Воскресенье, 28.04.2024, 06:35 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Ноябрь » 6 » КИНАЛГО РАХЪАЗ Т1ОК1АВ ИНСАН.
13:37
КИНАЛГО РАХЪАЗ Т1ОК1АВ ИНСАН.

Шагьрудин Шамхаловасулгун лъикаб гьудуллъи бук1аразул , гьевгун цадахъ х1алт1изе ккаразул цояв  вуго нилъер районалъул ч1ух1илъун жив кколев, Социалистияб Зах1маталъул  бах1арчи, к1иго Ленинил орденалъул кавалер, жамг1ияв ва политикияв х1аракатчи Мух1амад Махулович Махулов. Гьалмагъасул, г1елбащадасул х1акъалъулъ жиндирго рак1алдещвеял рикьана Мух1амад Махуловичас нужее, х1урматиял газета ц1алулел.
-Нилъеца бицунги, къимат кьунги лъуг1улев чи Шамхалов гуро. Г1ажаибго бажарарав, Аллагьас нилъее маян кьурав, ч1агояв, лебалав, принцип ккурав ва бихьинаб г1амалалъул чи вук1ана дир гьалмагъ Шагьрудин. К1алухъа рух1 босизег1ан лъик1абщинаб бицине к1ола дида гьесул х1акъалъулъ. 
…Комсомолалда х1алт1улеб заман бук1ана дир. Цо къоялъ г1олохъабазда гьоркьоб хабар раг1ана цо Т1анусиса Шамхаловин абурав г1ажаибго, реч1ч1а-рег1арав чи вач1унев вугин районалдеян. Жив вугин Т1анусив вижарав, х1укуматалъ тарбия кьурав, детдомалъ хьихьарав , интернаталъ ц1ализавурав чиян Шагьрудиница жиндирго кьог1аб къиматалъулги бицун ккана нижер лъай-хъвай. Къойилго г1адин дандралаан гьесги дицаги г1олохъабазда гьоркьоб гьабизесеб х1алт1ул, росулъ гьезие г1уц1изесел шарт1азул суалал. Цо нухалда Шагьрудиница г1ажаиблъи гьабуна кинила бегьулеб гьадинал ч1агоял, спорталдехун ц1айи бугел г1олохъабазе пайдаялъе х1алт1изабич1ого, гьадаб Хъаладухъ бугеб майдан (гьабсаг1ат базар лъураб бак1-авт) ч1обого тезе, рач1айила гьеб нилъеца ц1езабизе, пайдаялъе х1алт1изабизеян. Къокъаб заманалда жаниб ралагьана Шамхаловас гьеб бак1алда спортивияб площадка гьабизе сурсатал. Къойил рач1ине байбихьана г1олохъаби торг1о кьабиялъул, гугариялъул х1аял ц1ияб майданалда т1орит1изе. Гьединаб байбихьиялдалъун г1уц1ана, РСФСРалъул росабазул командабазда гьоркьоб чемпионлъун жиб бахъараб, районалъул волейболистазул команда. 
Г1емераб кумек гьабулаан мунагьал чурадица спортсменазе. Совнархозалъул председательлъун  вугеб мехалда гьесда бич1ч1ана, бихьана спортсменазе «х1ат1ал ч1езе бак1», квербакъи х1ажат бук1ин. Гьеб мурадалда бана гьес «Труд» стадион. Лъала, баркала кьеч1ониги, жидедаги гьикъич1ого, г1емераб харж т1ад хвезабун, гьеб гьабунилан бадирч1ваялги камич1о Шагьрудиние централдасан. Амма Шамхалов нахъе къач1о, гьес т1адегицин х1алт1аби гьаруна дора. Пачалихъияб стройги, совнархозалги ана, Шагьрудинги гьеч1о, хут1ана гьес бараб «Труд», аза-азар чемпионал рахъиналъе жиндасан хайир ккараб стадион. Гьединав, жиндаго рак1алде ккараб лъик1аб иш раг1алде бахъинабич1ого толарев, жиндехунго т1алабчилъи ц1ик1к1арав чи вук1ана нилъер ракьцояв. Гугарухъаби машгьур гьаризе, гьел церет1езаризе, гьезие сундулъго кумек ч1езабизеги х1аракат бахъулаан гьес. Рак1алда буго Хьаргаби районалда дун х1алт1улаго, гьев гьалмагъас дидаса кидаго т1алаб гьабулаан К1ик1униса Г1усманидехун хасаб бербалагьи бук1инабизе. «Щванищ мун досул рокъове? Бугищ досий х1ажатаб? Вакъунищ? Хохонищ?»  ян кьваризабулаан Шамхаловас дидехун. Цо кванил карточкаялда биччалеб рацион г1олеб къаркъала Г1усманил бук1инч1елъул, т1алаб гьабуна гьесие щуго талон кьеян. Дица инкар гьабуна кванил карточкабазул къадарги дурусаб гурого бач1унарин, щуго чиги вакъун тун, Г1усман кваназавизе рес гьеч1илан. Цо чанго къоялдасан, республикаялдаса хас гьабун Г1усманиеян т1адеги бихьизабун бач1ана кванил карточкабазул къадар. Киве кканиги цевехъанлъи гьабизе, х1ажаталъе т1алъиялдасан  кумек-квербакъи т1алаб гьабизе гьунар бук1ана Шагьрудинил.
-Мух1амад Махулович, кин дуда кколеб, лъималазул рокъов г1урав, эбел-инсул тарбия щвеч1ев гьев пуланасда киндай к1вараб гьединаб борхалъиялде вахине, жиндихъго г1адамал г1енеккулеллъун рук1инаризе?
- Дица рик1к1уна Шагьрудиние к1удияб бит1 кканин гьит1инаб къоялдаса нахъе Г1абдурах1ман Данияловасулгун гьудуллъи бук1иналъилан. Гьес малъана Шамхаловасда кинабго: х1алт1изе, ц1ализе, г1адамазда гъорлъ вук1а-вахъине, халкъалъе пайдаявлъун вук1ине. Жиндирго кваранаб кверлъун вихьулаан досда т1анусисев.
- Г1амалалъул кинал хасиятал дуда берцин рихьулел рук1арал Шамхаловасулъ?
- Шагьрудин вук1ана кутакалда г1адатав, г1адамазе рагьарав чи. Бачинин гьит1инабго мисал. Росдал маг1ишаталъул секретарлъун вугеб заманалда хъизан г1уц1ун бук1ана Шагьрудиница, канцеляралда г1умру т1амун бук1ана г1олохъанаб хъизам чанго соналъ. Бицеха, чан х1аким нужеда вихьарав гьединаб г1адатлъиялъул? Йохъ, жакъа гьединал къад ц1а бакун ралагьаниги ратизе к1веларо. Бокьулаан Шагьрудинилъ компания  бачине лъайги. Махсаро-хоч1 г1емерав, щивасде к1вар кьолев, гьит1инал-к1удиязул адаб-хъатир гьабулев чиги вук1ана гьев.
Компаниязда ругел бак1азда лъалаан гьесда жиндаго цебе ч1араб масъалаялде харбил темаги бачун, х1акимзабаздасан суалал т1уразариялъе, г1унгут1аби лъуг1изариялъе кумек  т1алаб гьабизе. Къварилъи ккараб бак1алдеги  алхинч1ого, г1едег1ун вач1унаан мунагьал чурад гьудуллъи-гьалмагълъигун. Рит1ухълъи бокьулев, киназдехунго гьеб х1алт1изабулев чиги вук1ана Шагьрудин. Цо г1иси-бикъинаб гъалмагъир васасухъа ккун бук1иналъ хъулухъалъ г1одовег1анцин вачине рес бук1ана гьев. Амма бук1ине кколеб тамих1 васасеги гьабун, иш роц1ине гьабуна Шамхаловас. Амма гьел киналго г1амалаздаса дие гьесулъ бокьулаан ишалъулаб ч1анк1к1и, т1алабчилъи, бажари.
- Жакъасел х1акимзабазулъ, нухмалъулезулъ бихьанищ дуда  Шамхаловасул хасиятазул цонигияб?
- Узухъда, х1алт1улев чи вуго  республикаялъул Бет1ер Рамазан Г1абдулат1ипов. Х1аракат бахъулеб  буго гьес кибего берги кверги щвезе. Лъик1 бук1инаан гьесда хьолбохъ Даниялов г1адал, Г1умаханов г1адал, Меджидов г1адал, нилъерго Шамхалов г1адал  х1алт1улел рук1арабани. Бук1аниги, бихьулеб буго цебет1еялде т1амулеб таваккалги гъираги.
Шамхаловасулго г1адаб реч1ч1а-рег1и бихьана дида нилъер районалъул нухмалъулев Саг1ид Юсуповасулъги. Лебалав вас вуго Саг1ид, лъалареб гьикъизе расги нечеч1ого дихъеги  вач1уна гьев. Рищиязда цересел къоял рук1ана. Дихъе иргадулаб зияраталъ вач1арав Юсуповас  гьикъана «Щай дур к1алт1а чирахъ рек1унеб гьеч1еб?» ан. Дица данде махсаро гьабуна гьеб метерг1аги рек1инеб  батилилан. Кинаб г1ажаиблъиха дир бук1араб, нахъисеб къоялъ к1алт1а бугеб х1обода чирахъ хисулев монтер  ватидал?!  Саг1идил байбихьи квешаб гьеч1о, гьесул тухумалдаги х1алт1уе х1алихьаталги, к1вах1алалги чаг1и рук1инч1о (Гьесул к1удияв эмен Саг1идил г1адатаб  халкъалда гьоркьоб бугеб къадру-къиматалъухъ балагье!). Щивав нухмалъулесул бук1ине ккола жиндирго х1алт1ул х1исаб кьей, жинцаго гьабулелда, кьураб раг1и кквеялда хадуб халкквей. Гьедин х1алт1ани к1вела, г1олохъанав нухмалъулесда район цересел кьеразде бачине, цебе бук1араб г1адаб къадруяб ц1ар  районалъе нахъбуссинабизе.
СССРалъул Оборонаялъул Комитеталъул байрахъ рагъул заманалдаго  щвараб район буго нилъер гьаб!
- Росдал маг1ишаталдагун культураялдаги ц1айи бугеб х1алт1и гьабуна Ш. Шамхаловасан. Районалда  гьел бут1абазда щиб гьабураб машгьурав ракьцоясул кумекалдалъун?
- К1удияб к1вар кьуна  Шагьрудиница хъутабазул ракьазда культура борхизабиялде, г1и-боц1ул тайпа лъик1лъизабиялде. Т1анусдерил колхоз, техникияб хьезаби ц1ик1к1инабун, х1алт1ухъабазе шарт1ал лъик1лъизарун, республикаялдаго лъабабилеб бак1алде бач1инабун бук1ана гьесул кумекалдалъун, малъа-хъваяздалъун. Квербакъи гьабулаан гьес заг1ипал колхоз-совхозазе. Цо заман бук1ана нилъедехун т1алъиялъ мугъ рехараб, щибго ц1ияб объект базе, х1алт1и цебехун бачине  нухал къараб. Республикаялъул нухмалъулев М-С. Г1умахановасухъе аян малъана дида Ш. Шамхаловас. Ругел г1унгут1абазул, разе х1ажат ругел сахлъи ц1униялъулгун лъай кьеялъул объектазул бициндал, Г1умахановас Шагьрудин ах1ана кабинеталъуве. Лъик1 вагъана мунагьал чурад диде, Махулов х1алт1улев  гьеч1олъиялъул х1асил бугин гьебилан. Кинаб ахирха ккараб гьелъул:  рана ц1иял минаби гьоркьохъеб школалъе, больницаялъе, детдомалъе, райкомалъе. К1удияб кумек щвана гьабсаг1ат Шагьрудинил ц1ар жиндие кьолеб бугеб культураялъул к1алг1а баялъеги. Г1аммаб къаг1идаялъ босун абуни, районалда т1ад  шефство гьабулаан Т1анусиса сахав инсан Шагьрудиница  Кив х1ажалъаниги кумекалъе ватулаан гьев. Чанги лъик1ал х1алт1абиги, бат1ияб цебет1ейги  лъугьун бук1инаан, районалъеги, республикаялъеги Шагьрудин нахъе вук1аравани. Гьев вук1ана кинабго рахъалъ къимат т1ок1ав, цевет1урав, ях1 бугев ва цойгидаз хисизе гьеч1ев инсан. Дир анищ буго Шагьрудин г1адал васалги ясалги т1алъиялда, Дагъистаналда рижи. Гьесул хасиятал чорхолъ рессарал лъугьаги киналго х1акимзабиги хъулухъчаг1иги.
- Амин. Баркала дуе интересаб гара-ч1вариялъухъ, Мух1амад Махулович. Т1адеялъул дур  нусго сонилаб  юбилей к1одо гьабулеб къоги лъик1 бихьаги, сахлъиялда таги.
- Баркала дуеги.
Гара-ч1вари гьабуна Ф. Мух1амадовалъ.       

Просмотров: 659 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz