Гьал къоязда районалъул культураялъул кIалгIаялда тIобитIана «Дагъистаналъул лъагIалил тарбиячIужу-2022» профессионалияб конкурсалъул муниципалияб бутIа рагьиялъул хIурматияб дандеруссин, жибги «Нилъеразе гIоло» ва «Нацизм гьечIеб дунялалъе гIоло» абураб рагъулабгин патриотикияб акция хIисабалда тIобитIулеб.
Тадбир берцин гьабун букIана нилъер рагъулал хъулухъчагIазул рахъ ккун маданияталъул фоеялда, рагъулабгин-патриотикияб темаялда тIобитIараб цебелъеялъги, стендазги, макетазги, жалго лъималаз гуманитарияб кумекалда цадахъ Украинаялде нилъер солдатазе ритIизелъун рахъарал кIарчамал суратазги. Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Задиев НурмухIамад МахсутIхIажиевичас, райсобраниялъул председатель МухIамадов МухIамад ХIажиевичас, лъай кьеялъул отделалъул начальник ХIамзатова ПатIимат ХIадисовнаялъ, районалъул руччабазул советалъул нухмалъулей Набиева ПатIимат МухIамадовнаялъ, районалъул жамгIияб палатаялъул рахъалдасан Хъайитмазов Хъайитмаз Аварскияс, районалъул лъай кьеялъул отделалъул школалда цебесеб лъай кьеялъул хIалтIухъабазгин нухмалъулез ва гьез тарбия кьолел Хунзахъ №1, №2, №3, ГIобода лъималазул ахазул гьитIичаз. КIалъазе яхъарай районалъул лъай кьеялъул отделалъул лъималазе школалда цебесеб лъай кьеялъул рахъалъ методист Асият ГьитIиновасовалъ баян гьабуна жакъа гьаб залалде киналго ракIарун ругила нилъер улкаялъул суверенитет ва ихтиярал цIуниялъул руль кколев миллияв лидер, нилъер ПрезидентВладимир Путинил ва улкаялъул киналго гражданазул рахъ ккун. Гьелде руссарал рукIана киналго церерахъиналги. Лъималаз рикIкIана ВатIаналъул хIакъалъулъ кучIдул, бихьизабуна «Россия, цебехун!» абураб композиция. КIалъазе вахъарав райадминистрациялъул бетIер Н. МахсутIхIажиевичас абуна жакъа гIадинаб захIматаб ахIвал-хIалалда нилъер мурад бугила дунялалда рекъел букIин, нилъер букIинесеб-нилъер лъималазда жакъа Украинаялъул лъималазда бихьулеб бугеб гIадинаб рагъги, кьалги бихьунгутIи. Нилъер халкъалъул мурад бугила цолъи, цоцада ричIчIи, гIумру тIегьазаби. Гьеб бичIчIизабизе кколила нилъеца жеги лъималазул ахазул гIумруялда ругел лъималаздасанго байбихьун патриотикияб тарбия лъималазе кьеялдасан. Гьеб тадбиралде ахIун йикIана гьабсагIаталда Украинаялда унеб бугеб рагъулаб операциялда лъабго рагъулав хъулухъчи-лъабго вас гIахьаллъулел ругей Хунзахъа ГIарабова ПатIимат. Гьелъул кIалъай буссараб букIана ВатIан цIуни-щивав гIолохъанчиясул борчлъун букIине ккеялде. КIудияб ВатIанияб рагъул заманаялда ПатIиматил эменги вагъулев вукIун вуго Украинаялъул эркенлъи цIунун. Жакъа гьелъул васаздеги тIаде ккун буго гьебго борч. ПатIиматицаги рахъ кколеб буго Дагъистаналъул киналго руччабаз гIадин РФялъул Президент В. В. Путинил ва нилъер гIемермиллатазулаб улкаялъул суверенитеталъе гIоло гьабулеб операциялъул. Районалъул бетIер М. Задиевас ракIракIалъулаб баркала кьуна ПатIиматил сабруялъе ва васазе кьураб лъикIаб тарбиялъе. Реццалъе мустахIикъаб хIалтIи гьабуна районалъул 38 школалда цебесеб лъай кьелъул учрежденияз. Гьез нилъер солдатазе кумекалъе битIизелъун жидерго рахъалдасан бакIарун буго 304700 гъурущ гIарац. Киназулго гьабураб садакъа къабулаблъун батаги. Дунялалда рекъел щулалъаги. Районалъул лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъабаз ракI-ракIалъулаб баркала кьолеб буго акция тIобитIиялъе кIудияб кумек гьабурай районалъул культураялъул отделалъул начальник Ж. Хъайитмазовалъе, лъай кьеялъул отделалъул начальник П. ХIамзатовалъе ва гIемерал цогидазеги.
Н. ГIАЛИЕВА.
|