16 марталда райадминистрациялда тlобитlана бегавулзабазулгун данделъи. Гьениб гьоркьор лъун рукlана жакъа районалъул росабазда цере чlарал бищунго кlвар бугел суалал - «зеленкаби» гьари, батlибатlиял пачалихъиял программабазда гlахьаллъи гьаби, ракьал ижараялъе кьей, росабалъе тlабигlияб газ бачин ва цогидалги.
Гьениб гьоркьор лъун рукlана жакъа районалъул росабазда цере чlарал бищунго кlвар бугел суалал - «зеленкаби» гьари, батlи-батlиял пачалихъиял программабазда гlахьаллъи гьаби, ракьал ижараялъе кьей, росабалъе тlабигlияб газ бачин ва цогидалги. Хасго кlвар кьун букlана ракьазул суалалде. “Дун гьаб хъулухъалде вачlараб къоялдаса нахъе абулаан дица нилъ нилъерго умумуз гьабулеб батараб ишалде тlад руссине ккараб заман бачlине бугилан. Жакъа бачlана гурищ гьеб заман? Гьанже кинабго жоги хиралъулеб бугеб мехалда, хурзалги рекьичlони, боцlиги хьихьичlони кире нилъ рорчlизе ругел? Гlадамазе пайдаялъе хlалтlизабичlого, рехун тараб цониги кесек ракьул букlине бегьуларо исана районалда. Бегавулзабазги жидехъго ккун течlого, къваригlарал чагlазухъе ижараялъе кьезе ккола ракьал. Гlажаибаб ахlвал-хlал лъугьун буго нилъер районалда ракьазда хурхун. Цониги социалияб объект базе, цlех-рех гьабидал, бетlергьан гьечlеб ракьул кесек батуларо цониги росулъ. Амма гьезул хlакъалъулъ баянал ратуларо Росреестралда ва бюджеталде цо гъурущ налогазул бачlунаро. Гьарун гьечlо ракьалъул бетlергьан вукlин чlезарулел документал. Гlемер бицана “зеленкаби” гьаризе кколилан. Гьале гьанже ракьулги тlад бараб минаялъулги “зеленкаби” гьечlого, минаялде тlабигlияб газ бачунеб гьечlо. Гьединго кьун гlарацгун росабалъ хьихьун руго культураялъул рукъзал, библиотекаби ва цогидалги учреждениял. Гьел киназго бихьизабизе ккола жакъа нилъер Ватlаналъул хlинкъи гьечlолъи цlунун къеркьолел ругел нилъер гlолохъабазул рахъ кколеб букlин”, - ян абуна районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас. Бегавулзабаздехун вуссун кlалъай гьабуна гlуцlарухъанлъиялъулгун-правовояб отделалъул начальник Шамил Валиевасги. “Бегавулзабаз жидерго росуцоязда бицине ккола жакъа нилъер ракьцоял сундуе гlоло Украинаялда ругелали, бичlчlизабизе ккола гьениб унеб бугеб хасаб операциялъул магlна. Халкъалда гьоркьоб гьабизе ккола бичlчlи кьеялъулаб хlалтlи, гьезухъе щвезабизе ккола хlакъикъияб информация. Гурони хlукуматалъул хlалтlудаги рукlун, пачалихъалде данде хlалтlизе бегьуларо. Цояб тlаса бищизе ккола”, - ян абуна гьес. Ракьазда хурхун ругел суалазул бицана экономикаялъул отделалъул ракьазул суалазул аслияв специалист Тlагьиров Шамилица. Ахиралда жидерго суалал кьуна бегавулзабазги.
И. МУХIАМАДОВ.
|