Араб
анкьалда райадминистрациялъул росдал маг1ишаталъул отделалъул начальник Мух1амад Г1алиевгун, гьесул заместитель
Х1усен Г1умаровгун ва отделалъул
цогидал специалисталгун цадахъ районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас сапар бухьана районалъул гъутабазда ругел
цо-цо маг1ишатазде. Аслияб къаг1иялда халгьабуна гьал ахирал соназда ц1иял тарал
нухмалъулезул предприятиязул хlалтlухъ. Т1оцере гьел щвана Г1обода росдал Ленинил
ц1аралда бугеб СПКялде. Рехсарасаб маг1ишаталда х1алт1и г1уц1ун буго
г1олохъанав ва бажари бугев нухмалъулев Х1ажимурад
Нажмудиновасул нухмалъиялда гъоркь. Гьев председательлъун ккедал, бук1ун
буго 83 бет1ер ч1ег1ерх1айваналъул, гьанже г1ун буго 150 бет1ер, гьездасан 109
беч1ч1улеб г1ака. 320 бет1ер г1и-боц1ул бук1араб бак1алда лъугьун буго 615.
Исана 40 гектаралда гьабун буго хаслихъе рекьи, гьанже х1адурулел руго ихдал 90
гектаралда суданка бекьизеги. Босун буго х1ажатаб техника, гьединго капиталияб
ремонтги гьабун къач1ан буго гъоркьго бук1араб техникаги. Жакъа къоялде
маг1ишаталда х1алт1улев вуго 14 чи ва гьел киназего ригьда кьолеб буго мухьги.
Гьединго СПКялъул х1алт1ухъабазе бан буго офисалъулаб къайи-къоноялдалъун
хьезабураб ц1ияб минаги. Х1аракат бахъулеб буго росдада квер ч1вазеги. Жигараб
г1ахьаллъи гьабулеб буго росулъ т1орит1улел спортивиял, гурх1ел-рах1муялъулал
жамг1иял ва цогидалги тадбиразда. Гьедин, араб соналъ росдал х1ажалъабазе биччан
буго 400 азарго гъурущ г1арцул. Жамаг1аталда цебе кьун буго гъоркьисала гьабураб
х1алт1ул х1акъалъулъ х1исабги.
Хадуб
х1алт1улаб къокъа рещт1ана «Гъоркьоло» СПКялда. Гьенибги хъулухъалде т1амун цо
лъаг1ел гурони бач1ев Мух1амад
Г1абдулаевасул нухмалъиялда гъоркь х1алт1и г1уц1ун батана лъик1аб
даражаялда. Маг1ишаталда буго 25 ч1ег1ерх1айван, гьездасан 10 г1ака, 1400
бет1ер г1и-ц1ц1аназул, гьездасан 1100 чахъу. Х1алт1илев вуго 5-6 чи ва 2
спецтехника. Ц1акъго лъик1 т1обит1ун буго исана г1и къинлъиялъул компания.
Унго-унголъун жиндирго х1алт1иги бокьулев, рак1 унтун жинда т1ад къараб
завфермаясул ишал т1уразарулев Хlажимурад Тlайгибовасул х1аракаталдалъун к1ун буго чахъдада хадуб 100
проценталъ т1инч1 ц1унизе.
Х1алт1уде
вач1ун гьебго лъаг1ел гурони сверич1ониги, Мух1амад
Къурамух1амадовасул нухмалъиялда гъоркь лъик1ал х1асилал рихьизарулел руго
«Гьамишт1а» СПКялъги. Хьихьун буго 200 бет1ер ч1ег1ерх1айваналъул, гьездасан
130 г1ака, къокъаб заманалда жаниб к1иц1ул ц1ик1к1ун буго гьоркьохъеб
къаг1идаялъ х1исаб гьабун цо г1акдадаса беч1ч1улеб рахьдал къадар. 35
гектаралда гьабун буго хаслихъе рекьи, гьебго 30-35 гектаралда люцерна
бекьизеги х1адурулел руго. Гьезул вуго 10-15 х1алт1ухъан ва 8 едицица
техникаялъул.
Специалистал
щвана районалъул бищун лъик1ал маг1ишатазда гъорлъ рехсезе бегьулеб сахъадерил
«Ц1ияб г1умру» СПКялдеги. Гьенибги ц1ияв председатель Мурад Мух1амалг1алиевасул
х1аракаталдалъун маг1ишаталъул г1умру лъик1аб рахъалдехун хисун буго. 77 бет1ер
ч1ег1ерх1айвалдасан г1ун буго 170, гьездасан 70 г1ака. 350 бет1ер гурони
бук1инч1еб г1и-ц1ц1аназул къадарги бахинабун буго 700 бет1ералде. Маг1ишаталда
вуго 9-10 х1алт1ухъан ва 4-5 единица техникадул. Араб соналъ росдалъ х1ажатал
т1уразе предприятиялъ кьун буго 3 млн гъурущги.
Рехсарал
маг1ишатаздеги щун, гьениб бихьаралъул х1исабги гьабун, росдал маг1ишаталъул
отделалъул специалистаз лъик1аб къимат кьуна ц1иял нухмалъулезул
х1аракатчилъиялъе.
И. Мух1амадов.
|