Среда, 24.04.2024, 06:16 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 13

Автор Н. Гlалиева. Март 2022 сон.

Исанисеб-2022 сон нилъер республикаялда лъазабун буго Фазу ГIалиевалъул сонлъун. Гьей ккола 84 поэтикиял ва прозаялъулал тIахьазул авторлъун. Фазу ГIалиевалъул тIахьал руссинаруна дунялалъул 68 мацIазде. Гьей ккола улкаялъул бищунго тIадегIанаб шапакъат-Святой апостол Андрей Первозванныясул орден, гьединго Россиялъул Федерациялъул бищунго тIадегIанаб жамгIияб шапакъат-«Россиялъул чIухIи» шапакъат щварай чIужугIадан. Фазу ГIалиевалъул буго «ХIурматалъул гIаламат» абураб 2 орден, Халкъазул гьудуллъиялъул «Гьудуллъи» орденал, «Бихьинчилъиялъе гIоло» медаль ва гIемерал цогидалги медалалги цIаралги. Машгьурай жамгIияй ва политикияй хIаракатчIужу, поэт, публицист, прозаик, республикаялъул патриот Фазу ГIалиевалъ рахъи бугеб хIалтIи гьабуна эбеллъи ва лъимерлъи цIуниялъе, гIолохъанаб гIелалъе рухIияб ва патриотикияб тарбия кьеялъе, рекъел ва миллатазда гьоркьоб цолъи щула гьабиялъе. Гьелъ дунялалдаго рагIизабуна Дагъистан, чIужугIадан-магIарулай, гIакъилай ва тIалаб цIикIкIарай эбел, нилъер рукъалъул гъансито цIунулей захIматчIужу. Фазу ГIалиевалъ жиндирго тIубараб гIумру кьуна Дагъистаналъул литератураялъе.

Просмотров: 90 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 13.09.2022 | Комментарии (0)

Автор Н. Гlалиева. Март 2022 сон.

Дагьал церегIан къоязда Дагъистаналъул лъай кьей цебетIезабиялъул институталъул, Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул Министерствоялъул жигарчилъиялдалъун «Русский язык» подпрограмма гIумруялде бахъинабиялъул мурадалда тIобитIана «Дир бищунго лъикIаб дарс» абураб Республикаялъулаб конкурс. Гьелъул аслиял масъалабилъун кколаан гIурус мацIалъул мугIалимзабазул профессионалияб махщел борхизаби, гьезул методикияб хIалтIи цебетIезаби, дарс кьеялъулал тадбиразулъ цIи-цIиял къагIидаби хIалтIизарун церехун ине жигарчилъи бихьизаби. Гьеб конкурсалда гIахьаллъи гьабуна нилъер районалдасан Харахьи гьоркьохъеб школалъул гIурус мацIалъул ва литератураялъул учительница Маликова Мадинат Билаловнаялъ.

Маликова Мадинат Билаловна ккола гIицIго гьал къоязда тIобитIараб «Бищунго лъикIаб дарс» конкурсалъул цеехъан гурейги, районалда гIурус мацI ва литература цебетIезабиялъе бихьулеб бутIа лъолей, гIемерал къецазулгин конкурсазул лауреат, районалъе гIемерал бергьенлъаби росарай, Россиялъул Федерациялъул гIаммаб лъай кьеялъул ХIурматияй хIалтIухъан, Дагъистан Республикаялъул лъай кьеялъул отличник. Харахьи гьоркьохъеб школалда 9 классги лъугIизабун Буйнакскиялъул педучилищеялде цIализе лъугьарай Мадинат, 1995 соналда байбихьул классазул мугIалималъул махщелги щун хIалтIизе ячIуна гIагараб росдал школалде. Цадахъго гьелъ лъугIизабула Дагъистаналъул педагогикияб университетги. Гьеб лъугIараб 2003 соналдаса нахъе Мадинат Билаловна хIалтIулей йиго жиндиего гIагараб школалда гIурус мацIалъул ва литератураялъул мугIалимлъун. ХIалтIизе лъугьарай тIоцебесеб къоялдаса нахъего Мадинатица жийго йихьизаюна хIалтIи бокьулей, цIалдохъабазулгун гьоркьоблъи батизе лъалей, лъай кьеялда цадахъго гьезие рекIел хинлъиги, рокьиги кьолей мугIалимлъун. ГIемерго цере раккичIониги, ахираб 10 соналда жаниб М. Маликовалъул педагогикияб хIалтIуда хадуб хал ккуни, гьей ва гьелъул цIалдохъаби гIахьаллъичIеб районалдаяли щай гурин, республикаялдацин хутIун батиларин абуниги дун мекъи ккеларин ккола. Гьеб 10 соналда жаниб гьелъие щун буго конкурсаздагин, цееяхъиназда гIахьаллъун 9-тIоцебесеб бакI, 4-кIиабилеб бакI, 16-лъабабилеб бакI. ТIоцебе гьелъ гIахьаллъи гьабуна 2005 соналда районалда тIобитIараб «ЛъагIалил учитель-2005» конкурсалда, щвана 3-леб бакI. Гьелдаги гIей гьабичIого гIахьаллъана гьебго конкурсалда 2009 соналъги. -Гьаб нухалда щвана 2-леб бакI. Гьелдаги мукIурлъун чIечIо М. Маликова.

Просмотров: 113 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 13.09.2022 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Март 2022 сон.

1 марталда райадминистрациялда тlобитlана лъай кьеялъул бутlаялда хурхун данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна райадминистрация-лъул лъай кьеялъул отделалъул начальник Патlимат Хlамзатовалъ ва лъай кьеялъул гlуцlабазул нухмалъулез.

Гlемерал суалал рорхун рукlана данделъиялда. Гьездасан аслияблъун букlана исана ЕГЭ ва ОГЭ кьеялде хlадурлъиялъул суал. ЕГЭ ва ОГЭ кьезе бугеб къагlидаялъул ва ругел цlиял тlалабазда хурхун гlатlидго бицана Тlануси гьоркьохъеб школалъул директор Мурад Гlабдулкъадировас. Исана экзаменал кьей жеги кьваризабизе бугилан бицана гьес. Мисалалъе, гьанжелъагlан букlинчlеб, исана цlияб ургъараб жо кколеб буго ОГЭ видеокамерабазда гъоркь кьезе кколеб букlин. Амма гlемерисел цlалдохъаби ва гьезул эбел-эмен, хlатта, цо-цо учительзабигицин божулел гьечlила исана ОГЭ гьедин кьваризабизе букlиналда. Гьезул хьул бугила 9 классалда экзаменал кьей цебегогlадин бичча-бихъан тезе бугилан. Гlаммаб къагlидаялъ исана районалда ЕГЭ кьезе буго 11 класс лъугlулел 132 выпускниказ, жеги гъоркьисала экзамен кьезе кlвечlел 5 цlалдохъабазги. ОГЭ кьезе буго 9 класс лъугlулел 238 выпускниказ, жеги тlаде 5 гъоркьисала экзамен кьун бажаричlезги. Цохlо Хунзахъ гьоркьохъеб тlоцебесеб школалда гурони, районалда ЕГЭ ва ОГЭ тlоритlизе тlокlаб санагlалъи бугеб школа гьечlелъул, данделъиялда хасаб кlвар кьун букlана гьеб школа экзаменазде хlадурлъиялъул бициналде. Рехсараб школалъул директор Раисат Хlаштlиховалъ бицана экзаменазде школа хlадурулеб букlиналъул. Гьединго хlукму ккана 9 классазда ОГЭязул апробация тlобитlизеги. «Кватlичlого дица байбихьизе буго ЕГЭ ва ОГЭялде хlадуриялда хурхун щибав директоргун хасаб хlалтlи гьабизе. Цониги директорасда ракlалде ккоге жидер школалда 10 цlалдохъанасдагицин ЕГЭ кьезе кlоларин абизе. Гьелъул бакlалда нужеца дида бице экзаменал кьезе кlоледухъ цlалдохъаби хlадуризе нужеца щиб хlалтlи гьабулеб бугебали. Ичlабилеб классалда ОГЭ кьезе кlоларев цlалдохъан, хlалалъ вехъерхъун 11 классалдеги вачун, гьениб ЕГЭги кьезабиялъул магlна щиб?», - ян абуна Патlимат Хlамзатовалъ. Тlобитlизе буго бищун лъикlай тарбиячlужу абураб конкурсги. Гьелда гlахьаллъи гьабизе щибаб садикалъ жидерго тарбиячlужу йихьизайизе кколиланги лъазабуна Патlимат Хlамзатовалъ. Кватlичlого ракlалда рагlула тlолабго районалъул цlалдохъабазул эбел-эменги данде гьарун кlудияб собрание тlобитlизеги. Гьединго данделъиялда хасаб кlвар кьун букlана лъай кьеялъул бутlаялда гьаб заманалъул технологиял хlалтlизариялде.

Просмотров: 82 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 13.09.2022 | Комментарии (0)

Автор Ф. Мухlамадова. Февраль 2022 сон.

Дагъистаналъул ХIукуматалъул бетIерлъуда нилъер ракьцояв ГIабдулпатахI ХIажиевич ГIамирхановас лъагIелалдаса цодагьаб цIикIкIараб гурого заман бачIониги, гьесда кIвана доб хундерие хасиятаблъун рикIкIунеб гIакъиллъиги, къадруги, лъай буголъиги (грамотность), гIадамазда гъорлъ хьвадизе лъайги тIолгоязда бихьизабизе. МухIу Гьиматович ГIалиев хъулухъалдаса ун таманал сонал ун рукIаниги, жеги лъугIуларо гьесул хIакъалъулъ ракIлъикIавин, ришват босичIев вацIцIадавилан, гIадатавилан абулел гIадамал. ГIадатаб халкъалъ нагIана кьоледухъ тIасан бох бегьун, гъоркьан ратIа бегьун ругьунаб нухмалъуда рукIине кIвейгьеб гурищ гьунар?! Дицаги хал ккун букIана лъикIаб тухумалдаса росуцояв, хундерил киназего хирияблъун рикIкIунеб цIалакъалиялъул инсан ГIабдулпатахI ГIамирхановасул сабураб, цевехъахъдун живго вихьизавичIеб хIалтIуда хадуб, гIенеккана гьесул гIодове виччан гьарулел кIалъаязухъ. Йохулей йикIана жиндирго культурияб хьвадачIвадиялъ ГIамирханов Англиялъул лордасда данде кколев вукIиналдаса, халкъалъ социалиял гьиназдасан гьесдехун ургъел бикьулеб букIиналдаса. Гьелеха, доб хундерил цIар рагIараб… чIухIи гуро, къадру!

Просмотров: 104 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 13.09.2022 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Февраль 2022 сон.

22 февралалда районалда кlодо гьабуна Советияб Армия Афганистаналдаса нахъе бачаралдаса 33 сон тlубай. Цадахъго кlодо гьабуна Ватlан цlунулезул къо - 23 февральги. Тадбир байбихьана районалъул нухмалъигун, рагъулал хъулухъчагlигун, жамагlатчагlигун ва жалго афганазул рагъул ветераналгун цадахъ райцентралда бугеб РагъухъабиИнтернационалистазул паркалда тlугьдул лъеялдасан.

Гьелдаса хадуб тадбир халатбахъана Ш. Шамхаловасул цlаралда бугеб культураялъул кlалгlаялда. Киназего саламги кьун данделъи рагьана районалъул нухмалъулесул ишал тlуралев Хlамид Гьитlиновас. “Баркула киназдаго жакъа нилъеца цадахъ къан кlодо гьабулеб бугеб кlиябго байрам. Гьеб гьедин гьабиялъе гlилла ккана нилъер районалда жеги захlматаб эпидемиологияб ахlвал-хlал букlин. Ватlан цlуни кидаго букlана къадруяб ишлъун. Жакъаги нилъер районцоял руго нилъер Ватlаналъул гlатlидаб ракьги цlунун. Хасго хlалуцараб хlал буго Украинаялъулгун гlорхъуда. Аллагьас киналго нилъер васал сах-саламатго рукъалде руссинареги”, - ян абуна гьес.

Просмотров: 94 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 13.09.2022 | Комментарии (0)


by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz