Суббота, 13.06.2026, 03:21 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам день учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери подкачаться ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
-->
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2026 » Апрель » 24 » СУНДУХЪХА ДАГЪИСТАНИЯЛ РОКЬИЛЕЛ?
16:03
СУНДУХЪХА ДАГЪИСТАНИЯЛ РОКЬИЛЕЛ?

Руго хвасар гьариялъул хъулухъал: 01, 02, 03 …. ва буго Дагъистан, 05.

Къого соналъ цебег1анго дадал г1арцуца къват1исеб х1укуматалда г1умру гьабизе ворч1арав «ц1ияв дагъистанияс» хъван бук1ана «Щай дие дагъистаниял рокьуларел?» абураб жиндирго ват1аналде «лаг1араб» макъала. Гьелда ничгьеч1ица жужах1алъул къавмалъулг1анги рехсеч1еб г1унгут1и тун бук1инч1о Муг1рул Улкаялъул г1адамазул.

Амма дагъистанияз щибаб къойил (СВОялда, ракълилаб г1умруялда т1абиг1ияб балагьалъул къох1ехьеялда…) рихьизарулел бах1арчиял гьунараз, ях1 бугел ишаз кьарияб килас лъола дов хиянатчияс къираралъул г1аксалда иш бук1иналда т1ад.

28 март лъугьана Дагъистаналъе тохлъизарураб ва зах1матаб х1албихьилъун-107 соналъ бук1инч1еб г1адаб гучаб т1абиг1ияб балагьалъул асирлъуде ккана чанго росу, аза-азар мискин-пакъир, мац1 лъалареб боц1и. Метеорологаз моц1ие бегьулеблъун бихьизабураб ц1адал къадаралдаса 417 % ц1ик1к1ун бана гьеб Аллагьасул х1алк1олъиялдалъун, цо сордо-къоялда жаниб. Ралъад т1ун бараб ц1адал гучал иххаз риххизаруна кьоял, нухал, маххул нухал, лъелги токилги мухъал. 800 хъизам хут1ана г1умруялъ данде гьабураб г1арцухъ бараб мина картги гьеч1ого, гъанкъана 1200 ах-хур, рик1к1ен къосинебг1ан г1емер рукъалъул боц1и-панз. Канлъигун бухьен гьеч1ого хут1ана бащдаб миллионалдасаги ц1ик1к1ун чи. Дир г1адатаб халкъалъе ккараб зиян политиказ борцунеб буго миллардаз.

Амма дие жакъа гьелъул гуро бицине бокьун бугеб. Ц1об Г1ат1идав Аллагьасде жидерго бугеб мут1иг1лъигун, рак1разилъи-имангун къулч1ана ват1анцояз т1аде бач1араб къварилъи. Гьале, машинабиги ричун гумузда хьвадизе, лъеда т1ад г1умру гьабизе ругьун гьарилилан махсараби гьарулелцин дир аваданал ват1анцоязул цо-цоял….

Жакъа бицине бокьун буго сундухъ дие гьаб халкъ хирияб бугебали.

Гьеб батизе бегьула, къанаг1атаб унтуца хвалил к1ич1икье ккарал лъимал хвасар гьариялъе анкьида жаниб жидерго мукъсанаб «бищунго г1одобег1анаб харжил роценалдаса» 230 млн. бак1аризе к1олеб цолъиялъухъги.

Жидерго г1умруялъе х1инкъигун бехе унеб гьалагаб г1урулъе катит1анч1и хвасар гьаризе рортулеб «г1алхулаб» бах1арчилъиялъухъги.

Т1абиг1ияб балагьалдаса хадуб жиде-жидер рокъоре, гостиницабазде гьоболлъи базе г1адамал ах1улел, лъадал балагьалдалъун машинаби, техника хваразул гьеб къач1азе, бихха-хочи ккараб бак1алдаса кьишни нахъе босизе, насосалъ лъим ц1узе х1адурал ругин ах1и барал рик1к1ен г1емерал лъазабияздасан бихьулеб кверг1ат1илъиялъухъги.

Хасаб тахбак1 дир рек1елъ гьал г1ажаибал г1адамаз ккун батила дол ч1ег1ерал къояз рокъоса къват1ире рахъине санаг1ат гьеч1ел херал-беццазе рокъо-рокъоре къвариг1араб-тараб босун ун бихьизабураб гурх1ел-ц1обалъги.

Узухъда, хъизамалда цог1аги сурукъ гьеч1ого хут1уларин абухъе, камуларо жал думалъго гьанир хут1изеги ругин, сират1алъул кьоги ришватги кьун бахинин рак1алде кколел хъант1елалги. Гьединалха доб гьекъолеб лъел 5 литралъухъ 170-180 гъурущ ах1улел даранчаг1иги, гьадаб г1ала-гъважаялда гьоркьоб нухлул х1акъ анц1го нухалъ ц1ик1к1ун босарал таксисталги. Гьединазе нилъеца тела рогьоялъул хъорщода бак1.

Реццалъул хъорщодайин абуни ч1вала «Тооба» рах1муялъулаб кумек бак1арулеб платформаялда чваххунц1адаздалъун зарал ккаразе 30 млн. гъурущ ц1арги бахчун садакъа гьабурав «Египетский мангуст» сахаватчи. Ялъуни 1957 соналдаса нахъе Хасавюрт районалде бахъараб нилъер г1адамаздасан г1уц1араб Шагьада росулъа свак лъаларев экскаваторщик Г1алисканди. Гьев г1олохъанаб гуреб ригьалъул чи я жиндаго, я жиндирго техникаялда барахщич1ого сордо-къоялъ х1алт1ун вуго росуцоязул буголъи хвасар гьабизелъун. Шегьдерил росулъ бащдаб къадар рукъзабазул гъанкъич1ого хут1ун буго гьесул зах1маталдалъун. Жив халкъалда лъазе мустах1икъав вуго Шодродаса Хат1иб абурав бах1арчиги. Жиндирго к1ит1алаяб рукъ лъеда гъоркье ун къварилъиялда вугев гьесул къуват г1ун буго лъабго лъималгун эбелалъул г1умру хвасар гьабун, гъанкъулеб бугеб жидерго рокъоса, решеткаги хъухъан, гьел къват1ире рахъизе.

Рокьиларел кинха дагъистаниял, Ц1ияб Ц1иликь росулъ г1адал г1олохъаби жанир ругеб? Кодор ккун гьанжего гьанже гьарурал бачал-кьаг1игун риччарал ракъвач1о гьел гьал зах1матал къояз. Боц1удацин гьезул гурх1елалъул гучалъ лъил рак1ха чучилареб?

Рецциларел кин, росдал имамасул ах1иялда хадур рилълъун, 4 саг1аталда жаниб анлъго «Газель» гьекъолеб лъел ц1езабун къварилъи ккаразе бит1арал Хунзахъ росдал г1адамал…

Жеги чанго гьумер ц1ун рехсезе бегьилаан сундухъ дие дагъистаниял рокьулелали, щай дун гьезда гьоркьоса йик1иналдаса ч1ух1улеяли. Амма щай? Киназдаго бихьидал гьазул гурх1ел бугел рак1алги бах1арчияб г1амалги, ях1 буголъигун чилъиги, къварилъиялда сверухъ букъараб зар г1адин цолъиги?!

Хьул буго гьезул г1амалалдаги къох1ехьеялдаги рекъараб кумек пачалихъалдасан Дагъистаналъул халкъалъе щвезе бук1иналде ва жидерго къварилъигун гьел рехун тунгут1иялде.

Расул Х1амзатовас жиндирго ват1аналъул бицунаго абулаан Дагъистаналъул лъабго хазина: ракь (муг1рул, г1ат1иракьал), лъим (Каспий ралъад, г1арац, х1орал) ва хут1арабщинаб ругилан.

Жакъа нахъе вук1аравани, рак1 ч1ун абизе к1ола, шаг1ирас Дагъистаналъул аслияб ва хиси гьеч1еб хазиналъун гьелъул г1адамал рик1к1инаан.

Ф. Мух1амадова

Просмотров: 27 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2026 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz