Понедельник, 29.04.2024, 08:43 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Ноябрь » 6 » РАЙОНАЛЪУЛ ЭКОНОМИКАЯЛЪУЛ КЬУЧ1ЛЪУН ККОЛЕБ РОСДАЛ МАГ1ИШАТ.
14:45
РАЙОНАЛЪУЛ ЭКОНОМИКАЯЛЪУЛ КЬУЧ1ЛЪУН ККОЛЕБ РОСДАЛ МАГ1ИШАТ.

Районалъул экономикаялъул кьуч1лъун кколеб росдал маг1ишат цебет1езабиялда, гьелъул ниг1матал г1езариялда нилъер район г1иц1го Дагъистаналда гуребги, СССРалдаго машгьураб бук1ана. Гьава-бакъалъул лъик1ал шарт1ал ккараб, бач1ин гьарзаял 1970-80 абилел соназ т1ат1алаго 1979-81 соназ г1и-боц1ухъанлъиялдагун хурухъанлъиялда росарал ч1ах1иял бергьенлъабазе г1оло район мустах1икълъун бук1ана КПССалъул ЦКялъул, СССРалъул Министрзабазул Советалъул, ВЦСПСалъул ва ВЛКСМалъул ЦКялъул хьвадулеб Баг1арал Байрахъазе. Районалъул маг1ишатазул  бет1ергьанлъиялда бук1ана 13040 ч1ег1ерх1айван, 99290 – г1и-ц1ани. Г1езабун бук1ана 12270 тонна т1орщалил, 2324 тонна  гьанал, 7422 тонна рахьдал, 287 тонна квасул ва 2220 тонна пихъазул.
Районалъул экономика цебет1езабиялъулъ к1удияб бут1а лъураллъун рук1ана Хунзахъ Хизроевасул, Бакьагьеч1и  К. Марксил, Гьамишт1а Ждановасул, Г1ахьалч1и Энгельсил, Г1обода Ленинил ц1аразда ругел, Х1ариколо «Баг1арав партизан», Т1ануси «Машгьурал г1адамал», Сивухъ «Ц1ияб г1умру»  колхозалги, Гьоц1алъ ва Харахьи совхозалги. Хасго Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалда лъаг1елалъ г1езарурал ва пачалихъалъе ричарал росдал  маг1ишаталъул ниг1матал ращалъулаан т1убанго дандекъан цо-цо районаз г1езарураздаги ричараздаги. Хунздерил колхоз чанго нухалъ мустах1икълъана Дагъистаналъул партиялъул обкомалъулги Министрзабазул Советалъул хьвадулел  Баг1араб байрахъазеги, Т1олгосоюзалъул ва Т1олгороссиялъул дипаломазеги, сайгътазеги ва Баг1араб Байрахъалъул орденалъеги. Узухъда, гьединал х1асилал ккелароан рехсарал маг1ишатазе нухмалъи, х1алт1иги лъалел, гьеб гьабунги бажарулел нухмалъулел  рук1инч1елани. Нилъеца ч1ухун ц1арал рехсола Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалъул  бат1и-бат1ияб заманалда председателаллъун рук1арал М. Мух1амадовасул, А. Къадиевасул, Т1. Абакаровасул, «К. Марксил» ц1аралда бук1араб колхозалъул председателал Д. Раджабовасул, «Ждановасул» ц1аралда бугеб колхозалъул  председатель И. Мух1амадовасул, «Ц1ияб г1умру» колхозалъул председатель Н. Мух1амадовасул, «Баг1арав партизан» колхозалъул председатель З. Бижановасул, «Машгьурал г1адамал» колхозалъул председатель Х1. Абулпазлуевасул, «Ленинил» ц1аралда бугеб колхозалъул председатель М. Г1амирхановасул, гьезда гъорлъ Хунзахъ  хурухъанлъиялъул бригадир, Дагъистаналъул мустах1икъав механизатор,  Ленинил ва Октябралъул революциялъул орденазул кавалер М. Абакаровасул, Бакьагьеч1иса Дагъистаналъул мустах1икъай боц1ухъан, Ленинил орденалъул  кавалер Б. Гьудовалъул, Дагъистаналъул мустах1икъав хурухъан, Ленинил, Зах1маталъул Баг1араб байрахъ, «Х1урматалъул г1аламат» орденалъул кавалер Г1. Шаг1бановасул. Дагъистаналъул мустах1икъав боц1ухъан, Ленинил, Зах1маталъул Баг1араб байрахъ, Зах1маталъул реццалъул орденазул кавалер Г1. Мух1амадовасул, ДАССРалъул мустах1икъав боц1ухъан, ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Х1урматалъул грамота ва «Зах1маталъул г1аламат» орден босарав, СССРалъул ВДНХаялъул выставкаялъул г1ахьалчи Ш. Гъалбац1овасул ва г1емерал цогидазулги ц1арал.
 Районалъул  маг1ишатазе  бажарун нухмалъи гьабуна росдал маг1ишаталъул управлениялъул нухмалъулеллъун х1алт1арал Г1. Гьит1иновас, Ю. Г1умаровас, Гъ. Мух1амадовас, М. Х1айбулаевас, Т1. Абакаровас,  М. Г1амирхановас, Н. Мух1амадовас, М. Г1алиевас, М. Гъазиевас.
Ц1игьабун г1уц1иялъул заманалда, улкаялдаго ккарал хиса-басиязул х1асилазда г1одобе ккана г1аммал маг1ишатазул, г1и-боц1ул, гьездасан г1езарулел ниг1матазул къадар. Къо бахъанаг1ан  хиралъана техника, ц1атари, хьонал. Пуланаб продукцияги г1езабун, гьеб бичун щолеб  хайиралдаса г1емерго ц1ик1к1ана гьелда т1ад арал харжал. Х1асил, калам росдал маг1ишат  т1убанго модаялдасаги ун, цо-цо районазда т1уранго риххана колхозал, совхозал. Амма нилъер районалда, киг1анго зах1мат бук1аниги,  к1вана колхозал ц1унизе ва гьезул хайир буголъи ц1ик1к1инабизе.
Гьедин, гьабсаг1аталда районалда ц1унун хут1ун буго 24 СПК, гьенир г1езарулел руго 4500-ч1ег1ерх1айван, гьездасан 2200 г1ака, 50 азарго г1и-ц1ани.
Районалда буго 7 тайпадулаб г1иял маг1ишат. Гьезда т1адеги жалго бет1ергьанал г1адамазул, КФХязул, СПКязул г1и-боц1и малъун районалдаго буго 28 азарго  ч1ег1ерх1айван, гьездасан 13500 – г1ака, 200 азарго бет1ер г1и-ц1аназул.
Щибаб соналда г1езабула 3600 тонна гьанал, 23500 тонна рахьдал, 250  тонна квасул, Хунзахъ «Хизроевасул» ц1аралда, Бакьагьеч1и «Дудар Г1алиевичасул», Т1ануси «Машгьурал г1адамал», Г1ахьалч1и «Энгельсил», Гьамишт1а «Амиштинский», Байикь «Байитлинский», «Стелла», «Цикломен», «Хашта»,  рекьарухъабазулгин фермеразул маг1ишатазда г1езарулел руго Дагъистаналъул муг1рузулаб тайпадул г1иял.
Маг1ишатазда ц1ик1к1араб к1вар кьолеб буго  техникияб парк ц1и гьабиялде. Гьеб мурадалда «Россельхозлизингалъул» кумекалдалъун щвараб г1арцуде маг1ишатаз росун руго 750 азарго гъурщил багьаял 200 штук МТЗ – 8 трактор, 2 ммиллионги бащадабги багьа бугел 3- комбайн.
Бихьулеб х1алт1и гьабулеб буго ц1иял механизированныяб къаг1идаялда х1алт1и жаниб г1уц1улел типовиял фермаби, боц1и жанибе гъезе сараял, рахьададасан ниг1матал рахъулеб заводал, рахьдалгин товариял фермаби – МТФял раялде. Гьедин, Г1оч1ло Тельманил ц1аралда бугеб «Заря» СПКялда бана 90 миллион  гъурщил багьаяб, сордо-къоялда жаниб 30 тонна рахьдал х1алт1изабун бажарулеб завод.  Гьениб х1адурула кефир, сметана, нису, х1ан ва цогидалги рахьдал ниг1матал. Коло-Хьиндахъги балеб буго «Белая речка»,-ян ц1ар лъураб рахьдалгин товарияб ферма.
Президентасул грант бергьун 5 миллион  г1арац щвана «Къадич»-  ва «Гъванк» - КФХязе. Гьеб г1арцуде  гьез рарал фермабазда хьихьун руго хайир ц1ик1к1арал 100-100 бет1ер г1ачиязул, х1алт1и бачунеб буго г1иц1го машинабазул кумекалдалъун, к1вар кьолеб буго ц1иял фермеразул маг1ишатал г1уц1иялде. Гьедин миллионги бащадабги г1арац щвана 8  гьанжего гьанже маг1ишатал г1уц1улел  фермеразе.
Щибаб соналда районалда ч1ола 20-30 гектаралда ц1иял гъут1би. Хаслихъе культураби г1езарула 2500 гектаралда, могьолал культураби, суданская трава – 400 азарго гектаралда, люцерна 500 гектаралда.
Ахираб заманалда пачалихъалъ к1вар кьезе лъугьун буго СПКязде, КФХязде, ПКязде. Гьедин щибаб соналда Росдал маг1ишаталъул министерствоялдасан СПКязе кумек х1исабалда щола 60-80  млн. гъурущ.
Нилъер районалъ кидаго республикаялда 2-3 бак1ал ккола.

 

Просмотров: 512 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz