Понедельник, 29.04.2024, 06:14 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Ноябрь » 6 » Г1АЖАИБГО ГЬАЙБАТАВ ИНСАН.
15:12
Г1АЖАИБГО ГЬАЙБАТАВ ИНСАН.

Дица кидаго рик1к1унаан, къисматалъ инсанасе кьураб квер г1ат1идаб сайгъат кколин г1адамасул бищун лъик1ал, т1адег1анал хасиятал жиндилъ ругев, цойгидазда релълъинч1ев, къанаг1атав инсанасулгун лъай-хъвай, гьоркьоблъи, хурхен гьабизе щвейилан.  Г1умруялъул нухда кидаго гуро рек1елъ гъваридаб, нилъ х1икмалъизарулеб лъалк1 толел г1адамал дандч1валел. Амма, гьеле гьединав гвангъарав инсанлъун вук1ана Шамхалов Шагьрудин Мух1амадович. 
Ва дун йохарайги ч1ух1арайги йиго гьединав х1икматав инсангун цадахъ х1алт1изе ккеялдаса. 1957 соналъ, улкаялда совнархозал г1уц1арал т1оцересел къоязго, дун т1амун йик1ана Дагъистаналъул халкъияб маг1ишаталъул советалъул парткомалъул эркен гьаюрай секретарлъун. Гьеб мехалъ дие якъинго баянлъана Дагъсовнархозалъул Председателлъун т1амурав Ш. М. Шамхалов т1адег1анаб г1амал хасияталъул инсан вук1ин. Доб заманаялъ республикаялъул кинабго промышленность, бак1алъулаб ва яшавалъулаб хут1изег1ан, совнархозалъухъе кьун бук1ана. 
Нижер коллективалда кидаго бук1унаан х1алуцараб ах1вал-х1ал, щайгурелъул х1алт1и гьабулеб бук1индал ц1акъго т1адег1анаб хехлъиялдалъун. Кват1ич1ого дида бич1ч1ана, х1алт1уда лъик1аб ах1вал-х1ал, гьуинлъи цох1о чияс-Ш. М. Шамхаловас лъугьинабулеб бук1ин.
Киналго г1ажаиблъизарулаан гьесул х1алт1изе бугеб кутакаб гъира-шавкъалъ, г1орхъи гьеч1еб рокьиялъ. Гьес цойгидалги ц1алаан х1алт1уде гъорлъе. Я совнархозалъул нухмалъиялъе, я аппараталъе заман г1адада биччазе, х1алт1ул ин хвезабизе, г1одор риччан рук1ине толароан Шагьрудин Мух1амадовичас. Кинал зах1малъаби дандч1ваниги гьабизе х1исабалде босараб х1алт1и хадуб бехъерхъич1ого гьабун лъуг1изе кколаан. Совнархозалъ г1емер мехалъ рук1ине гьеч1еблъи лъалеб бук1арабг1анги, Ш. М. Шамхалов кутакалда г1едег1ун вук1ана ч1ах1иял промышленниял объектал разе ва х1алт1изе риччазе. 
Х1акъикъаталдаги улкаялда совнархозал анлъго соналъ гурони х1алт1ич1о. Гьеб къокъабго заманаялда жаниб, Шагьрудин Мух1амадовичасул лъуг1и гьеч1еб жигарчилъиялдалъун Дагъистаналъул промышленность цебет1езабизе, цойгидал регионаздаса ц1ик1к1ун бажаранщинаб гьабуна. 
Улкаялъул нухмалъиялъ рагьараб, г1ат1идаб нух кьун бук1ана совнархозазул х1алт1уе, хасго ц1иял промышленниял объектал раялъе. Амма щвараб ресалдаса пайда босизе бигьаго бук1унароан. Республикаялъ щибаб нухалъ централда бич1ч1изабизе кколаан пуланаб бак1 баялъул х1ажалъи бук1ин, рихьизаризе кколаан объект х1алт1изе, гьелъие кьуч1 лъезе дандекколеб помещение ва х1адурарал специалистал ругилан. Г1емерисеб мехалъ нилъер аниб цонигияб бук1унароан. Амма республикаялъе щвараб хайир гьоркьоб биччазе рес бук1инч1о Шагьрудин Мух1амадовичасе. Ш. М. Шамхаловасулъ рук1ана зах1малъабазулъ нухал ратизе бажари, х1алт1и таваккал т1амун гьаби, лебаллъи, гьабизе рак1алде ккаралдаса нахъе къангут1и, дипломатикияб гьунар. Х1алт1и гьабизелъун, пайдаялъе г1оло гьереси бицине ккун, чанги х1инкъи жиндего босулаан гьес. 
