ккун буго нек1сиял рагъухъабазул яргъица. Къеда рарал г1ащт1азгун ч1орбут1аз, бачабазгун къолдабаз, хучдузгун маххул такъиябаз ва г1емераб цогидалъги лъазего лъач1ого Хиц1иб майданалда Надир-шагьасде данде рагъулел г1адамазулъе жубараб дайтилазул бодулъ вугин дунгиян ккана цо лах1заталъ. Дагьабго добег1ан цагъур, гьелда дализарурал т1ат1улчед, ц1оросаролъил гъал, ц1орораб лъел ц1ураб гунзари, жаниб г1ат1-т1ехалъул нахърател, к1алалъ бак1алда  умумуз х1алт1изабулеб бук1араб цогидабги т1аг1ел-алат… Гьениса цоги рокъоре лъугьиндал («гьалбадерил рукъилан» абула гьелда) анкьумумулъанго батараб гъанситоги гьелда  цебе сок1к1араб т1инц1и-ц1улги ц1ет1а лъураб хьагги, къеда бараб ярагъгун рет1ел-хьитги, цогидаб рахъалда  кини-рощен, бусадул къайи…, нахъеги рак1алде щвеял, пикраби. Цебе  бач1ана нек1сияб нижерго тухум, дах1ададае керен кьолей гьесулги  баба, гъасда ц1а свине теларин гьенив квалквадулев кьолбол к1удияв. 
Т1убанго бат1ияб дунялалде ккарав чийилан ккола гьениса залалде лъугьиндал. Г1одоб т1ибит1араб кавролин, тамахал  скамейкаби, мокърукь бараб к1удияб  люстра, т1адег1анал гьалбадерие  VIP – ложе, залалдагун сценаялда  гьаракь, канлъи  рекъезабизе лъураб оборудование – тахшагьаралъулалгицин  х1айранлъила г1уц1ц1а-к1ут1и бихьидал…
Къокъабго болжалалда жанисел, къват1исел х1алт1абиги гьарун  заказчикасухъе ц1и гьабун къач1араб культураялъул рукъалъул к1улал кьуна Абух1ов Гьадигатулагьил подрядалъулаб  бригадаялъ. Гьениб харж гьабураб г1арцул бицани, гьебги дагьаб бук1иниш гьанже ругел багьабазде данде ккуни, г1ага-шагарго 15  миллионалде  бахунилан абуна гьенир х1алт1араз. Сверила сонал, ина заман ва амма къадру т1адег1анав инсан, Дагъистаналъул  пачалихъияв ва политикияв х1аракатчи, нилъер ракьцояв Шагьрудин  Шамхаловасул ц1ар кьураб гьеб маданияталъул иц – районалъул культуриябгун рек1елгъеялъул  централда (гьанже гьедин абула культураялъул рукъалда) жеги г1асрабаз  гьабила  х1ухьбахъиги рек1елгъейги гьабизе бук1иналда рак1 ч1ола. 

Просмотров: 534 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz