Суббота, 20.04.2024, 13:11 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Январь » 30 » КЪУВАТ КЬЕГИ, МУХlАМАД
11:03
КЪУВАТ КЬЕГИ, МУХlАМАД


Гьал къоязда Гъонохъ росулъа Гьиматов Мух1амад Шагьидовичас ч1ван буго чанго бац1. Гьелдаса рохарал районцояз дида гьарана гьев бах1арчияв г1олохъанчиясе жидер рахъалдасан баркала загьир гьабеян. Гьале жакъа гьесдаги дидаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:


-Мух1амад, нилъер росуцоял г1и-боц1ухъабазул г1орхъи гьеч1еб рохел буго дуца чанго бац1 ч1ван бугин абун. Духъ чанахъанасул махщелищ бугеб?


-Нилъер г1умруялда жаниб бац1 рик1к1уна ц1акъго зарал ц1ик1к1араб г1алхул х1айванлъун. Бицуна гьелъ цо маг1ишаталъул 200 г1ан чу, 600 г1ан г1и-ц1ани цо сордоялъ ч1ван ратун рук1анилан. Дагьаб г1и-боц1и гъурич1о бац1ица нилъер районалдаги. Гьебги бич1ч1ун дида рак1алде ккана дир дах1ададацаго гьабулеб бук1араб ишалде гьоркьове дунгоги жувазе. К1удияв инсуца г1емер бицунаан чанае хьвадиялъул ва чан кквезе ккани х1ажатал тадбиразул. Гьесдасанго бач1анин ккола дихъе чан гьабиялде рокьи ва гъира. Гьединго дун гурх1изе вач1ана къо бихьун г1езабураб г1и-боц1иги ч1ван къварилъиялде ккарал районцояздаги. 


-Дуда кир бац1ал ругелали кин лъалеб?


-Дир буго багьа хирияб тепловизор. Гьелдасан къад г1адин бихьула дида киб бак1алда щиб бугебали къаси мехалдаги. Мисалалъе, Гиничукь росулъан тепловизоралдасан хал гьабуни, дида къаси мех бугониги рат1а рахъизе лъала Ч1ондокь росулъ лъил, щиб чу бугебалицин. Гьединго рихьула дида бац1алги кире унел ругелали. Гьел цо-цо ккун рач1унаро, чанго бац1 цадахъ бук1уна. Дида рихьана нилъер т1алъиялде 35 бац1 бач1унеб. Гьездасан лъаг1алида жаниб дида ч1вазе к1вана 11 бац1. Гьанже сезон байбихьун бугелъул г1емер заман инч1о дица 5 бац1 ч1варалдаса. Бищун цебе ч1вана дирго рукъалъул к1алт1еги бач1ун, чолонибе к1анц1изе къач1ан ч1ун бук1араб 2 бац1, хадуб Г1амикье бач1ун бук1араб бац1, Цо бац1 ч1вана Буц1ра. Ах1и буго Гьац1алухъ росулъ жанибги бугин бац1илан. 


-Мун бац1азда хадуб хал ккун цо бак1алдайищ вук1унев яги бат1и-бат1иял бак1аздейищ унев,


-Бац1ал руго нилъер т1алъиялда киса-кирго. Сивухъ, Шотода, Хунзахъ… Дун бак1-бак1алда хал ккун ч1ола. Гьел рач1унелъул жидерго цо ккураб нухдасан. Абула гьез сордо-къоялда жаниб 200 километраги толилан.


-Рекерун рач1унел бац1азда туманк1 реч1ч1ун бажарулищ чанахъабазухъа? 


-Гьел рекерун гуребги, цо-цо г1одорги ч1ола. Лъазе ккола гьел ругеб бак1.


-Бац1азул зарал гуребги, хайирги буго. Гьезда рохьил санитаралин абуларищ?


-Гьеб рахъалъ нилъее х1инкъизе бак1 гьеч1о. Бац1ал нилъер аниб г1езег1ан ругелъул дагьал-макъал т1аса унин абун гьел лъуг1уларо. Жакъа цо бац1ица 4-6-гоги т1инч1 гьабула. К1ванаг1ан ц1ик1к1ун къадар гьезул лъуг1изаби ккола нилъер мурад.


-Бит1араб буго, Мух1амад. Гьеле гьединлъидалин щивав районцояс, Хунзахъ росдал администрациялъ дуе рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабулеб бугеб. Гьеб х1инкъараб ишалда нахъа дуе гьарула рек1ел къвак1иги, бажари-махщелги, къуватги.


Гара-чlвари гьабуна Н. Гlалиевалъ.
 

Просмотров: 147 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz