Пятница, 19.04.2024, 21:56 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 14 » УМУМУЗУЛ БУЗНАСА НУХ
15:44
УМУМУЗУЛ БУЗНАСА НУХ

Бузнаса нухалъул хабар нилъеца цебеги гlемер бицана, хъвана, букlаниги, гьеб гlемерго кlудияб хlалтlиги бугелъул, унел харжалги цlикlкlарал ругелъул, нахъойги бицинчlого борчlулеб гьечlо. Нухда хlалтlи чlечlого цебе ине ккани, гьелъие гlезегlанго сурсатал хlажалъула. Масала, цо къоялъ кlудияб бульдозер хlалтlизе ккани, 400 литр соляркаялъул хlажалъулеб буго. Эксковаторалъе 200 литр. Гьениб гьабсагlат хlалтlулеб анцlила хадуб батlи-батlияб техника буго. Нух бахъулеб бакl, гlезегlан захlматал, кьвагьизе кколел кьурабиги ругеб буго. Техникаги буго 30-32 сон бараб, букlаниги квеш-лъикl хlалтlулеб буго. Гьеб нух гьабизе тlаде босарав, Болъихъа инженер Мухlамадкамилги гьитlинав чи гьечlо. Гьесие кидаго хlалае чlарав, нилъер цебе букlараб Хlукуматалъул председателасул замлъун вукlарав Набиюла Мухlамадовасул ункъойидасаги арал сонал руго. Букlаниги, бихьани бер биххулел хlалтlаби руго гьенир гьарурал. Гьеб кинабго нух кlийиде бикьун букlана, гьеб кlиябго бутlа данделъизе 600 м. гlанасеб бакl хутlун буго. Гьезда гьоркьоб буго гlезегlан гъваридаб кlкlал. Нижер гьеб нухлуе квербакъулеб гьитlинабго къокъаялъ, ахираб заманаялъ ахlи бана тlолалго магlарул районазда ругел, депутатазде, росдалги районалъулги бутlрузде, мажгитазул имамзабазде, кири бокьанщиназде, ресалда рекъараб садакъаги кьезе, гьениб гьабурабги, гьабизе хутlарабги хlалтlиги бихьизе, 26 абилеб марталде, гьеб нухде рачlаян. Рачlанаха тlолалго магlарул районалъул вакилзаби, мажгитазул имамзаби. Кири бокьарал бусурбаби. Гьенибе садакъаде кьолеб гlарац рикlкlун, къваригlарасул цlар хъван хадур гъолел рукlинчlо лъабго чи. Росабаца бакlарун бачlун бугоан цlикlкlа-цlикlкlараб гlарцул къадар. Цlарцин хъвачlого къолонибе балеб букlана халкъалъ гlарац. Дида жеги гьедигlанасеб къадар, садакъаде гlарац кьезе данделъараб халкъ кибго бихьун букlинчlо. Рохизе бачlана магlарулазул бугеб цолъи гъункиялдаса. МашаАллагь, хlасилалги лъикlал ккана. Гlемерав чи вуго, кидал гьеб нух лъугlулебан гьикъулев. Нужее баяналъе: Кинабго нухлул халалъи буго, гlагашагарго 31 км. Нух къокълъизе ккола 21 км. Тlубанго нух жеги гьабичlеб, кьурабиги кlкlалалги ругеб буго 4000+600=4 600 м. Нухде щваразда, цо-цо бакlал рихьидал ккун батизе бугьула, гьаб щибин сухъмахъ гlадаб нухан. Гьел руго заманаялъул нухал, гьоркьор ругел кlкlалал цlезегlан гьарурал. Тlубан лъугlидал, нухалъул эхедерай 5 градусалдаса цlикlкlараб букlине гьечlо. 500 метраялъ цебе бугеб машина бихьулеб букlине буго. Кlигlоржубаде щведал доба лъезе кколеб кьоги буго. Хlасил, гlемераб хlалтlи гьабунги буго, гьабизе кколебги буго. Суал кьола, хlукуматалъул кумек букlунарищан. ИншаАллагь, букlина гьездасанги кумек, цlияв тарав хlукуматалъул председателасде щвезабуна гьеб нухлул хабар. Жив Республикаялъул бетlерасухъе инин кумек гьарунилан рагlи кьун буго досги. Исана проектги сметаги гьабизе рес ккани, щвела гьезухъанги кумек. Сайгидпашацаги садакъаде лъикlаланго гlарацги бачlана, ДУМАялда ругел 11 Дагъистаналдаса депутатаздаги абун, гьезулги кумек щвезабилин рагlи кьун буго. Гьединаб хlал буго хириял магlарулал гьабсагlат нухлул. Бегьилаан гьеб мажлисалде гIахьаллъи гьабизе рачlине районазул, росабазул бутIрул, Дагъистан республикаялъул Халкъияб собраниялъул, районазул ва росабазул депутатал. Щаяли лъаларо, нилъер гьаниб халкъги, нухмалъулелги батlа кlанцlун руго. Муфтияталъги, хlукуматалъги халкъалда цадахъ рекъон тlаде кIвар кьун букIараб ани, Бузнасан нух рагlалде щун букlинаан. Лъазе бокьаразе, дица гьаниб гъоркье баян кьела росабазул жамагlатаца гьал къоязда бачlараб гlарцул. ЦебегIан кьураб къадар нижеда лъаларо. Жалго гlадамаца кьураб гlарцул къадарги, кьурасул цlарги лъаларо. Гьез гьеб жидецаго ящикалъубе рехана, ажру кири цlикlкlун щвезе. Гьаниб цlар хъвачlеб росу батани, гьебги нижер гlайиб гьечlо, росдал вакилас цlар хъвачlого кьураб буго. Хасал гlадамацаги кьуна росдал цlарги хъван, жиндираб хъвачlого. Гьелдалъун, гьари буго, гьаниб цlар хъвачlого тун бугин, нужехъ бугеб сертификаталда цоги къадар гlарцул бугилан нижеда гlайибал чlваге. Нухде рачlаразда бихьана, гьеб къоялъ букlараб гьава-бакъги, тlаделъун гlарац босулел чагlазе толеб букlинчlеб хlалтlизеги. Нужеца хIужжаби рачIани, нижеца ритIизарила гъалатIал. Аллагьасул кумекалдалъун, нужер сахаватлъиялдалъун нухлуе лъикlаланго гlарац щвана. Гьеб ахlулъ гlахьаллъи гьабизе рес ккечlеца, ин ша Аллагь, 28 маялда, нухлул добго бакlалда букlине бугеб гьединабго тадбиралде, ресалда рекъараб дандеги рехун, росабаца вакилзаби ритlеха. Данде босиялъе гlилла буго, щиб росдаца кинаб гlахьаллъи гьениб гьабураб нижедаги халкъалдаги лъай. Гьеб нухлуе цlикlкlараб хlаракат бахъараб буго Гlахьвахъ районалъул Цlияб Цlолодаса жамагlат. Гьез чанго нухалъ бакlарун кьуна гьенибе гlарац. Жиндир боцlуда баракат лъеяв, гьезухъа чияс, босун бульдозерги лъуна гьениб. Гьанир гьитlиналго росабиги руго кlудияб къадар гlарцул бакlарарал, гlахьаллъичlелги районалги росабиги руго. Ин ша Аллагь, гьелги гlахьаллъила, жидерго рес кковухъе. Росабаца кьураб г1арцул къадар нужеда бихьулеб буго. Я архlама рвахlимин. Дуца нижер ккураб кlалги, бараб какги, гьаб нух бахъулаго гьабураб садакъаги, гьарурал лъикlал гlамалалги къабул гьаре АЛЛАГЬ, Гьанибе садакъа кьурал, лъикlаб кlал кlалъарал, гьанир хlалтlарал, цоги рахъалъан квербакъарал гlадамазе, Мун разиял гlамалал гьаризе тавфикъ кье Аллагь, кlиябго рукъалъул квешлъабаздасан Дуца гьел цlуне, нижедаги, нижер эбел-инсудаги, вацаляцаздаги, лъималаздаги мун гурхlа АЛЛАГЬ, Нижер мунагьалги чуре, чурхдулги рацlад гьаре, Иман бугелгун дандчlвазаре, дин бугезда гъорлъе ккезаре, дунялалъулги ахираталъулги ургъелал бигьа гьаре. Чорхолъа унтаби рахъе, рекlелъан ургъел бахъе, унти балагьаздасан, зулму макруялдасанги Дуца ниж цlуне АЛЛАГЬ. Мун кlочараб черхалдеги, чи гурхlараб рукъалдеги биччаге. Дунялалда рекъел щула гьабе, рагъал къотlизаре. Квешлъиялде хlетl бухье, хlарамалде квер бухье, унтаразе сахлъи кье, сахазе мун разияб гlумру кье, Дуца гьаб нух рагlалде бахъине нижее сабруги, иманги, садакъаде кьезе ризкъиги кье Бетlергьан. Дуца нижер дугlа къабул гьабе, мун нижеда гурхlа АЛЛАГЬ. ВалхlамдулиЛЛАГЬИ раббил гlаламина. Фатихlа.

РАЙОНАЗДАСАН ВА ЦО-ЦО САХАВАТЧАГIАЗ БАКIАРАРАБ ГIАРЦУЛ КЪАДАР

Цlумада район-3 356 050

Гумбет район-3 874 350

ГIахьвахъ район-2 119 300

Хунзахъ-1 401 600

Болъихъ-710 000

Унсоколо-109 300

ЛъаратIаса имам -210 000

ЛъаратIа УхIада+ ТIадиял-251 000,

кинабго: 461 000

ЦIуриб росу-70 000

Хасавюрт мажгит (МухIамадхIажи)-208 150

Комсомольск мажгит, Гагаринил къотIноб бугеб-140 000

Шамиль районалъул гIолилал-55 000

Хасавюрт районалъул «Сивухъ» агрофирма (Муса)-98 100

Кизляр районалъул Кохановка росу-24 500

ГIухьби «Дагъистаналъул элита» -169 000

МагIарул мацIалъул учительзабазул цолъи-63 000

Гьал ахирал къоязда, банкалъул картабазда бачIараб букIа, цIар хъван, яги хъвачIого кассиразухъе кьураб букIа, живго МухIамадкамилихъе кьураб букIа, кинабго данделъана 19 042 000 гъурущ.

Цlияб Сасикьа АХIМАДНАБИЛ САЙГИДАХIМАД

Просмотров: 89 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz