Четверг, 28.03.2024, 20:00 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 14

Автор И. Мухlамадов. Апрель 2022 сон.

6 апрелалда районалъул бетlерасул заместитель Тlалхlат Гlамиргlалиевасул нухмалъиялда гъоркь райадминистрациялда тlобитlана гlовул гlужде рахинчlел лъималазул ишазул ва гьезул ихтиярал цlуниялъул рахъалъ комиссиялъул иргадулаб данделъи.

Гьелда гlахьаллъи гьабуна гlовул гlужде рахинчlел лъималазул ишазул ва гьезул ихтияр цlуниялъул рахъалъ жавабияй секретарь Патlимат Асаевалъ, Хунзахъ районалъул КЦСОНалъул директорасул заместитель Гlабдумалик Гlабдумаликовас, Россиялъул МЧСалъул Дагъистаналда бугеб халгьабиялъул отделалъулгун профилактикияб хlалтlи гьабиялъул (ОНДиПР) кlудияв инспектор Хlамзат Сагlидовас ва цогидалги жавабиял хlалтlухъабаз. Данделъиялда гьоркьор лъун рукlана гlовул гlужде рахинчlел лъималазул ва гьезул законниял вакилзабазда хурхун административиял ихтиярал хвезариялъул, законги хвезабун яргъид гlуцlаразул къокъаялъул (НВФ) балугълъичlел лъималазулгун профилактикияб хlалтlи гьабиялъул ва районалъул лъай кьеялъул учреждениял цlа ккеялдаса цlуниялъул суалал.

Просмотров: 89 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 14.09.2022 | Комментарии (0)

Автор Ахlмаднабил Сайгидахlмад. Март 2022 сон.

Бузнаса нухалъул хабар нилъеца цебеги гlемер бицана, хъвана, букlаниги, гьеб гlемерго кlудияб хlалтlиги бугелъул, унел харжалги цlикlкlарал ругелъул, нахъойги бицинчlого борчlулеб гьечlо. Нухда хlалтlи чlечlого цебе ине ккани, гьелъие гlезегlанго сурсатал хlажалъула. Масала, цо къоялъ кlудияб бульдозер хlалтlизе ккани, 400 литр соляркаялъул хlажалъулеб буго. Эксковаторалъе 200 литр. Гьениб гьабсагlат хlалтlулеб анцlила хадуб батlи-батlияб техника буго. Нух бахъулеб бакl, гlезегlан захlматал, кьвагьизе кколел кьурабиги ругеб буго. Техникаги буго 30-32 сон бараб, букlаниги квеш-лъикl хlалтlулеб буго. Гьеб нух гьабизе тlаде босарав, Болъихъа инженер Мухlамадкамилги гьитlинав чи гьечlо. Гьесие кидаго хlалае чlарав, нилъер цебе букlараб Хlукуматалъул председателасул замлъун вукlарав Набиюла Мухlамадовасул ункъойидасаги арал сонал руго. Букlаниги, бихьани бер биххулел хlалтlаби руго гьенир гьарурал. Гьеб кинабго нух кlийиде бикьун букlана, гьеб кlиябго бутlа данделъизе 600 м. гlанасеб бакl хутlун буго. Гьезда гьоркьоб буго гlезегlан гъваридаб кlкlал. Нижер гьеб нухлуе квербакъулеб гьитlинабго къокъаялъ, ахираб заманаялъ ахlи бана тlолалго магlарул районазда ругел, депутатазде, росдалги районалъулги бутlрузде, мажгитазул имамзабазде, кири бокьанщиназде, ресалда рекъараб садакъаги кьезе, гьениб гьабурабги, гьабизе хутlарабги хlалтlиги бихьизе, 26 абилеб марталде, гьеб нухде рачlаян. Рачlанаха тlолалго магlарул районалъул вакилзаби, мажгитазул имамзаби. Кири бокьарал бусурбаби. Гьенибе садакъаде кьолеб гlарац рикlкlун, къваригlарасул цlар хъван хадур гъолел рукlинчlо лъабго чи. Росабаца бакlарун бачlун бугоан цlикlкlа-цlикlкlараб гlарцул къадар. Цlарцин хъвачlого къолонибе балеб букlана халкъалъ гlарац. Дида жеги гьедигlанасеб къадар, садакъаде гlарац кьезе данделъараб халкъ кибго бихьун букlинчlо. Рохизе бачlана магlарулазул бугеб цолъи гъункиялдаса. МашаАллагь, хlасилалги лъикlал ккана. Гlемерав чи вуго, кидал гьеб нух лъугlулебан гьикъулев. Нужее баяналъе: Кинабго нухлул халалъи буго, гlагашагарго 31 км. Нух къокълъизе ккола 21 км. Тlубанго нух жеги гьабичlеб, кьурабиги кlкlалалги ругеб буго 4000+600=4 600 м. Нухде щваразда, цо-цо бакlал рихьидал ккун батизе бугьула, гьаб щибин сухъмахъ гlадаб нухан. Гьел руго заманаялъул нухал, гьоркьор ругел кlкlалал цlезегlан гьарурал. Тlубан лъугlидал, нухалъул эхедерай 5 градусалдаса цlикlкlараб букlине гьечlо. 500 метраялъ цебе бугеб машина бихьулеб букlине буго. Кlигlоржубаде щведал доба лъезе кколеб кьоги буго. Хlасил, гlемераб хlалтlи гьабунги буго, гьабизе кколебги буго. Суал кьола, хlукуматалъул кумек букlунарищан. ИншаАллагь, букlина гьездасанги кумек, цlияв тарав хlукуматалъул председателасде щвезабуна гьеб нухлул хабар. Жив Республикаялъул бетlерасухъе инин кумек гьарунилан рагlи кьун буго досги. Исана проектги сметаги гьабизе рес ккани, щвела гьезухъанги кумек. Сайгидпашацаги садакъаде лъикlаланго гlарацги бачlана, ДУМАялда ругел 11 Дагъистаналдаса депутатаздаги абун, гьезулги кумек щвезабилин рагlи кьун буго. Гьединаб хlал буго хириял магlарулал гьабсагlат нухлул. Бегьилаан гьеб мажлисалде гIахьаллъи гьабизе рачlине районазул, росабазул бутIрул, Дагъистан республикаялъул Халкъияб собраниялъул, районазул ва росабазул депутатал. Щаяли лъаларо, нилъер гьаниб халкъги, нухмалъулелги батlа кlанцlун руго. Муфтияталъги, хlукуматалъги халкъалда цадахъ рекъон тlаде кIвар кьун букIараб ани, Бузнасан нух рагlалде щун букlинаан.

Просмотров: 87 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 14.09.2022 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Март 2022 сон.

28 марталда Хунзахъ Ш. Шамхаловасул цlаралда бугеб культураялъул кlалгlаялда тlобитlана районалъул школлъималазул эбел-инсулгун гlатlидаб собрание. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, лъай кьеялъул отделалъул начальник Патlимат Хlамзатовалъ, ихтиярал цlунулел идарабазул вакилзабаз, школазул директорзабаз, учительзабаз ва цогидазги.

