Шагьрудин Шамхалов вук1ана жиндир заманалъул гвангъараб ц1валъун, цогидаздаса машгьуравлъун. Гьесие хасиятаб бук1ана т1ок1 борч1араб г1акълу-лъайги, г1адатлъиги, рит1ухълъиги, къокъидго к1олаан г1адамазулгун раг1и данде ккезабизеги жиндирго сверулъе гьел ц1азеги. Шагьрудин вук1ана къадруялъ, х1алт1уде гъира ц1ик1к1арав пачалихъияв г1уц1арухъан ва х1аракатчи. Гьев вук1ана обкомалъул секретарлъун, Дагъсовнархозалъул председательлъун, совминалъул председателасул т1оцевесев заместительлъун, Верховный Советалъул Президиумалъул председательлъун. РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул членлъун, хадуб гьебго т1адег1анаб идараялъул председателасул заместительлъунги вук1ана Шамхалов. Кинаб хъулухъ-ишалда вук1аниги Шагьрудин Мух1амадович хут1ана киназего рагьаравлъун, г1адатиявлъун, г1иц1го бидулъго батараб г1уц1арухъанлъиялъулаб х1аракаталъ ват1а вахъулевлъун.
Абила, гьесда х1алхьи, ч1ейго лъалароанилан. Г1емераб лъик1абги пайдаябги гьабуна гьес Дагъистаналъеги г1агараб районалъеги. Шагьрудин Мух1амадовичасе рах1ат бук1инч1о дагъистаниязул рук1а-рахъиналъе, гьел х1алт1удалъун хьезериялъе шарт1ал г1уц1ич1ого. Совнархозалъул соназ республикаялда рана союзалъулго к1варалъул машинаби гьарулеб радио, электроннияб промышленносталъул анц1-анц1 предприятиял. Районалъул абуни, бат1ияб мурадалъе рук1арал махул х1убалги Хунзахъе рехун къокъабго заманалда х1алт1изе кьуна Хьаргаби ГЭСалдаса районалде бач1унеб ц1ик1к1араб къуваталъул токалъул мухъ. Шамхаловасул х1аракаталдалъун бараб буго райцентралда культураялъул к1алг1а, цогидалги к1вар бугел бак1ал.
Ч1орогоял раг1абаздалъун, рихьдае гьабулелдалъун гуреб унго-унгояв ишалъулав, рах1ат, ч1ей гьеч1еб г1умруялъул чилъун цеве вач1уна дида Шагьрудин Мух1амадович х1алт1улъги рак1алде щвеязулъги.
Хунзахъ муниципалияб районалъул администрациялъул бет1ер Саг1ид Юсупов.
|