Автор Ф. Мухlамадова. Апрель 2026 сон.
Руго хвасар гьариялъул хъулухъал: 01, 02, 03 …. ва буго
Дагъистан, 05.
Къого соналъ цебег1анго дадал г1арцуца къват1исеб
х1укуматалда г1умру гьабизе ворч1арав «ц1ияв дагъистанияс» хъван бук1ана «Щай
дие дагъистаниял рокьуларел?» абураб жиндирго ват1аналде «лаг1араб» макъала.
Гьелда ничгьеч1ица жужах1алъул къавмалъулг1анги рехсеч1еб г1унгут1и тун
бук1инч1о Муг1рул Улкаялъул г1адамазул.
Амма дагъистанияз щибаб къойил (СВОялда, ракълилаб
г1умруялда т1абиг1ияб балагьалъул къох1ехьеялда…) рихьизарулел бах1арчиял
гьунараз, ях1 бугел ишаз кьарияб килас лъола дов хиянатчияс къираралъул
г1аксалда иш бук1иналда т1ад.
28 март лъугьана Дагъистаналъе тохлъизарураб ва зах1матаб
х1албихьилъун-107 соналъ бук1инч1еб г1адаб гучаб т1абиг1ияб балагьалъул
асирлъуде ккана чанго росу, аза-азар мискин-пакъир, мац1 лъалареб боц1и. Метеорологаз
моц1ие бегьулеблъун бихьизабураб ц1адал къадаралдаса 417 % ц1ик1к1ун бана гьеб
Аллагьасул х1алк1олъиялдалъун, цо сордо-къоялда жаниб.