Данделъиялда гьоркьор лъурал аслиял суалаздасан рукlана тlаде щолеб бугеб ЕГЭ ва ОГЭялде хlадурлъи, лъималазул цlалуде ва тарбия кьеялде кlвар цlикlкlинабизе ккей ва цогидалги жакъа районалъул льай кьеялъул бутlаялда цере чlарал масъалабазул бицин. Киназего саламги кьун данделъи рагьана районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас. “Жакъа киназдаго лъала нилъер улкаялъул хlинкъи гьечlолъи цlунун Украинаялда хасаб операция унеб букlин. Амма нилъеда гъорлъ камулел гьечlо гьелъул магlна бичlчlичlого, гlахьучlал рицунел чагlиги. Гьединлъидал жакъасеб ахlвал-хlалалда кlудияб кlвар буго школазда лъималазулгун бичlчlикьеялъулаб хlалтlи тlобитlиялъулги. Нилъер эбел-инсуе жидерго лъимал тlубанго къваригlун гьечlин абуниги мекъи ккеларо. Гьале жакъасеб данделъиялдеги цlакъ дагьаб гурони къадар эбел-инсул рачlун гьечlо. Гьездасанги гlемерисел улбул руго. 30-40 соналъ цебе букlараб гlадинаб къагlида гьечlо жакъа, щиб ишалде руссаниги гьаб заманалда къваригlунеб буго гъваридаб лъай. Амма цохlо лъай щунги гlоларо, цадахъго букlине ккола тарбия кьеялъул ва гlаданлъиялъул рахъги. Лъагlалие 35 млн гъурущги тlад хвезабун хlалтlулел руго районалда спортивиял школал, нилъер лъималазе тренировкаби кьезе рукlине. Амма гlемерисел умумул руго жеги цониги нухалъ жиндирго лъимер сунде буссун бугебали халгьабизе спортзалалде рачlинчlел. Метер гьез цониги къваригlел гьечlеб иш гьабун батани, гьеб мехалда лъугьуна гlайибиял ралагьизе. Гlайиб гlунтlизабула учительзабазде, тренеразде, киназдего. Гlицlго жидедего хутlизегlан. Къаси сагlат 10 тlубайдал рокъобе бачlунареб лъимер киб бугебали цlехоларел эбел-инсул пайда щиб? Киназдаго лъала администрациялъ, учительзабаз ва цогидазги щиб гьабизе кколебали. Амма жидедаго тlадаб жо лъиданиги лъалеб гьечlо. Жамагlаталда гlадлунизам лъугьине ккани, бищун цебе нилъедасанго байбихьизе ккола”, - ян абуна гьес. “Жакъа гьанир данделъаразда бичlчlизе ккола нилъер мурад гlаммаб букlин. Киназдаго бихьулеб буго нилъер улкаялъе кигlан цlакъ гъваридаб лъаялъул ва камилаб гlакълуялъул специалистал хlажат ругелали. Гьединал махщелчагlи гlезари буго нилъер киназулго мурад”, - ян абуна лъай кьеялъул отделалъул начальник Патlимат Хlамзатовалъ.

Просмотров: 105 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 14.09.2022 | Комментарии (0)

Автор Н. Гlалиева. Март 2022 сон.

Гьал къоязда районалъул культураялъул кIалгIаялда тIобитIана «Дагъистаналъул лъагIалил тарбиячIужу-2022» профессионалияб конкурсалъул муниципалияб бутIа рагьиялъул хIурматияб дандеруссин, жибги «Нилъеразе гIоло» ва «Нацизм гьечIеб дунялалъе гIоло» абураб рагъулабгин патриотикияб акция хIисабалда тIобитIулеб.

Тадбир берцин гьабун букIана нилъер рагъулал хъулухъчагIазул рахъ ккун маданияталъул фоеялда, рагъулабгин-патриотикияб темаялда тIобитIараб цебелъеялъги, стендазги, макетазги, жалго лъималаз гуманитарияб кумекалда цадахъ Украинаялде нилъер солдатазе ритIизелъун рахъарал кIарчамал суратазги. Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Задиев НурмухIамад МахсутIхIажиевичас, райсобраниялъул председатель МухIамадов МухIамад ХIажиевичас, лъай кьеялъул отделалъул начальник ХIамзатова ПатIимат ХIадисовнаялъ, районалъул руччабазул советалъул нухмалъулей Набиева ПатIимат МухIамадовнаялъ, районалъул жамгIияб палатаялъул рахъалдасан Хъайитмазов Хъайитмаз Аварскияс, районалъул лъай кьеялъул отделалъул школалда цебесеб лъай кьеялъул хIалтIухъабазгин нухмалъулез ва гьез тарбия кьолел Хунзахъ №1, №2, №3, ГIобода лъималазул ахазул гьитIичаз. КIалъазе яхъарай районалъул лъай кьеялъул отделалъул лъималазе школалда цебесеб лъай кьеялъул рахъалъ методист Асият ГьитIиновасовалъ баян гьабуна жакъа гьаб залалде киналго ракIарун ругила нилъер улкаялъул суверенитет ва ихтиярал цIуниялъул руль кколев миллияв лидер, нилъер Президент Владимир Путинил ва улкаялъул киналго гражданазул рахъ ккун. Гьелде руссарал рукIана киналго церерахъиналги. Лъималаз рикIкIана ВатIаналъул хIакъалъулъ кучIдул, бихьизабуна «Россия, цебехун!» абураб композиция.

Просмотров: 83 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 14.09.2022 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Март 2022 сон.

24 марталда райадминистрациялда тlобитlана оперативияб штабалъул данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, администрациялъул хlалтlухъабаз, ихтиярал цlунулел, къуваталъулал, социалияб рахъалъ цlуниялъул, сахлъи цlуниялъул ва цогидалги идарабазул вакилзабаз.

Данделъиялда гьоркьор лъун рукlана районалъул жакъасеб гlумруялда хурхарал гlемерал суалал. Амма аслияб бакl ккун букlана моцlгlан заманаялъ Украинаялда унеб бугеб хасаб операциялъул бициналъ. Гьелдасан байбихьана оперштабалъул иргадулаб данделъиги. “Районалда тlобитlулеб щибаб данделъиялда бицине ккола жакъа нилъер улкаялъул хlинкъи гьечlолъи цlунун Украинаялда тlобитlулеб бугеб хасаб операциялъул. Гlадамазда бичlчlизабизе ккола гьелъул хlакъикъияб магlна. Бажарараб кумек гьабизе ккола гьенир ругел нилъер гlолохъабазе ва рокъор хутlарал гьезул эбел-инсуе, хъизанлъималазе ва цогидабги гlагарлъиялъе. Гьаниб рехсечlого рес гьечlо къойил хиралъулел ругел багьабазулги. Цlатари учузлъун буго, амма таксиялъул, тукабазда ва цогидалги халкъалъе хlажатал жалазул багьаби рахунел руго. Гьелъул магlна щиб? Предпринимателаз абулеб рагlула жидецаги къайи-къоно хираго босизе кколеб бугилан. Хираго босараб къайи бичеха цlиял багьабазда рекъон, учузго босун букlараб продукция хираго щай бичизе кколеб? Районалда ругел даранбазаралъул точкабазда кьучl гьечlого багьаби рахинарулел бугищали халгьабизелъун гlуцlун букlараб комиссия щай хlалтlулеб гьечlеб? Гlажаибал предпринимателал руго нилъер. Кlалбиччанкъоялде, Цlияб соналде ва цогидал байрамазда цебеги багьаби рахинарула гьез. Узухъда, киналго предпринимателазул мурад букlуна жидеего щолеб хайир цlикlкlин. Амма цадахъго гlаданлъиялъул рахъги кlочон тезе биччазе бегьуларо”, - ян абуна районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас.

Просмотров: 75 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 14.09.2022 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Март 2022 сон.

16 марталда райадминистрациялда тlобитlана бегавулзабазулгун данделъи. Гьениб гьоркьор лъун рукlана жакъа районалъул росабазда цере чlарал бищунго кlвар бугел суалал - «зеленкаби» гьари, батlибатlиял пачалихъиял программабазда гlахьаллъи гьаби, ракьал ижараялъе кьей, росабалъе тlабигlияб газ бачин ва цогидалги.

Гьениб гьоркьор лъун рукlана жакъа районалъул росабазда цере чlарал бищунго кlвар бугел суалал - «зеленкаби» гьари, батlи-батlиял пачалихъиял программабазда гlахьаллъи гьаби, ракьал ижараялъе кьей, росабалъе тlабигlияб газ бачин ва цогидалги. Хасго кlвар кьун букlана ракьазул суалалде. “Дун гьаб хъулухъалде вачlараб къоялдаса нахъе абулаан дица нилъ нилъерго умумуз гьабулеб батараб ишалде тlад руссине ккараб заман бачlине бугилан. Жакъа бачlана гурищ гьеб заман? Гьанже кинабго жоги хиралъулеб бугеб мехалда, хурзалги рекьичlони, боцlиги хьихьичlони кире нилъ рорчlизе ругел? Гlадамазе пайдаялъе хlалтlизабичlого, рехун тараб цониги кесек ракьул букlине бегьуларо исана районалда. Бегавулзабазги жидехъго ккун течlого, къваригlарал чагlазухъе ижараялъе кьезе ккола ракьал. Гlажаибаб ахlвал-хlал лъугьун буго нилъер районалда ракьазда хурхун. Цониги социалияб объект базе, цlех-рех гьабидал, бетlергьан гьечlеб ракьул кесек батуларо цониги росулъ. Амма гьезул хlакъалъулъ баянал ратуларо Росреестралда ва бюджеталде цо гъурущ налогазул бачlунаро. Гьарун гьечlо ракьалъул бетlергьан вукlин чlезарулел документал. Гlемер бицана “зеленкаби” гьаризе кколилан. Гьале гьанже ракьулги тlад бараб минаялъулги “зеленкаби” гьечlого, минаялде тlабигlияб газ бачунеб гьечlо. Гьединго кьун гlарацгун росабалъ хьихьун руго культураялъул рукъзал, библиотекаби ва цогидалги учреждениял. Гьел киназго бихьизабизе ккола жакъа нилъер Ватlаналъул хlинкъи гьечlолъи цlунун къеркьолел ругел нилъер гlолохъабазул рахъ кколеб букlин”, - ян абуна районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас.

Просмотров: 73 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 14.09.2022 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Март 2022 сон.

14 марталда райадминистрациялда тlобитlана районалъул активгун дандчlвай. Аслияб къагlидаялъ гьениб гьоркьоб лъураб суал букlана жакъа дунялалда лъугьун бугеб политикияб ахlвал-хlалалъул бицин.

Киназего саламги кьун данделъи рагьана районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас. “Жакъа киназдаго лъала Украинаялда унел ругел лъугьа-бахъиназул хlакъалъулъ. Амма камулел гьечlо Интернеталда хъвалел ругел гlахьучlазда яги цогидал къватlул харбаздаги божун, жидедаго лъалелги лъаларелги жал рицунел чагlиги. Хlатта, гьединал гlадамал ратулел руго районалъул интеллигенциялда гъорлъгицин. Гьеб букlине бегьулеб жо гуро. Нилъер районалдаса 500 гlан гlолохъанчи вуго жакъа Украинаялда. Нилъецаги гьезул рахъ кквечlони, лъица дозул рахъ кквезе бугеб? Пачалихъалъул политикияб пикруялде дандеги рахъун гlантал-тохал жал рицине бегьуларо жакъа нилъеца. Жакъа захlматаб ахlвалхlалалда ругел нилъер гlолохъабазе бажарараб кумек гьабизе тlадаб буго нилъеда. Гьединлъидал нижеда ракlалда буго щибаб шамат къоялъ районалдасан гуманитарияб кумекалъул цо-цо машина битlизе. Гьелъие гlарац бакlарун, администрациялъул ва районалда ругел цогидалги учреждениязул хlалтlухъабазе предложение кьун буго цо къоялъул харж гьенибе рехизе. Рес бугес жеги цlикlкlунги кьезе бегьула. Лъиданиги хlал гьабулеб мех гуро, щибав чияс жиндиего бокьани гурони, кьезеги кколаро. Гьединго ратизе бегьула Украинаялда хасаб операциялда гlахьаллъи гьабулел ругел нилъер солдатазул рокъор ругел тlалаб-агъаз гьабизе чи гьечlого хутlарал яги язихъго ругел эбел-эмен, хъизан-лъимал ва цогидабги цебесеб гlагарлъи.

Просмотров: 82 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 14.09.2022 | Комментарии (0)


by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz