14 марталда райадминистрациялда тlобитlана районалъул активгун дандчlвай. Аслияб къагlидаялъ гьениб гьоркьоб лъураб суал букlана жакъа дунялалда лъугьун бугеб политикияб ахlвал-хlалалъул бицин.
Киназего саламги кьун данделъи рагьана районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас. “Жакъа киназдаго лъала Украинаялда унел ругел лъугьа-бахъиназул хlакъалъулъ. Амма камулел гьечlо Интернеталда хъвалел ругел гlахьучlазда яги цогидал къватlул харбаздаги божун, жидедаго лъалелги лъаларелги жал рицунел чагlиги. Хlатта, гьединал гlадамал ратулел руго районалъул интеллигенциялда гъорлъгицин. Гьеб букlине бегьулеб жо гуро. Нилъер районалдаса 500 гlан гlолохъанчи вуго жакъа Украинаялда. Нилъецаги гьезул рахъ кквечlони, лъица дозул рахъ кквезе бугеб? Пачалихъалъул политикияб пикруялде дандеги рахъун гlантал-тохал жал рицине бегьуларо жакъа нилъеца. Жакъа захlматаб ахlвалхlалалда ругел нилъер гlолохъабазе бажарараб кумек гьабизе тlадаб буго нилъеда. Гьединлъидал нижеда ракlалда буго щибаб шамат къоялъ районалдасан гуманитарияб кумекалъул цо-цо машина битlизе. Гьелъие гlарац бакlарун, администрациялъул ва районалда ругел цогидалги учреждениязул хlалтlухъабазе предложение кьун буго цо къоялъул харж гьенибе рехизе. Рес бугес жеги цlикlкlунги кьезе бегьула. Лъиданиги хlал гьабулеб мех гуро, щибав чияс жиндиего бокьани гурони, кьезеги кколаро. Гьединго ратизе бегьула Украинаялда хасаб операциялда гlахьаллъи гьабулел ругел нилъер солдатазул рокъор ругел тlалаб-агъаз гьабизе чи гьечlого хутlарал яги язихъго ругел эбел-эмен, хъизан-лъимал ва цогидабги цебесеб гlагарлъи. Гьелги нилъеда кlочон тезе бегьуларо. Гьединал чагlи ругищали лъазеги гьабун, ратани гьездаги кверчlвазе ккола. Гьединго Дагъистаналде рачlун руго 1300 гlан беженцал. Гьездасан 100- 150 чи вачlине рес буго нилъер районалдеги. Нилъ хlадурго рукlине ккола талихl къосиналъ жалго рижараб ракьги тезе ккун, къватlире рахъарал гьел гlадамал къабул гьаризеги. Гьезие ретlел-куналдалъун ва цогидабги чара гьечlого хlажатаб къайи-къоноялдалъунги кумек гьабизе ккола. Нилъер ругелщинал ресалги хlалтlизарун, къуватги цолъизабун, гьаб информация щвезабизе тlолалго районцоязухъе ва гьеб Аллагьги гlадамалги разияб ишалъулъ киназго бажарараб бутlа лъуни лъикlаб букlина”, - ян абуна гьес. Гьединго данделъиялда бицана районалда багьаби хиралъулел рукlиналъулги. “Гьединаб ахlвал-хlал биччазе бегьуларо. Кин кlолеб даранчагlазда гьадинаб захlмалъиялда халкъги букlун тукабазда багьаби рахинаризе? Гьез абулеб рагlула жидецаги къайи хираго босизе кколеб бугилан. Хираго босараб къайи бичеха хираго. Учузаб багьаялде босун букlараб къайи хираго бичиялъул магlна щиб?”, - ян рази гьечlоан районалъул нухмалъулев. Жиндирго заместитель Хlамид Гьитlиновасе, жакъа къоялдаса байбихьун, районалда ругел даранбазаралъул точкабаз кьучl гьечlого багьаби рорхизарулел ругищали мониторинг гьабеян тlадкъай кьуна гьес. Жакъа Украинаялда бугеб политикияб ахlвал-хlалалда хурхун кlалъаял гьаруна райсобраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовасги Хlамид Гьитlиновасги.
И. МУХIАМАДОВ.
|