Нилъеца нахъа толеб буго 2022 сон. Тlолабго улкаялдагогlадин, бигьаяб букlинчlо гьеб нилъер районалъеги. Жеги тlубанго лъугlун букlинчlеб коронавирусалъги гьелда тlаде рачlарал къватlисел пачалихъазул санкциязги лъалаго захlмалъизабуна гъоркьгоги расги лъикlаб даражаялда букlинчlеб гlадатияб халкъалъул яшав. Амма кин букlаниги дандчlварал захlмалъабиги къинарулаго, цо къадаралъул хlалтlи гьабуна муниципалитеталда. Гьедин 2022 соналда районалъ гlахьаллъи гьабуна 10 пачалихъияб программаялда. Гьезул цо бутlа гьабсагlаталдаги гlумруялде рахъинарулел руго.
Социалиябгун - экономикияб цебетlей.
2022 соналда жаниб районалда гьабураб даран-базар ва бича-хиси бахана 2,6 млрд гъурщиде, 2,02 млрд гъурщиде тIуразарун руго хъулухъал, цебесеб соналде данде ккун гьеб кколеб буго гIага-шагарго 119% ва 112% цlикlкlун. Промышленниял предприятияз риччарал ва гьабураб хlалтlул къадар бахун буго 325 млн гъурщиде.
Инвестициял.
Районалда хасаб хlалтlи гьабулеб буго мунипалитеталъул экономикаялде къватlисел ва жанисел инвестициял рачlинариялда хурхун. 2022 соналда районалъ гlахьаллъи гьабурал пачалихъиял программабазда рекъон тlоритlарал тадбиразе харж гьабураб гlарцул къадар бахана 700 млн гъурщиде.
“Образование” миллияб проекталда рекъон Гlобода 20, 5 млн гъурщиде бан рагlалде бахъунеб буго 150 лъимералъе бакl бугеб цlияб школа. Гьединго Гlарани балеб буго 308 цlалдохъанасе бакl бугеб школа. Гьебго программаялда рекъон 24,5 млн гъурущги тlад харж гьабун, 9,5 км манзилалда Гlочlлобе бачунеб буго газил мухъ. Гъонохъ, Байикь, Чlондокь, Шотода, Сивухъ, Гьацlалухъ ва Гlебутlа росабалъе хъахlилаб цlатари бачиналда хурхунги унел руго хlалтlаби. “Чистая вода” программаялда рекъон 52 млн гъурщиде бан бахъана Хунзахъ лъим бацlцlад гьабулел сооружениял. Гьебго программаялда рекъон 17 километралъул манзилалда, 44,1 млн гъурщиде бачана Нахъмагlардасан райцентралде цlияб лъел мухъ. Гьабсагlаталда унеб буго 18 километралъул манзилалда Бакьагьечlибе цlияб лъел мухъ бачиналъул хlалтlабиги. “Формирование комфортной городской среды” программаялда рекъон 1,8 млн гъурщиде Гьамущи бана 900 кв метр гlатlилъи бугеб парк. “Модернизация школьных систем образования” абураб регионалияб программаялда рекъон 7 млн гъурщиде капиталияб ремон гьабуна Гlочlло школалда. “Местные инициативы” программаялда рекъон 3,7 ва 2,1 млн гъурщазде Уздалросулъ ва Гьамищтlа рана цlиял паркал, капиталияб ремонт гьабуна Хlариколо культураялъул рокъоб, рагlалде рахъунел руго райцентралда афгъанцазул парк баялъул хlалтlабиги. “Мой Дагестан-Мои дороги” регионалияб проекталда рекъон 28,4 млн гъурщиде 3,42 км манзилалда хъилги тlун къачlана Хунзахъа Чlондокье унеб нух. “Детский сад - обновление” программаялда рекъон 6,6 млн гъурщиде капиталияб ремонтги гьабун къачlана Гlочло садикалъул мина. “Комплексное развитие сельских территорий” программаялда рекъон 3,1 млн гъурщиде Хунзахъ, Гlарани, Байикь, ва Чlондокь росабалъ хlадурана кьишнидул къалазул площадкаби. “Социально-экономическое развитие горных территорий РД” программаялда рекъон щвана субсидиял. Гьездалъун росдал магlишаталъе хlажалъулеб гьитlинаб техника босарал 6 ЛПХязе, гьезда харж гьабураб гlарцул 50% тlадбуссинабуна. ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Хучбар Хучбаровасул хlаракатчилъиялдалъун Кlахъ бана лъималазул площадка. Бакlалъул бюджеталъул сурсатаздасан 4,4 ва 7,1 млн гъурущги харж гьабун Гlобода ва Гlоркlачlи росабалъ 700 метрадул манзилазда нухазде хъил ва бетон тlуна. Гьединго 6,4 млн гъурщиде 900 метрадул манзилалда капиталияб ремонт гьабун къачlалеб буго Макьасде унеб нухги. Херехьдерил жамагlаталъул хlаракаталдалъун, 11 км манзилалда Мочlохъа Харахьибе бачунеб буго цlияб лъел мухъ. Гlаммаб къагlидаялъ гьелъул багьа бахунеб буго 16 млн гъурщиде. Киналго хlалтlаби гьарулел руго халкъалъул гlарцуде. Гьеб рагlалде щвезе хутlун буго 2,5 км.
Росдал магlишат.
Районалъул экономикаялъул аслияб бутlа - росдал магlишаталда гъорлъе уна 90 росдал магlишаталъул предприятие, 33 КФХ ва 7659 ЛПХ. Аслияб къагlидаялъ гьез гlезарула могьолал культураби, овощал, гьан, рахь ва квас. 2022 сонил 9 моцlида жаниб росдал магlишаталъул бутlаялъ биччан буго 1,7 млрд гъурщиде ккараб продукция. Районалда буго 340 гектар пихъ кьолел ахазул. Хасел тlамизе байбихьулеб заманалде магlишаталъул киналго категориязда буго 25000 бетlер чlегlерхlайваназул, гьездасан 13500 гlака, 200000 цlикlкlун гlи-цlцlани, гьездасан 50000 бетlер тайпадулаб гlиял. Гlезабун буго 3300 т гьанал, 21000 т рахьдал, 350 т квасул, 3500 т фуражалъул. Араб соналъул гьебго заманалда данде ккун гьел хlасилал 2-3% цlикlкlун руго. Гьоркьохъеб къагlидаялъ цо гlакдадаса бечlчlун буго 1555 кг рахьдал, цо гlиялъажоялдаса къунцlун буго 2,3 кг квасул. Райадминистрациялъул росдал магlишаталъул отделалъ хал гьабуна гочинабун гlи-боцlи хьихьулел ракьал рахъи кьоледухъ хlалтlизарулел ругищали ва щибаб магlишаталъул хlалтlуе кьуна гьелда рекъон къиматги.
Исана “Знатные люди”, “Стелла” ва “Аконит” СПКяз гlахьаллъи гьабуна Волгоградалда тlобитlараб Тlолгороссиялъул тайпадулаб гlиязул выставкаялда ва батlи-батlиял категориязда 1 ва 2 бакlал ккуна. Районалъул магlишатазе гlаммаб къагlидаялъ щвана 40 млн гъурщидаса цlикlкlараб пачалихъияб кумекги. Гьединго районалъул киналго магlишатазул предприятияз гlаммаб къагlидаялъ 3,5 млн гъурщиде кумек гьабуна Украинаялда тlобитlулеб бугеб хасаб операциялъул гlахьалчагlазеги.
Гьелдаго цадахъ, абизе ккола росдал магlишаталъул продукция бича-хиси ва гьелъул нигlматал хlадуриялъул хlалтlи районалда букlине кколеб даражаялда гlуцlун гьечlилан. Районалъул росдал магlишаталъул хlалтlухъабазда кlудиял захlмалъаби дандчlвалел руго техника, запчастал ва цогидабги хlажатаб къайи-цlа босулелъулги. Магlишатазда цlакъ загlипаб даражаялда гlуцlун буго бухгалтерлъиялъул учетал хlадуриялъул ва отчетал иш тlаде кколел органазде кьеялъул хlалтlи.
Лъай-кьей.
Районалъул нухмалъиялъул кидагосеб бербалагьиялда гъоркь буго лъай кьеялъул бутlа.
Жакъа къоялде районалъул лъай кьеялъул бутlаялде гъорлъе уна 81 лъай кьеялъул гlуцlи: 19 гьоркьохъеб школа, 7 гlаммаб лъай кьеялъул школа, 12 байбихьул классазул школа, 38 школалда цебесеб лъай кьеялъул гlуцlи (83 группа) ва 5 тlадеги лъай кьеялъул гlуцlи. Гьел киназдаго буго Интернет, лъун руго видеокамераби, цlадудаса цlуниялъул сигнализациял, тревогаялъулал кнопкаби, хехаб ахlиялъул телефонал ва металлодетекторал. 5 школалда чlезабун буго хасаб охранаги. 12 учреждениялъул буго лъимал раччизе транспорт. Гlаммаб къагlидаялъ, лъай кьеялъул учреждениязда тlоцебесеб сменаялда цlалулел руго 2910 лъимер, кlиабилеб сменаялда - 8. Школазда цебесеб лъай кьеялъул учреждениязда буго 1368 лъимер. Гочинабун гlи-боцlи хьихьулел зонабаздаги буго 201 лъимер жаниб бугеб 4 садик ва 760 цlалдохъан вугеб 8 школа.
Цlалдохъабазул гlаммаб къадаралда гьоркьоса 33 лъимер-инвалид цlалулеб буго рокъобго. Кlиго росулъ хутlизегlан (Гlорутlа - 60%, Гьамущи - 73%), киналго росабалъ 100% тlубан буго лъимал школалда цебесеб лъай кьеялъул гlуцlабаздалъун хьезари. Жакъа къоялде школалда цебесеб лъай кьеялъ гъорлъе рачун руго 1500 лъимер, жеги бакl буго 132 лъимералъеги, иргаялда буго 271 лъимер, тlадеги лъай кьеялъул учреждениязда буго 2262 лъимер. Исана гlурус мацlалъул “Лучший урок” ва “Будущее моей страны - в моих руках” темаялда сочинениялъул тlобитlараб республикаялъулаб конкурсалда бергьенлъи босана Харахьи гьоркьохъеб школалъул гlурус мацlалъул ва литератураялъул учительница Мадина Маликовалъ. 2022 соналда РФялъул лъай кьеялъул бутlаялда “Почетный работник” абураб цlар кьуна 8 мугlалимасе, Россиялъул Просвещениялъул министерствоялъул мустахlикъал грамотабаздалъун кlодо гьаруна лъай кьеялъул гlуцlабазул 7 хlалтlухъан. Районалда буго бесдаллъарал ва эбел-инсул къайимлъи гьечlого хутlарал 49 лъимер. Исана 6 бесдал лъимералъе росана минаби, жеги иргаялда буго 61 лъимер.
Районалъул лъай кьеялъул бутlаялда цере чlарал аслиял масъалабаздасан ккола лъай кьеялъул гlуцlаби жанир ругел минаби цlуни ва гьел гьаб заманалъул тlалабазда рекъарал даражаялде рачин. Районалъул лъай кьеялъул цо-цо учреждениял руго 50, 70, хlатта, 100 соналъ цебе ран рукlаралцин минабазда жанир ва чара гьечlого хlажат буго, ресалда рекъон гьенир ремонтал гьаризе яги цlиял минаби разе. Цо-цо росабалъ гlолел гьечlо гьитlичазе ясли-ахазда бакlал. Мисалалъе, гьединаб гlузру буго Гlорутlа, Гьамущи ва Накlкlикь росабалъ. Гъоркьколо, Сиюхъ, Буцlра, Мочlохъ ва Чlондокь росабалъ ругел садикал руго ижараялъе росарал минабазда жанир.
Районалъ лъабабилеб соналъ гlахьаллъи гьабулеб буго “Современная школа” проекталда. Гьеб заманалда жаниб рагьана “Точка роста” центразул 12 проект. Гьездасан лъабгояб рагьана исана. 2021-2022 цlалул соналъ районалда ЕГЭ кьуна 137 выпускникас, ОГЭ - 238 цlалдохъанас. Историялъул ЕГЭялъе 100 балл босана Хунзахъ гьоркьохъеб тlоцебесеб школалъул цlалдохъан Хъазанбиева Мадинаца. Меседил медалазе мустахlикълъана 9 цlалдохъан.
Маданият.
Районалъул культураялъул бутlаялъул хIалтIи гIуцIун букIуна муниципалитеталъул киналго идарабазулгун хъулухъазул щулияб цадахъаб хIаракаталдалъун, хасго лъай кьеялъул, спорталъул, ихтиярал цIунулел, гIолилазулгун жамгIиял гIуцIабазулгун, бакIалъулаб телевидениегун ва «Росдал захIматчи» газеталъул редакциягун цадахъ.
Исана районалъул маданияб гlумруялда аслиял лъугьа-бахъиналлъун рукlана тlадегlанаб даражаялда ДРялъул Халкъиял шагlирал Фазу Гlалиевалъул ва Гlабасил Махlамадил юбилеял кlодо гьари. Гьезда хурхун республикаялда ва районалда тlоритlана гlемерал тадбирал. 1 октябрялда Лъагlилухъ тlобитlана Гlабасиласул юбилей. Гьелде капиталияб ремонтги гьабун, къачlан букlана шагlирасул рукъ-музей ва гьебго къоялъ школалъул азбаралда ва рокъоб рагьана поэтасул бюсталги.
14 декабралда республикаялъул нухмалъиялъул вакилзабиги гlахьаллъун районалда кlодо гьабуна Фазу Гlалиевалъул юбилей. Райцентралда афгъанцазул паркалда рагьана шагlиралъул бюстги.
Гlумруялде бахъинабуна бищунго чlахlиял социалиялгун маданияталъул проектазул цояблъун жиб кколеб “Открывая двери, открываем сердца” проект. Гьелъ цолъизаруна Москваялъулги Хунзахъ районалъулги руччаби.
2023 соналда “Культура” миллияб проект гlумруялде бахъинабиялъул мурадалда модульниял муниципалиял библиотекаби гlуцlиялъе тlобитlулеб конкурсалда бергьана районалъул централияб библиотека. Гьелдалъун рес щвела библиотекаялъул мина гьаб заманалъул техникаялдалъун хьезабизе ва ремонт гьабизе.
Гьабсагlаталда тlолабго улкаялдаго цадахъ район хlадурулеб буго бачlунеб соналъ тlобитlизе бугеб Расул Хlамзатовасул юбилей кlодо гьабизе.
Гlолилазул политика, туризм ва спорт.
Районалда хlалтlулеб буго 52 спортивияб сооружение, гьездасан 12 мини-футболалъулаб площадка ва 7440 кв м гlаммаб гlатlилъи бугеб 23 спортивияб зал. Районалъул спортивиял школазда кьола спорталъул 9 батlияб тайпаялъул тренировкаби. Гlаммаб къагlидаялъ гьезде хьвадула 1120 лъимер.
Районалъул спорстменаз жигараб гlахьаллъи гьабула гlемерисел районазда гьоркьосел, республикаялъулал, СКФОялъул ва Тlолгороссиялъулал турниразда ва призалъулал бакlалги ккола. Гьедин, исана волейболъул рахъалъ Волгоградалда тlобитlараб ЮФОялъулгун СКФОялъул Первенствоялда районалъул тlаса бищараб гlолилазул волейболалъул командаялъ ккуна лъабабилеб бакl. 2008, 2006, 2004 соназ гьарурал ва жеги гьитlинал ясаздагун гlолилазда гьоркьосеб республикаялъул волейболалъул первенствоялъул зоналиял къецазда районалъул командабаз ккуна тlоцересел бакlал. 2004 соналъ гьарурал ясазул ва 2006 соналъул гlолилазул республикаялъул первенствоялдасаги нилъер командаби тlадруссана бергьенлъиги босун. Сербиялъул Нови-Сад шагьаралда рагъулаб самбоялъул рахъалъ Европаялъул чемпионаталда бергьенлъи босана Хlариколоса Загьид Хlайдаровас. Ахирисел соназда районалда цебетlолеб буго футбол. Гьедин, санайил тlобитlула районалъул футболалъул лига, школазда, райцентралъул авалазда гьоркьосел ва цогидалги футболалъул турнирал.
Жакъа къоялде районалда гlумру гьабун руго 14-30 сонил ригьалда ругел 8822 гlолилал, гьеб ккола муниципалитеталъул гlаммаб халкъалъул 26%. Райадминистрациялъул гlолилазул ишазулгун спорталъул ва туризмалъул отделалъ цогидал гlуцlабигун цадахъ цlайи бугеб хlалтlи гьабулеб буго гlолилазда хурхун. 2022 соналда тlоритlана гlолилазда хурхарал гlемерал тадбирал. Мисалалъе, тlобитlана районалъул гlолилазул Олимпиялъул хlаязул чемпион Заур Угуевасулгун дандчlвай. Санайилгогlадин районалда кlодо гьабуна гlолилазул къо, тlоритlана “Георгиевская лента”, “Дерево победы”, “Триколор” ва цогидалги рикlкlен гlемерал акциялгун флешмобал ва цогидалги тадбирал.
Ахирисел соназда районалда циндаго цебетlун унеб буго туризм. Гьелъ рес кьолеб буго цо къадаралъниги районалъул гlадамазул яшавалъул даража борхизабизе. Жакъа къоялде районалда хlалтlулеб буго 35-40 гьалбадерил рукъ. 2022 соналъ районалде рачlарал туристазул къадар 200 азаргоялдасаги тlаде ана. Районалъул нухмалъиялъ цlайи бугеб хlалтlи гьабулеб муниципалитеталда туризмалъе хlажатал шартlал гlуцlиялъе. Макьасда, Мочlохъ хlорда, Гьоцlалъ ГЭСалда ва Цlолбокь рагlалда чlван руго цlодорлъи гьабизе ва рацlцlалъи цlунизе ахlулел хасал знакал. Гьедин, 2022 соналда жаниб чlвана 46 знак.Хасаб кlвар кьолеб буго туризмалъул объектазда рацlцlа-ракъалъи цlуниялде. Туристал хьвадулел киналго бакlазда лъун руго кьишнидул урнаби. Риидалил заманалда районалда хlалтlула зип-лайн, виа феррата, джампинг, чуязда рекlингlадал ва цогидалги экстремалияб туризмалъул цlи-цlиял рахъалги. Инвестициязул кумекалдалъун разе байбихьун руго чанго туризмалъул объектал.
Финансал ва налоговияб политика.
Республикаялъул бюджеталъул тlаде бачlунеб бутlа цlикlкlинабиялъул мурадалда рагlдукь бугеб бизнес тlатинабиялъе цадахъаб хlалтlи тlобитlулеб буго иш тlаде кколел идарабаз. Гьедин, цадахъаб хlалтlул хlасилалдалъун 2022 соналъул 11 моцlалда жаниб муниципалияб бюджеталде бачlун буго налоговиял ва налоговиял гуреб гlарцул 23,5 млн гъурущ, план тlубазабун буго 103, 9 %. НДФЛалъул 16,3 млн (101,8%), УСН - 9,6 млн (104,7), ЕСХН - 1,8 млн (97,3%), ракьул налог - 1,9 млн (57,2%), физлицабазул буголъиялъул налог - 283 000 гъ (18%).
Данде росана И. Мухlамадовас.
|