Нилъер ракьцояв, Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан, Шапи
Казиев рак1алде щвезавиялъе г1оло бюст-памятник рагьана республикаялъул
тахшагьаралда, Тахо-Годил ц1аралда бугеб миллияб музеялда. Исана гьес т1убалаан
70 сон. Гьеб памятник х1адур гьабуна хъвадарухъанасул лъик1ав гьалмагъ, ц1ар
раг1арав скульптор Мух1амад-Г1али Г1алиевас. Памятник рагьиялъул тадбиралда
г1ахьаллъи гьабуна хъвадарухъанасул г1ага-божараз, гьесул
гьудул-гьалмагълъиялъ, художниказгун архитектораз ва журналистаз.
Данделъараз хъвадарухъан рак1алде щвезавуна сих1къот1иялъул
лах1заталдалъун ва гьесул г1умрудулгун творчествоялъул бициналдалъун. ШагӀир, хъвадарухъан,
драматург, публицист, тарихчи Шапи Казиев гьавуна 1956 соналъул 27 марталда
Хунзахъ районалъул Г1обода росулъа офицерасул хъизамалда.
Исана гьев гьавуралдаса тӀубана 70 сон. БитӀун бицани, хӀинкъадго ва нечадго
хъвалеб буго дица гьаб макъала. Гьелъие буго кӀудияб гӀиллаги. Газеталде ячӀаралдаса нахъе дун хӀалтӀулей
йиго адабияталъул отделалда. Гьоркьоса къотӀичӀого хъвала авар адабияталъул классиказул,
шагӀирзабазул хӀакъалъулъ. Хъвала жакъа къоялъ хъвадарулезулги гъез къватӀире
риччарал тӀахьазулги хӀакъалъулъги. Гьеб киналдего тӀадеги - дир эбел кколаан Г1обода
росулъаги. Амма Шапил хӀакъалъулъ хъвазе рак1алдеги ккун, дун яккана интернеталде
- дирго беразда божуларого, чанго нухалда тӀатӀала юссун, цӀалана- Шапи Казиевасе
2016 соналда кьун букӀун буго «Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан» абураб
цӀар. Цинги кинха нечеларей! ТӀоцебе рагӀулеб букӀана гьеб рохалил хабар дида -
Хунзахъ районалдаса халкъиял шаг1ирзаби рехсолелъул, гьесул цӀарго бахъулароан.
Кидаго абулаан анлъго халкъияв вугилан абун. Ва гӀагараб районалъул бечедаб
адабият дагьабги бечед гьабуна цоги цӀаралъ. Районалда вахъарав тӀоцевесев халкъияв
хъвадарухъан. ХӀамзатги, Расулги, Фазуги, Заидги, ГӀабасилавги, Залмуги - шагӀирзаби.
ЦӀакъ йохана гӀицӀго гьев Хунзахъ районалдаса вукӀиналъ гуребха, магӀарулав вукӀиналдасаги.
Г1емерлъаги нилъер миллаталъул адабияталда халкъиял хъвадарухъабиги шагӀирзабиги.
Гьаб хабаралдаса хадуб ракӀалде ккана цоги нухалда Шапил творчествоялде
тӀадюссине. Биччанте гьаб макъалаги букӀине гьелъие хъвараб гьитӀинабго
цеберагӀилъун. 1974
соналда Шапи Казиев цӀализе лъугьана Москваялде, ВГИКалъул сценариялъул
факультеталде (кинематографиялъул институталде). Москваялъул ва Дагъистаналъул
театразда лъуна 30-ялдасаги цӀикӀкӀун пьеса. Гьезда гьоркьобги бищунго
машгьураблъун рикӀкӀине бегьула «Насрудинил меседил хӀама» («Золотой осел
Насреддина») абураб, улкаялъул гӀемерал театразул сценаялда лъураб спектакль.
1992 соналда Москваялда гьес рагьана «Кавказалъул дандерижи» («Эхо Кавказа») абураб басмахана
ва гьабуна гьелъие нухмалъи. Дагьабги машгьурлъи Шапие щвана, «Имам Шамиль»
абураб тӀехь хъвайдал, «АхӀулгохӀ» абураб тӀехьалъухъ гьесие щвана Дагъистаналъул
Пачалихъияб премия (2015с.) Ш. Казиевасул «Горская азбука» абураб тӀехьалдаса
жакъа къоялъги пайда босизе бегьула учительзабаз школалда. Г1урус мацӀалда хъвараб
тӀеренабго тӀехь бугониги, гьелъул кӀудияб кумек буго рахьдал мац1 цӀуниялъулаб
тарбия кьеялъе. Гьединго гьев ккола ХӀамзатил Расулил хӀакъалъулъ бахъараб «Расул
Гамзатов. Моя дорога» абураб фильмалъ сценарай хъварав чиги. Щулияб бухьен
букӀана гьезул - Расулилги Шапилги. Абула шагӀирасул «Нухалги мехалги» абураб
поэмаги Шапие сайгъат гьабураб бугилан. Шапица, цебераг1иги хъван, гӀурус
мацӀалдеги буссинабун буго гьеб. Шапи Казиев кколаан СССРалъул гӀолохъанал
драматургазул ассоциациялъул президентлъунги СССРалъул Культураялъул министерствоялъул
эксперталъулаб союзалъул членлъунги.
Дагъистаналъул
Халкъияв хъвадарухъан Шапи Казиев вукӀана Дагъистан Республикаялъул искусствоялъул
мустах1икъав хӀаракатчиги. Гьев мустахӀикълъана «За заслуги перед Республикой
Дагестан» орденалъеги. Рехселин гьесул цо-цоги тӀахьазул цӀарал:
-«Крах
тирана», «Яхта олигарха», «Горцы Северного Кавказа», «В раю, проездом». Гьединго
суратаздалъун берцин гьарурал «Имам ГъазимухӀамад», «Имам Шамиль» энциклопедиял.
Хъвадарухъанасул асарал руссинарун руго ингилис ва болгаразул мацӀазде.
Жиндагоги лъалаан гьел мацӀал.
Шапи Казиев
мустахӀикълъана Р. ХӀамзатовасул цӀаралда бугеб КӀудияб литературияб премиялъе.
«За профессиональное мастерство», «Лучшие перья России» премиязе ва цогидалги
тӀадегӀанал шапакъатазе. Шамай Хъазанбиева, "Хlакъикъат" газеталъул мухбир
|