Автор Ф. Мухlамадова. Январь 2023 сон.
Щибаб къойил г1адин т1орит1улел руго республикаялъул т1алъиялъ исана к1одо гьабизе бугеб Расул Х1амзатов гьавуралдаса 100 сон т1убай т1обит1иялъул оргкомитеталъул данделъаби. Х1исаб гьабе, 9 млрд гъурущ биччан буго Россиялъул т1алъиялъ нилъер шаг1ир, гьесул творчество к1одо, Расулил ц1ар абадияблъун гьариялъе!
Шаг1ирасул т1оцересел куч1дул жиндир гьурмаздасан ц1алдолезухъе щвараб районалъул казият нахъег1ан ч1ей бит1араблъун бихьуларо нижедаги. Гьединлъидал, нижерго бугеб къуваталда рекъон, руго нижерги гьаризесел тадбиразул план.
Расул Х1амзатовасул лъаг1елалъул х1урматалда, 20 январалда 20 августалде щвезег1ан, редколлегиялъ лъазабулеб буго Расул Х1амзатовасул кеч1 рик1к1иналъул ва гьесул х1акъалъулъ асар (макъала, кеч1) хъваялъул конкурс.
Гьеч1о ригьалъулаб г1орхъич1вай, г1ахьаллъизе бегьула бокьарал чаг1и.
Нижерго макъалаби (к1иго А 4 т1амачалдаса ц1ик1к1инч1еб кьабараб текст 10 п) ва видеоклипал рит1изе бегьула: kaziyat 2013@ mail.ru. rosdalzah@yandex.ru почалъул адресазде.
|
Автор Ф. Мухlамадова. Январь 2023 сон.
Радиоялъ г1умруялъул цо минут борцуна, газеталъ-саг1ат, т1ехьалъ-къо.
Лакретель
Дида цебе лъун буго Шамильхъала почтампталдаса бач1араб 2023 соналъе «Росдал зах1матчи» казияталъул подпискаялъул сиях1. 16 соналъ цебе, дун гьаб басмаялъул редакторлъун т1амураб заманалдаса 10 (!!!) нухалъ гьит1инаб тарих. Доб мехалъ «Росдал зах1матчи» бук1ана цого цо бугеб официалияб халкъияб информациялъул алат: электронияб почалдасан кагъат бит1изеги редакциялде, телефоналъул факсалдасан к1вар бугел документал къабул гьариги-нижедасан, узухъда, т1олабго инфомацияги-ц1ик1к1униселъ газеталдасан. Кинабго бук1ана, Максим Горькияс газеталъул х1акъалъулъ абухъе-«Г1адамасул х1акъалъулъ, г1адамасе г1оло!». Рак1алда буго, гьанжего гьанже къалмил х1албихьулей дицаго хъван бук1араб критикияб макъалаялъ гъугъадизабун бук1араб жамг1ият: рагъул ветеранасул, т1урччи-ц1улги х1ажатабги кьун, т1алаб гьабич1ого тарав цо росдал бегавулас, прокурорасухъе-нахъе «бугьтан лъуралъухъ» хьвадизаюрай т1инай мухбир, цинги г1айибиясда жив мекъи вук1ин бич1ч1ун бит1изабураб тасамах1лъи, рагъул г1ахьалчиясул гьурмада гьими, киназулго рак1разилъи. Мадугьалихъ бугеб районалдаса, жидер доя йигей х1акималъ къвариг1елги т1убач1ого гьумер бух1анин, рач1арал руччабазул къокъа, гьезул раг1абаздасан хъач1ал х1акимзабазухъе хъвараб хит1аб, иргадулаб кант1и, г1адатав чиясул мурад т1убай, киназулго рохел! Газеталда хъваралъул, раг1ул къуват, нижер х1алт1ул баракат, гуч! Г1адат буго, жидер зах1мат х1ажатаблъунги, г1адамаз къимат гьабулеблъунги бихьулеб бугони, гьелде жеги ц1ик1к1ун гъира балеб. Лъаг1елал анаг1ан хъвавул ишалде, т1ахьал-казиятазде г1адамазул ссун унеб бугеб интерес бихьун, бач1араб буго, хас гьабун дир, журналистасул махщел (х1алт1и) хисизе анищги. Бокьулеб ишги жибго тун, туризмалде ани, ялъуни капиталистазул тукада к1усанилъидал Фатимае ц1ик1к1ине бугеб хайир (г1арцулаб).
|
Автор Ф. Мухlамадова. Январь 2023 сон.
Халатрахъарал г1одоркъояздаса хадуб лъаг1алил т1оцебесеб х1алт1ул къоялъ районалъул администрациялда т1обит1ана т1олалго г1уц1абазул нухмалъулелги г1ахьаллъун плановияб данделъи.
Районалъул нухмалъулев Нурмух1амад Задиевас, гьеб бачунаго, т1адч1ей гьабуна араб соналъул г1унгут1абиги х1исабалде росун, исанисеб сон жеги ц1ик1к1араб жавабчилъиялда, халкъалъул мурадал т1ураялда т1обит1изе ккеялда. Хасго 2023 сон улкаялдаго Халкъияв шаг1ир Расул Х1амзатовасул лъаг1еллъун лъазабунги бугелъул, щивав районцоясда т1адаб бугин гьеб т1адег1анаб даражаялда т1обит1иялъе жиндасан бач1арабщинаб гьабизеян абуна бет1ерас (2 миллиардалдасаги ц1ик1к1ун сурсатазде х1алт1аби т1орит1изе руго Расулил баракаталдалъун нилъер районалда исана.
Гьезда гьоркьор руго Харахьи, Гьоц1алъ участкаялъул больницаби, Г1арани, Буц1ра, Гьамущи, Г1ахьалч1и, Бакьагьеч1и, Г1урк1ач1и, Моч1охъ школал рай г1адал к1вар бугел х1алт1аби, нухазда, музеязда, Г1арани хъалаялда, лъел мухъазда ремонтал т1орит1и рик1к1ун х1ал к1оларел ва гь.ц. тадбирал-авт.).
Хъатг1анасеб Дагъистан дунялалдаго раг1изабурав «Ц1адаса кавказалъуласул» г1асруялъулаб юбилей-аслияб к1вар бугеб масъалалъун бихьизабуна районалъул нухмалъулес ва лъазабуна къокъаб заманалда жаниб г1уц1иялъул комитет данде гьабеян.
Украинаялда унеб хасаб рагъулаб операциялъул г1ахьалчаг1азе ва гьезул хъизамазе кинабго рахъалъулаб кумек гьабизе ккеялдеги к1вар буссинабуна Н. Задиевас.
|
Автор И, Мухlамадов. Январь 2022 сон.
Январалъул гlодоркъояз районцоял рохизаруна Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда гlахьаллъи гьабулел ругел нилъер ракьцоял гlолохъабаз бихьизабулеб бугеб бахlарчилъиялъухъ гьезие щварал шапакъатаз.
Гьедин, спецоперациялда гlахьаллъи гьабулев вугев Тlагьадаса Хlакимов Султанмурад Абакаровичасе щвана Жуковасул орден. Мочlохъа Шамил Гlабдурахlманов ва Тlагьадаса Хlажимурад Гунащев мустахlикълъана Суворовасул медалазе.
Гьелго къоязда хабар бачlана Мочlохъ росулъа Изатула Хlажимухlамадов Россиялъул Оборонаялъул министерствоялъул “За боевые отличия” абураб шапакъаталдалъун кlодо гьавун вугилан.
|
Автор И. Мухlамадов. Декабрь 2022 сон.
Нилъеца нахъа толеб буго 2022 сон. Тlолабго улкаялдагогlадин, бигьаяб букlинчlо гьеб нилъер районалъеги. Жеги тlубанго лъугlун букlинчlеб коронавирусалъги гьелда тlаде рачlарал къватlисел пачалихъазул санкциязги лъалаго захlмалъизабуна гъоркьгоги расги лъикlаб даражаялда букlинчlеб гlадатияб халкъалъул яшав. Амма кин букlаниги дандчlварал захlмалъабиги къинарулаго, цо къадаралъул хlалтlи гьабуна муниципалитеталда. Гьедин 2022 соналда районалъ гlахьаллъи гьабуна 10 пачалихъияб программаялда. Гьезул цо бутlа гьабсагlаталдаги гlумруялде рахъинарулел руго.
Социалиябгун - экономикияб цебетlей.
2022 соналда жаниб районалда гьабураб даран-базар ва бича-хиси бахана 2,6 млрд гъурщиде, 2,02 млрд гъурщиде тIуразарун руго хъулухъал, цебесеб соналде данде ккун гьеб кколеб буго гIага-шагарго 119% ва 112% цlикlкlун. Промышленниял предприятияз риччарал ва гьабураб хlалтlул къадар бахун буго 325 млн гъурщиде
Инвестициял.
Районалда хасаб хlалтlи гьабулеб буго мунипалитеталъул экономикаялде къватlисел ва жанисел инвестициял рачlинариялда хурхун. 2022 соналда районалъ гlахьаллъи гьабурал пачалихъиял программабазда рекъон тlоритlарал тадбиразе харж гьабураб гlарцул къадар бахана 700 млн гъурщиде.
“Образование” миллияб проекталда рекъон Гlобода 20, 5 млн гъурщиде бан рагlалде бахъунеб буго 150 лъимералъе бакl бугеб цlияб школа. Гьединго Гlарани балеб буго 308 цlалдохъанасе бакl бугеб школа. Гьебго программаялда рекъон 24,5 млн гъурущги тlад харж гьабун, 9,5 км манзилалда Гlочlлобе бачунеб буго газил мухъ. Гъонохъ, Байикь, Чlондокь, Шотода, Сивухъ, Гьацlалухъ ва Гlебутlа росабалъе хъахlилаб цlатари бачиналда хурхунги унел руго хlалтlаби. “Чистая вода” программаялда рекъон 52 млн гъурщиде бан бахъана Хунзахъ лъим бацlцlад гьабулел сооружениял. Гьебго программаялда рекъон 17 километралъул манзилалда, 44,1 млн гъурщиде бачана Нахъмагlардасан райцентралде цlияб лъел мухъ. Гьабсагlаталда унеб буго 18 километралъул манзилалда Бакьагьечlибе цlияб лъел мухъ бачиналъул хlалтlабиги. “Формирование комфортной городской среды” программаялда рекъон 1,8 млн гъурщиде Гьамущи бана 900 кв метр гlатlилъи бугеб парк. “Модернизация школьных систем образования” абураб регионалияб программаялда рекъон 7 млн гъурщиде капиталияб ремон гьабуна Гlочlло школалда. “Местные инициативы” программаялда рекъон 3,7 ва 2,1 млн гъурщазде Уздалросулъ ва Гьамищтlа рана цlиял паркал, капиталияб ремонт гьабуна Хlариколо культураялъул рокъоб, рагlалде рахъунел руго райцентралда афгъанцазул парк баялъул хlалтlабиги. “Мой Дагестан-Мои дороги” регионалияб проекталда рекъон 28,4 млн гъурщиде 3,42 км манзилалда хъилги тlун къачlана Хунзахъа Чlондокье унеб нух. “Детский сад - обновление” программаялда рекъон 6,6 млн гъурщиде капиталияб ремонтги гьабун къачlана Гlочло садикалъул мина. “Комплексное развитие сельских территорий” программаялда рекъон 3,1 млн гъурщиде Хунзахъ, Гlарани, Байикь, ва Чlондокь росабалъ хlадурана кьишнидул къалазул площадкаби. “Социально-экономическое развитие горных территорий РД” программаялда рекъон щвана субсидиял. Гьездалъун росдал магlишаталъе хlажалъулеб гьитlинаб техника босарал 6 ЛПХязе, гьезда харж гьабураб гlарцул 50% тlадбуссинабуна. ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Хучбар Хучбаровасул хlаракатчилъиялдалъун Кlахъ бана лъималазул площадка. Бакlалъул бюджеталъул сурсатаздасан 4,4 ва 7,1 млн гъурущги харж гьабун Гlобода ва Гlоркlачlи росабалъ 700 метрадул манзилазда нухазде хъил ва бетон тlуна. Гьединго 6,4 млн гъурщиде 900 метрадул манзилалда капиталияб ремонт гьабун къачlалеб буго Макьасде унеб нухги. Херехьдерил жамагlаталъул хlаракаталдалъун, 11 км манзилалда Мочlохъа Харахьибе бачунеб буго цlияб лъел мухъ. Гlаммаб къагlидаялъ гьелъул багьа бахунеб буго 16 млн гъурщиде. Киналго хlалтlаби гьарулел руго халкъалъул гlарцуде. Гьеб рагlалде щвезе хутlун буго 2,5 км.
|
Автор Н. Гlалиева. Декабрь 2022 сон.
Гьал къоязда Гъонохъ росулъа Гьиматов Мух1амад Шагьидовичас ч1ван буго чанго бац1. Гьелдаса рохарал районцояз дида гьарана гьев бах1арчияв г1олохъанчиясе жидер рахъалдасан баркала загьир гьабеян. Гьале жакъа гьесдаги дидаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:
-Мух1амад, нилъер росуцоял г1и-боц1ухъабазул г1орхъи гьеч1еб рохел буго дуца чанго бац1 ч1ван бугин абун. Духъ чанахъанасул махщелищ бугеб?
-Нилъер г1умруялда жаниб бац1 рик1к1уна ц1акъго зарал ц1ик1к1араб г1алхул х1айванлъун. Бицуна гьелъ цо маг1ишаталъул 200 г1ан чу, 600 г1ан г1и-ц1ани цо сордоялъ ч1ван ратун рук1анилан. Дагьаб г1и-боц1и гъурич1о бац1ица нилъер районалдаги. Гьебги бич1ч1ун дида рак1алде ккана дир дах1ададацаго гьабулеб бук1араб ишалде гьоркьове дунгоги жувазе. К1удияв инсуца г1емер бицунаан чанае хьвадиялъул ва чан кквезе ккани х1ажатал тадбиразул. Гьесдасанго бач1анин ккола дихъе чан гьабиялде рокьи ва гъира. Гьединго дун гурх1изе вач1ана къо бихьун г1езабураб г1и-боц1иги ч1ван къварилъиялде ккарал районцояздаги.
-Дуда кир бац1ал ругелали кин лъалеб?
-Дир буго багьа хирияб тепловизор. Гьелдасан къад г1адин бихьула дида киб бак1алда щиб бугебали къаси мехалдаги. Мисалалъе, Гиничукь росулъан тепловизоралдасан хал гьабуни, дида къаси мех бугониги рат1а рахъизе лъала Ч1ондокь росулъ лъил, щиб чу бугебалицин. Гьединго рихьула дида бац1алги кире унел ругелали. Гьел цо-цо ккун рач1унаро, чанго бац1 цадахъ бук1уна. Дида рихьана нилъер т1алъиялде 35 бац1 бач1унеб. Гьездасан лъаг1алида жаниб дида ч1вазе к1вана 11 бац1. Гьанже сезон байбихьун бугелъул г1емер заман инч1о дица 5 бац1 ч1варалдаса. Бищун цебе ч1вана дирго рукъалъул к1алт1еги бач1ун, чолонибе к1анц1изе къач1ан ч1ун бук1араб 2 бац1, хадуб Г1амикье бач1ун бук1араб бац1, Цо бац1 ч1вана Буц1ра. Ах1и буго Гьац1алухъ росулъ жанибги бугин бац1илан.
|
|