Рак1алда буго Буйнакскиялда агрегатнияб завод балеб заман. Чара гьеч1ого централда бихьизабизе кколаан гьелъие х1ажатаб материалияб кьуч1, ай гьеб гьабизе данде кколеб помещение бугилан. Гьебилан абуни бук1инч1о. Т1илалги сверун ч1ван гьеб баялъе ракь бихьизабулелъул, дунги йик1ана эний, амма Москваялде рит1ана басриябго консервазул цех бук1инесеб заводалъул корпус бугилан рекъа-решезарун х1адурарал фотомонтажал. Гьединаб, х1инкъи-къай гьеч1еб, кутакалда ц1ик1к1араб жавабчилъи т1аде босулаан Шагьрудин Мух1амадовичас.
Рук1ана х1ужжаби, бак1 базе техникиялгун экономикиял х1ажалъаби гурони, дандекколеб проектниябгун сметаялъулаб документация гьеч1ого бак1 базе лъугьаралги-гьедин байбихьана машгьураб Ч1ик1аб ГЭС бай. Бук1ана х1ужжа, объект банги лъуг1ун х1алт1улеб бугеб, проекталъулгун сметаялъулаб документация абуни «нахъисеб числоялда» гьабурабги. Шамхаловасул бихьинчилъиялъулаб ишалъул мисаллъун ккола совнархозалъ кьварараб партийнияб инструкцияги хвезабун «Труд» стадион бай. Абизе ккола, к1вар бугел промышленниял бак1ал разе ккани къвариг1унел проектал гьариялъул, бак1ал раялъул г1уц1абиги, стройиндустриялъул базаги республикаялда бук1инч1олъиялъ, совнархозалъ х1алт1и г1иц1аб бак1алдасан, ай нолалдасан байбихьизе ккеялъ, гьедин гьабич1ого рес бук1инч1илан. Х1алт1изе нижее рук1арал шарт1азда, Шамхалов жиндего т1аде жавабчилъиги босич1ого, бихьизабуралдаса кьурун вук1инч1евани, рарал анц1-анц1 ч1ах1иял предприятиязул бак1алда, дагьалго объектал рук1инаан республикаялда. 
Ш. М. Шамхалов вук1ана к1удияв г1уц1арухъан гуревги, политикияб ах1вал-х1ал бич1ч1улев, бажари бугев политикги. Жиндир заманалда, гьан ва рахь г1езабиялъулъ Америкаялдаса цере ккезе Н. С. Хрущевасе бокьидал, гьеб дандеккараб ресалдаса пайдаги босун, совнархозалъул нухмалъиялъ х1аракат бахъана Мах1ачхъалаялда сепараторнияб завод базе. Гьеб г1иц1го к1иго соналда жаниб банги бахъинабуна. Гьеб ва г1емерал цойгидалги Ш. М. Шамхаловасул х1алт1улал лах1затал нилъеда бицуна Дагъистаналъул халкъалда цере ч1арал масъалабазул, гьел т1уразариялъул ургъалида гьев вук1ин. Баянаб бук1ахъе, х1алт1и гьеч1ого ругел росабазул г1адамал х1алт1удалъун хьезариялъулъ нижеда ч1ах1иял зах1малъаби дандч1валаан. Гьединлъидалги, совнархозалъ ц1ик1к1ун к1вар кьолаан г1емерал х1алт1ул бак1ал ругел предприятиял раялде, гьезда цадахъго ралаан г1адамаз г1умру гьабизе мина, лъималазул учреждениял, культураялъул ва спортивиял минабиги.
Совнархозал х1алт1улел соназ, Шагьрудин Шамхаловасул лъаялъги, х1алт1ул х1албихьиялъги, бажари-махщелалъги, гьесул жигаралъги, х1алт1уда т1адч1еялъги, Дагъистаналда рана Союзалъул к1варалъулго, электротехникиял, радиотехникиял, станокал, машинаби гьарулел, махх къач1аялъул промышленносталъе кутакалда х1ажатал предприятиял. Г1уц1ана чара гьеч1ого х1ажат бук1араб бак1ал раялъул индустриялъул аслуги. Х1алт1изе кьуна т1адагьаб ва кванил промышленносталъул предприятиял, гьезие къвариг1унел сурсаталги республикаялда жанибго гьарун бажаруледухъ базаги г1уц1ун.
Узухъда, гьединал ч1ах1иял х1алт1аби г1иц1го цох1о чиясухъа-Шамхаловасухъаги гьарун бажарулароан. Гьесие кидагосеб кумек ва кверч1вай бук1унаан республикаялъул х1укуматалъул ва обкомалъул нухмалъиялъул. 
Гьай-гьай, г1емераб бараб бук1уна цадахъ х1алт1улездаги. Ш. М. Шамхаловасул махщел бук1ана, чиясул профессионализм ва гьесул культура, вук1а-вахъине лъайги х1исабалдеги босун, лъик1аздаса лъик1ал, бажари бугел т1аса рищун х1алт1уда тезе. 
Гьедин, совнархозалда гьесул заместителаллъун рук1ана, аслияб куцалъ Москваялдаса ах1арал, промышленносталъулъ бечедаб х1албихьи бугел-Михайлов Валентин Николаевич, Вербенко Андрей Андреевич, Файнштейн, нилъерго ракьцоял-Зульфукъаров Мух1амадгерей, Нахшунов, отделазул нухмалъулел-Дагъистаналъул Госпланалъул председателлъун вук1арав Шахшаев Мух1амад Х1асанович, Куприянов Михаил Михаилович ва цогидалги. 
Дие хадубккунги, республикаялъул министрзабазул Советалъул председателасул заместителлъунги т1амун, совнархозалдаса нахъе индалги, бит1ккана Совминалда г1емераб заманаялъ Шагьрудин Мух1амадовичасда цадахъ х1алт1изе щвеялъ. Хадуб, совнархозал къайдал, Ш. М. Шамхалов т1амуна Х1укуматалъул председателасул т1оцевесев заместителлъун. 
Дун кидаго г1ажаиблъизе т1амулаан, жиндир х1алт1уде гъорлъе унилан, унарилан теч1ого, Шамхаловас ургъел гьабун, т1уразаризе х1аракат бахъулел рук1арал бат1и-бат1иял масъалабазул к1одолъиялъги, г1ат1илъиялъги. Республикаялъул г1адамазе х1ажатал-культура, сахлъи ц1уни, социалиял суалал, г1елму ц1ала-къали-киналгоязул ц1ик1к1араб ургъел гьабун, жавабчилъигун к1вар кьолаан гьес. 
Кутакалда зах1малъула гьанже ц1акъго машгьураб «Лезгинка» кьурдул ансамбль бижиялъулъ ва лъугьиналъулъ, спорт, хасго эркенаб гугари ва футбол, цебет1езабиялъулъ Шагьрудин Шамхаловасул к1варалъе къимат кьезе. Дагъистаналъул спортсменазда лъалаан гьесул жидедехунго инсулаб кумекги, бербалагьиги бук1ин. Гьездаса къун вокьулароан гьев творчествоялъулал х1алт1ухъабазе, культураялъул, г1елмуялъул х1аракатчаг1азе. К1удияб бут1а лъуна Шагьрудин Мух1амадовичас театрал, спортивиял ва т1адег1анал ц1алул г1уц1абазул минаби раялъулъ. 
Г1емерал соназда жаниб дие якъинлъана унго-унгояв васасул рокьиялдалъун гьесие Дагъистан бокьулеб бук1ин, ва гьесул аслияб мурад-экономика, культура г1елму цебет1ун, Дагъистан т1егьалеблъун гьаби бук1араблъи. 
