Суббота, 27.04.2024, 19:36 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Ноябрь » 6 » САХЛЪИ Ц1УНИЯЛЪУЛ ХЪАРАВУЛЛЪУДА.
13:47
САХЛЪИ Ц1УНИЯЛЪУЛ ХЪАРАВУЛЛЪУДА.

Жакъа къоялда районалъул сахлъи ц1униялъул учреждениязда х1алт1и г1уц1ун буго ц1иял модернизациялъулал къаг1идабаздаса пайдаги босулаго районалъул г1адамазе гьабулеб медицинаялъулаб хъулухъ лъик1лъизабиялде щибаб къойилаб к1варги кьолаго.

Т1олабго улкаялдаго г1адин, нилъер районалдаги сахлъи ц1униялде к1вар кьей сундасаго цебесеб суаллъун рик1к1уна. Гьелъие нуг1лъи гьабула гьал ахириял соназ районалда ккарал ч1ах1иял хиса-басиязги. Масала, районалъул централияб больница бахъана киналго квег1енлъаби ругеб 110 койка жаниб бугеб ц1ияб минаялъубе, гьелде т1адеги гьаб соналъул ахиралде жанире рахъине лъуг1улел руго инфекциялъулаб ва сахлъизариялъулал корпусалги. Гьелдаго цадахъ х1алт1улел руго 15 койка жаниб бугеб, Гьоц1алъ ва 35 койкаялъе х1исаб гьабураб Харахьи участкаялъулал больницаби, 25ялдасаги ц1ик1к1ун специалист х1алт1улеб поликлиника, 50-фельдшерлъиялъулгин акушерлъиялъул ва фельдшерлъиялъул пунктал, цо аптека.

Жакъа къоялда нилъер районалда х1алт1улев вуго 85 врач, 273 гьоркьохъеб медицинаялъул лъай бугел х1алт1ухъаби, 12 врачасул буго «ДРялъул мустах1икъав врач», 4 медсестраялъул «ДРялъул мустах1икъав медработник», 16 медх1алт1ухъанасул «ДРялъул сахлъи ц1униялъул отличник» абурал ц1арал.

Официалиял баяназда рекъон районалда т1оцебесеб поликлиника, сахлъи ц1униялъул отдел г1уц1ун буго 1922 соналда. 1926 соналде щвезег1ан гьелъул заведующийлъун вук1ана фельдшерасул лъай бугев Абакар Айтберов. Гьесие кумек гьабулаан к1иго санитарас.

1926-1932 соназда гьелъул бет1ерав тохтурлъун вук1ана т1адег1анаб махщалил специалист Павел Горнак (Украинав). Гьединго 10 соналъ т1ат1алаго гьев х1алт1ана Хунзахъ госпиталалъул начальниклъун, хадув – Харахьи больницаялда.

 1932-40 соназда районалъул сахлъи ц1униялъул отделалъул заведующияллъун рук1ана М. Ирхина, Зиберх, Р. Сенкевич. Гьеб заманалда райцентралда рагьула 70 койкаялъулаб больница, Гьоц1алъ медпункт, Харахьи-10 койкаялъулаб участкаялъулаб больница.

1940-44 соназда районалъул сахлъи ц1униялъул бет1ерлъун т1амула Гьоц1алъа Сиражаев Х1амзат ва гьесул кумекчилъун тохтур Чумаченко.Районалда рагьула 3  фельдшерлъиялъул пункт ва Гьоц1алъ участкаялъулаб больница.

1954-57 соназда рехсараб отделалъе нухмалъи гьабуна Т1алх1ат Исбагьиевас, Муг1ад Мамаевас. Райбольницаялъул бет1ерав тохт4рлъун кколаан т1адег1анаб махщалил рагъулав хирург Мух1амад Х1ажиев. Къойидаса къойиде т1аде ц1ик1к1ине лъугьана  гьоркьохъеб ва т1адег1анаб лъай бугел специалистазул къадар. Сверухъ ругел росабалъ т1адеги рагьана фельдшерлъиялъулгин акушерлъиялъулгун 5 пункт, больницабазда – терапиялъул, лъималазул, акушерлъиялъулгун гинекологиялъул отделенияби. Ц1ик1к1ун гьаризе лъугьана операциял, г1емерлъана  учреждениязе бач1унеб х1ажатаб къайи. Райбольницаялъе бач1ана 2 машина.

1957-72 соназда районалъул сахлъи ц1униялъул иш  Ленинил орденалъул кавалер, ДАССРалъул мустах1икъав тохтур Саху Дибирчуевасда т1аде ккедал, районалда т1адеги  амбулатория, колхозазулал лъимал гьарулел рукъзал, фельдшерлъиялъулгун акшерлъиялъул пунктал рагьана, физиоаппратура, электрокардиографал, рентгеноаппарат «Диагномакс» г1адаб цебет1ураб къайи  ч1езабуна. Гьеб заманалда районалда  х1алт1улев вук1ана 25  тохтурги, 89 гьоркьохъеб лъаялъул  медицинаялъул х1алт1ухъанги. Медучреждениязул х1алт1ул х1асилал республикаялда цебесеб кьерда рук1ана.

Райбольницаялъул бет1ерай тохтурлъун ДРялъул мустах1икъай тохтур Сидрат Мух1амадова  х1алт1арал 1974-1994 соназда ЦРБялда рагьана  флюорографиялъул кабинет. Росабалъ рук1арал колхозазулал лъимал гьарулел рукъзалги къан, рагьана фельдшерлъиялъулгун  акушерлъиялъул пунктал, т1адеялдаса т1аде  лъик1лъана х1ажатаб къайи  ч1езабиялъул, хасаб  медицинаялъул гьоркьохъеб ва т1адег1анаб лъай  бугел специалистал рач1иналъул иш. 1976 соналда  бан лъуг1изабуна Харахьи  участкаялъулаб больница.

1994-2000 соналде щвезег1ан бет1ерав тохтурлъун х1алт1ана ДРялъул мустах1икъав тохтур Хунзахъа  Мух1амадов Камил Мух1амадович. Гьес т1адеги райбольницаялда  рагьана  реанимациялъулаб отделение, массаж гьабулеб, сахлъизариялъулгин физкультураялъул кабинетал, райбольницаялда гьаризе лъугьана  цереккун гьарулел рук1инч1ел республикаялъул клиникабазда г1адал зах1матал операциял, райбольницаялъе рач1инаруна т1адеги 3-4  машина.

2000-2008 соназда райбольницаялъе нухмалъи гьабуна ДРялъул мустах1икъав врач Х1ажи Гайдаловас. Гьеб заманалда  больницаялъе бач1ана г1емераб ц1ияб  аппаратура.

2008-2010 соназда райбольницаялъе нухмалъи гьабуна Г1абдурах1манова Пирзиятица.  Гьелъ аслияб къаг1идаялда к1вар кьуна райбольницаялда х1алт1ул низам ч1езабиялде, х1алт1ул рахъи борхизабиялде .

2010-2012 соназда райбольницаялъе бет1ерлъи  Хъайитмазов Х1ажимурадица гьабулеб заманалда «Сахлъи ц1уни» миллияб  проекталда рекъон больницаялъе рач1ана хьвадулеб ва стационарияб флюорографал, рентгеналъул аппаратал, лабораториялъул, эндоскопиялъул къайи-къоно, ЭКГялъул ва УЗИчлъул аппаратал, хехаб кумекалъул 6 машина, х1ухьел босизе  кумек  гьабулел ИВЛ – аппаратал, 3 кардиограф, цитоскоп, колоноскоп, компьютералъул томограф ва гь.ц.

2012 соналдаса гьаб жакъа къоялде  щвезег1ан райбольницаялъе нухмалъи  гьабулеб буго медицинаялъул хъулухъалъул (х1алт1ухъан) полковник, т1адег1анаб категориялъул врач Мусаев Мух1амадица.

Х1алт1уде вач1араб къоялдаса нахъе гьес к1вар буссинабуна райбольницаялда  сахлъи ц1униялда сверухъ гьабулеб  х1алт1и лъик1лъизабиялде, х1алт1ул низам ч1езабиялде, райбольницаялда сверухъ бак1 г1урччин гьабиялде, берцинлъи бук1инабиялде. Гьесул нухмалъиялда рук1аго, 2012 соналдаса байбихьун муниципалияб мут1иг1лъиялда бук1араб больница кьуна  ДРялъул Сахлъи ц1униялъул Министерствалъухъе. Гьелдаса нахъе байбихьана больницаялда модернизациялъулал х1алт1аби гьаризе. Ц1ик1к1инабуна лабораториялъул диагностикияб база.

ЦРБялъул х1исабалдасан  босана  гьанжесеб  геноанализатор, коогулометр, жидер  кумекалдалъун диагностикияб к1вар бугел киналго  параметрал ратизе к1олел. Гьединго росана 2 гьанжесел УЗИялъул  аппаратал. Гьезул кумекалдалъун к1ола  рек1елгун  мащабазул УЗИ гьабизе. ЦРБялде  рач1ана  унтарасул ах1вал-х1ал кин бугебали лъазабизе к1олеб гьанжесеб аппаратура: реанимациялъулаб отделениялъе дефибриляторал, электроотсосал, кислородалъулал концентраторал, гьуърузул  искуственнияб вентиляция гьабиялъул аппаратал, наркозалъулаб аппаратура, хасал операциялъулал кроватал, операциялъулал блоказе гьанжесеб операциялъул стол, операциялъулал ва  травмотологиялъулал наборал. Больницаялдалъун буго гьанжесеб компьютералъулаб томограф, руго г1ураб къадаралда медикаментал, унтаразе квен-т1ех.

Унтарал ва медицинаялъул х1алт1ухъаби  цо корпусалдаса цоги корпусалде къват1ире рахъинч1ого жанисанго инелъун ва медицинаялъулаб хъулухъ гьезие хехаб къаг1идаялда щвезелъун, к1иябго корпусалда  гьоркьоб гьабун буго переход.

Районалъул  администрациялъул  бет1ерасул бихьизабиялдалъун отделениязда кидаго бух1араб лъим бик1иналъе г1оло, лъун руго бакъулал  батареял. Кват1ич1ого х1алт1изе  кьезе ругел ЦРБялъул инфекциялъулаб ва дару-сабаб гьабиялъулаб корпусаз рес  кьезе буго, цебе г1адин  цин-цияб цоцаздаса  рик1к1ад ругел корпусазде хьвадич1ого, киналниги подразделениял цо бак1алде руссин гуребги, т1оцебесеб даражаялъулаллъун рик1к1унел районалъулал больницабаз гьарулел г1адал сахлъизариялъулгин диагностикаялъулал х1алт1аби т1убараб къаг1идаялда  цох1о бак1алда гьаризе.

Райбольницаялъул бет1ерав врач Мусаев Мух1амадилгун бук1араб гара-ч1вариялда жакъа къоялде больницаялда ругел  церехъабазда гъорлъ гьес рехсана бет1ерав врачасул методикияб х1алт1ул рахъалъ заместитель А. Адиев, цебе бет1ерай медсестралъун х1алт1улей йик1арай П. Х1айдарова, инфекционнияб отделениялъул нухмалъулей Н. Магаева, хирургиялъул  отделениялъул заведующий А. Мух1амадов, лъимал гьарулеб отделениялъул нухмалъулей У. Гъазиева ва к1удияй акушерка Б. Г1алибегова, лъималазул отделениялъул нухмалъулей П. Гъазиева ва врач Х. Шихамирова, гинекологиялъул отделениялъул нухмалъулей Г1. Х1амзалова, поликлиникаялъул заведующая П. Махулова, психиатр Гъ. Г1алиев, терапевт-анестизиолог Г. Дибиров, реанимациялъул медсестра П. Хизроева. Г1олохъанал специалистаздасан баркалаялъе мустах1икъаллъун гьес  рихьизаруна Ж. Цахаева – бет1ерай медсестра, А. Чункъова – невропатолог, А. Дибирдадаева – терапиялъул отделениялъул заведующая, У. Хъайитмазова – хирургиялъул к1удияй медсестра, Н. Г1абдулат1ипова – рентгенкабинеталъул заведующая, Ах1мадова – УЗИялъул заведующая, Х1. Гайдалов – Гьоц1алъ участкаялъулаб больницаялъул нухмалъулев, медсестра С. Шамилова, М. Хъайитмазов – Харахьи участкаялъулаб больницаялъул нухмалъулев, педиатр М. Х1асанх1осенов, П. Раджабова – Уздалросдал ФАПалъул заведующая, П. Мух1амадова - Г1обода ФАПалъул зведующая ва гьел гурел г1емерал цогидалги.

 

Просмотров: 608 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz