Радиоялъ г1умруялъул цо минут борцуна, газеталъ-саг1ат, т1ехьалъ-къо.
Лакретель
Дида цебе лъун буго Шамильхъала почтампталдаса бач1араб 2023 соналъе «Росдал зах1матчи» казияталъул подпискаялъул сиях1. 16 соналъ цебе, дун гьаб басмаялъул редакторлъун т1амураб заманалдаса 10 (!!!) нухалъ гьит1инаб тарих. Доб мехалъ «Росдал зах1матчи» бук1ана цого цо бугеб официалияб халкъияб информациялъул алат: электронияб почалдасан кагъат бит1изеги редакциялде, телефоналъул факсалдасан к1вар бугел документал къабул гьариги-нижедасан, узухъда, т1олабго инфомацияги-ц1ик1к1униселъ газеталдасан. Кинабго бук1ана, Максим Горькияс газеталъул х1акъалъулъ абухъе-«Г1адамасул х1акъалъулъ, г1адамасе г1оло!». Рак1алда буго, гьанжего гьанже къалмил х1албихьулей дицаго хъван бук1араб критикияб макъалаялъ гъугъадизабун бук1араб жамг1ият: рагъул ветеранасул, т1урччи-ц1улги х1ажатабги кьун, т1алаб гьабич1ого тарав цо росдал бегавулас, прокурорасухъе-нахъе «бугьтан лъуралъухъ» хьвадизаюрай т1инай мухбир, цинги г1айибиясда жив мекъи вук1ин бич1ч1ун бит1изабураб тасамах1лъи, рагъул г1ахьалчиясул гьурмада гьими, киназулго рак1разилъи. Мадугьалихъ бугеб районалдаса, жидер доя йигей х1акималъ къвариг1елги т1убач1ого гьумер бух1анин, рач1арал руччабазул къокъа, гьезул раг1абаздасан хъач1ал х1акимзабазухъе хъвараб хит1аб, иргадулаб кант1и, г1адатав чиясул мурад т1убай, киназулго рохел! Газеталда хъваралъул, раг1ул къуват, нижер х1алт1ул баракат, гуч! Г1адат буго, жидер зах1мат х1ажатаблъунги, г1адамаз къимат гьабулеблъунги бихьулеб бугони, гьелде жеги ц1ик1к1ун гъира балеб. Лъаг1елал анаг1ан хъвавул ишалде, т1ахьал-казиятазде г1адамазул ссун унеб бугеб интерес бихьун, бач1араб буго, хас гьабун дир, журналистасул махщел (х1алт1и) хисизе анищги. Бокьулеб ишги жибго тун, туризмалде ани, ялъуни капиталистазул тукада к1усанилъидал Фатимае ц1ик1к1ине бугеб хайир (г1арцулаб).
Лъабазаргог1ан тираж бук1араб басма, районалъул бут1рул рагъизе-семизе, газета хъвай т1адаблъун гьабизе т1амун хъвазаби цо сурараб ишлъун бихьана редактор х1исабалда, дидагоги. Школалъул директорасда (г1уц1иялъул нухмалъулесда) берцин рихьизеян хъвазеги хъван, росизе рач1инч1ого, харч1ал гьарун регарал «Росдал зах1матчияз» жаниеялъулги къват1иеялъулги «хъатица к1ал ч1валеб» бук1ана дирго. Г1ададисеб г1омо борлъилъун бихьана районалде, рахьдал мац1алде гьедин бижизабураб «рокьиги». Ургъел бикьидал «дуе гьез гьел ц1алич1ониги щибилан» «рак1-мак1» гьабуна т1адчаг1азги. Доб мехалъ гьединаб каламалъе «гьура-гьураян» лъугьуней йик1арай дие, исана г1одоейиччай кьун буго Аллагьас, альх1амдулиллагь.
Жеги рихьулел руго (дагьал рук1аниги) г1ансидеги къулун, ц1ерда г1одор ккелин х1инкъун, газета босизе редакциялде хъачулел росдал хараби. (Араб соналъ нижер г1емер божарал ц1алдолел Абадияб рокъореги ана, х1ал Алжаналъуб батаги жидер). Жеги х1алт1илел руго, газеталда бахъич1ого нормативияб акт къуваталде лъугьунарел законал. Жеги ц1алулеб буго «Росдал зах1матчи», социалиял гьиназдасанг1аги г1олохъанаб г1елалъ. Гьеч1о, к1иго соналдасан 100 сон базе бугеб «кагътил рукъи» хун бугилан маг1ирукъ лъезе ккараб ах1вал-х1ал.
Бук1аниги, квеш бихьизе бач1унеб буго, материал балагьун, бет1ер х1алт1ун, хъван, сок1к1ун,
къач1ан къват1ибе кьуразул зах1маталдаса, кодоб «ц1одораб» телефонги ккун (цоялъниги ц1акъ бит1араб ц1ар лъуна смартфоназда чвантинибе рехулеб илбисилан) къват1ул харбал т1ирит1изарулезул машгьурлъи нижералдаса къуватаб бук1ин. «Турун холеб бугеб», амма халкъалъул г1умру нилъералдаса чанго роценалъ лъик1аб бугеб Европаялдацин, газет журналазул интернет – версия бук1аниги, к1удиял тиражазда риччалел руго кагътил экземплярал. Радал кофе-чаялда цадахъ типографиялъул краскадул мах1гун цадахъ жакъасеб казият ц1али буго гьезул хиси гьеч1еб г1адат, лъик1аб г1умруялъул г1аламат. Ц1алдолелъул ратилаха дора цере т1олел, нилъ сундулъго нахъе кколелги ругел.
К1удияб Ват1инияб рагъул соназцин алхинч1ого къват1ибе араб, х1арп теч1ого, цоцахъе кьун ц1алараб казият къо бахъанаг1ан х1ажат гьеч1еблъун бихьи – гьеб я дир, я редакциялъул коллективалъул рогьо гуро. Нечезе риччан те «маг1арул мац1алъ ц1алараб бич1ч1уларин» жидеца абулел, амма г1адамазда релълъун г1урус мац1ги жидеда лъаларел районцоялги, «кинабго интернеталда бук1унин» аралда туманк1ги реч1ч1ун, бук1инеселъул г1арада жидеда «щвеларин» божарал рижисуралги.
Исана «Росдал зах1матчи» хъваразул рокъо-рокъобе лъик1аб гурого хабар рещт1унгеги, амин, газета х1ажат гьеч1еб жо бугин къазе кколин абулезул к1ал ц1иххараб т1охол ц1еги, амин.
P.S. Макъалаялъул ахиралдаги рак1-рак1алъулаб баркала кьезе бокьун буго нусил тарих подпискаялъул рахъалъ бахине к1веч1ониги, гьудуллъи жидеца хвезе теч1ел Харахьи (56), Г1ахьалч1и (41), Гьоц1алъ (31), Мущули (31), росабазул г1адамазе. Ниж х1адурал руго информациялъулаб рахъалъ гьал жамаг1атазул къвариг1елал т1уразе. Хасго ц1акъ тимар гьабизе буго 3500 г1ан маг1ишат бугеб Хунзахъ росулъа, районалъул казият хъвазе бах1арчилъиги кверг1ат1илъиги г1ураб, райцентралъул 11 хъизамалъе (гьел руго почалдасан жидеца газета хъварал, хьул буго редакциялдасан подписка гьабизе январь моц1 хвезег1ан рач1аразг1аги гьеб сурараб тарих хисизабиялде). Сах-саламат таги нуж, х1урматиял.
Ф. Мух1амадова.
|