Гьеб мурад г1умруялде бахъинелъун Шагьрудин Мух1амадовичас расги барахщич1ого кьуна жиндирго сахлъи, г1емераб къуват, г1умруялъул бищун лъик1ал сонал. Хас гьабун рехсезе ккола Ш. М. Шамхаловасул г1аданлъиялъул рахъазулги. Х1алт1и т1убазаби кьварун т1алаб гьабиялда цадахъго, гьев вук1ана г1адамаздехун адаб бугевлъунги, кинаб бук1аниги маг1на бугеб байбихьиялъул рахъ кколевлъунги, специалистасул живго жиндаго ч1ун х1алт1иялъе лъик1аб къимат кьун гьесул гъира базабулевги. 
Г1емерал лъик1ал раг1аби абизе бегьула Шагьрудин Шамхаловасул г1орхъи гьеч1еб г1адамасда нахъг1унт1иялъулги, г1адан вич1ч1иялъулги, къварилъи-г1ат1илъиялъулъ чиясе кумек-кверч1вай гьабизе х1адурлъиялъулги х1акъалъулъ. Киг1ан гьит1инабниги рес бук1ун жинда аск1ове вач1арасе кумек гьаби, гьесие лъик1лъи бокьи-гьеб бук1ана гьесул г1амалалъул аслияб хасиятлъун. Г1емерал г1адамазе Шагьрудин Мух1амадовичасдасан щвана бажарараб кумек жиндицаго гьабураб лъик1лъи гьес киданиги рак1алде щвезабулароан, х1атта гьабураб кумекалъухъ жиндиего баркала кьезецин бокьулароан гьесие. 
Къанаг1ат гурони дандч1валаро Шагьрудин Шамхаловасг1адин жиндаго т1аде босараб жо чара гьеч1ого т1убазабулев чи. Гьес киданиги рицунароан ч1орогоял раг1аби, гьарулароан т1уразаруларел, г1ададисел къот1аби. Шагьрудин Мух1амадовичас лъиениги щибниги гьабилин раг1и кьуни, гьесда гьеб рак1алде щвезабизе х1ажалъи бук1инч1о-гьес гьеб т1убазабулеблъиялда т1убан рак1ч1езе бегьулаан.
Шагьрудин Мух1амадович Шамхаловасул х1акъалъулъ бицунаго, рак1ч1ун абизе бегьула, гьев Аллагьас цойгидаздаса т1адег1анаб бажари, махщел, гьунар кьурав инсанас жиндирго г1умруялъул аслияб бихьизаби щвалде щун т1убазабунилан: гьесул т1алаб-агъазалъ, х1аракатчилъиялъ Дагъистан кьуч1дасанго хисана, ц1илъана.
Дида бит1араблъун бихьула, нилъедаго чиясул х1акъалъулъ лъалеб жо, гьев нилъеда гьоркьов ч1аго вук1аго рагьун бицине бегьулеб бугони ва гьесул х1акъалъулъ бугеб пикру загьир гьабизеги бегьулеб бугони. 
Ахиралдаги, дица цоги нухалъ к1вар буссинабила Шагьрудин Шамхаловасул живго вихьизавизелъун ялъуни раг1аби рицун т1аса ккезелъун х1алт1и гьабулеб г1амал-хасият бук1инч1олъиялде, гьес кинабго гьабулаан Дагъистаналде, жиндирго халкъалде, ракьцоязде, хасго г1адатиял г1адамазде маг1арулазде бугеб унго-унгояб к1удияб рокьиялъ. 
Бокьун буго нилъер г1олеб г1елалъе гьаризе гьев ц1акъго къанаг1атав ва гьайбатав инсанасул мустах1икъал рахъал ва ишал мисаллъун х1исабалде росеян.
Заира Хизроева, ДАССРалъул Министрзабазул Советалъул председателасул йик1арай заместитель. 
Таржама гьабуна Пат1имат Гунашевалъ.  

 

Просмотров: 548 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz