3
апрелалда, цебеккун лъазабун бук1ахъе, райцентралда Ш. Шамхаловасул ц1аралда
бугеб маданияталъул к1алг1аялда т1обит1ана т1адехун рехсараб темаялда тарихияб
лекция. Гьеб бачине яч1ун йик1ана машгьурай тарихч1ужу, тарихиял г1елмабазул
кандидат, Россиялъул г1елмабазул академиялъул (РАН) Москваялда бугеб
востоковедениялъул институталъул Пат1имат Тах1наева.
Тарихч1ужуялъул г1умруялъул ва г1елмияб х1аракатчилъиялъул
х1акъалъулъ къокъго бицана республикаялъул Тахо-Годил ц1аралда бугеб Миллияб
музеялъул Хунзахъ бугеб филиалалъул г1елмияв х1алт1ухъан ва юридикиял
г1елмабазул кандидат Мух1амад
Г1амировас.
«К1удияб
баркала буго жакъа гьаб тадбир г1уц1изе х1аракат бахъанщиназе. Гьадинабго
лекция т1обит1изе рак1алда буго Мах1ачхъалаялдаги. Амма гьелдасаги цебе гьаб
данделъи цин т1оцебе Хунзахъ т1обит1иялъул дие к1вар ц1ик1к1араб бук1ана. Жакъа
г1емерал бугьтанал лъолел ва ц1арал ч1валел руго Х1ажимурадида. Г1умрудул
г1иц1го 36 сон гурони бач1ониги, гьес нахъе тараб тарихияб ирс ц1акъго к1удияб
буго. Гьединлъидал наибасул ц1аралда сверухъ унеб бугеб даг1ба-раг1и жеги
г1одоцунеб гьеч1о. Цо-цояз гьеб х1алт1изабулеб буго халкъалъул жидерго тарихияб
бич1ч1и хисизабиялъе квег1енаб т1аг1еллъун. Дунялалда наиб машгьурлъана Лев
Толстоясул «Х1ажимурад» повесть къват1ибе бач1ун хадуб. Гьелъул маг1на кколаро
рехсараб асар басмаялде бахъизег1анги наибасул ц1ар халкъалда жеги раг1ун бук1инч1ин
абураб. Щайгурелъул, Кавказалъул рагъдаса хадуб гьесул х1акъалъулъ хъвана
г1емерал мемуаразда. Амма х1акъикъияв Х1ажимурад г1емер бат1ияв вук1ана
литературияв героясдаса. Гьединго наиб г1емер рехсон вуго халкъияб к1алзул
гьунаразулъ. Гьеб ккола кутакалда к1вар бугеб х1ужа. Щайгурелъул, жакъа рес
буго, заказги кьун, пуланав чиясул х1акъалъулъ бокьараб кеч1 яги цогидаб асар
х1адуризе. Амма доб заманалда, узухъда, гьединал ресал рук1инч1о, гьединлъидал,
халкъияб к1алзул гьунаралъулъ рехсезе ккани, халкъалда живго вихьизавизе
кколаан. Гьединлъидал фолькор ккола доб заманалда г1умру гьабун рук1арал, ай,
ч1агого гьев вихьарал г1адамаз г1уц1арал асарал», - ян
абуна Пат1имат Тах1наевалъ жиндирго байбихьиялъулаб к1алъаялда.
Гьелдаса хадуб 4 саг1аталъ халат бахъараб лекциялда
тарихч1ужуялъ, рик1к1ен тун г1емерал тарихиял х1ужабазде мугъч1вайги гьабун,
г1ат1идго бицана х1акъикъиявги литературиявги Х1ажимурадида гьоркьоб бугеб
бат1алъиялъул. Ахиралда г1одор ч1араз кьуна жидерго суалалги.
И.
Мух1амадов.
|