Пятница, 26.04.2024, 14:19 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 13 » ХУНДЕРИЛ "ЛОРД" - "ГlАРЦУЛ ХАЗИНАЯЛДА" НАХЪЕ
12:21
ХУНДЕРИЛ "ЛОРД" - "ГlАРЦУЛ ХАЗИНАЯЛДА" НАХЪЕ

Дагъистаналъул ХIукуматалъул бетIерлъуда нилъер ракьцояв ГIабдулпатахI ХIажиевич ГIамирхановас лъагIелалдаса цодагьаб цIикIкIараб гурого заман бачIониги, гьесда кIвана доб хундерие хасиятаблъун рикIкIунеб гIакъиллъиги, къадруги, лъай буголъиги (грамотность), гIадамазда гъорлъ хьвадизе лъайги тIолгоязда бихьизабизе. МухIу Гьиматович ГIалиев хъулухъалдаса ун таманал сонал ун рукIаниги, жеги лъугIуларо гьесул хIакъалъулъ ракIлъикIавин, ришват босичIев вацIцIадавилан, гIадатавилан абулел гIадамал. ГIадатаб халкъалъ нагIана кьоледухъ тIасан бох бегьун, гъоркьан ратIа бегьун ругьунаб нухмалъуда рукIине кIвейгьеб гурищ гьунар?! Дицаги хал ккун букIана лъикIаб тухумалдаса росуцояв, хундерил киназего хирияблъун рикIкIунеб цIалакъалиялъул инсан ГIабдулпатахI ГIамирхановасул сабураб, цевехъахъдун живго вихьизавичIеб хIалтIуда хадуб, гIенеккана гьесул гIодове виччан гьарулел кIалъаязухъ. Йохулей йикIана жиндирго культурияб хьвадачIвадиялъ ГIамирханов Англиялъул лордасда данде кколев вукIиналдаса, халкъалъ социалиял гьиназдасан гьесдехун ургъел бикьулеб букIиналдаса. Гьелеха, доб хундерил цIар рагIараб… чIухIи гуро, къадру! ЦерегIанго соназ нилъер районалъул цебетIеялъулъ (гьелдаго гьоркьоб газеталде тIалъиялъ кьолеб кIваралъулъ) хIал хъублъарав пишацояв-редакторас абун букIана дида: «Нижер, нужер гIадин, Арбулиевалги, Сулеймановалги, Маххуловалги гьечIелъулха» ян. Гьанже гьеб сияхIалде тIаде хIинкъичIого журазе бегьула ГIалиевалги, ГIамирхановалги. Хъулухъалдаса нахъе ун хадубги, ДРялъул ХIукуматалъул Инстаграмалда къотIичIо ГIабдулпатахIие гьабураб кумекалъухъ, тIамураб гIиналъухъ, тIубараб мурадалъухъ кьолел баркалаялъул рагIаби: «Шамилхъала поселокалда ва ансадерида дур лъикIлъи кIоченаро!», «Баркала нижер росулъ спортзал баралъухъ!», «ТIалъиялдаса нижер росулъе цого цо нух «батарав», чIухIи гьечIев хIаким!»… Гьеб гурищ хъулухъалдаса борхун бетIергун нахъе ине гIилла?! ГIамирхановасул кверчIваялдалъун гIемер кумек щвана нилъерго районалъеги:чанго лъай кьеялъул учреждениялда капиталияб ремонталъе, цIиял объектал раялъе ресал ратана, районалъул сахлъи цIуни оборудованиялдалъун хьезабиялъе 68 млн. гъурущ гIарцул биччазабуна ва гь.ц. Гьаб чорокаб заманалда гIемерисез хIаракат бахъула хъулухъ цIунизе. ГIамирхановасин абуни цIунана тахбакI гуреб, жиндирго гьумер. Бокьараб хъулухъалда рукIине рекъараб, лъайги-бажариги, интеллигентностьги, культураги жиндилъ бугеб Хунзахъа Чиясул гьумер. Баркала дуе гьелъухъ! Цо республикаялъул хъулухъчияс дида абуна ХIукуматалъул Председателасул хъулухъалдаса казначействалде ГIамирханов вачиналъул магIна кколин Меликовасе гIарцул хазинаялда нахъа ракIбацIцIадав чи хIажат вукIин. БатизегIаги батагиха гьедин…

Ф. Мухlамадова.

Просмотров: 105 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz