22 февралалда районалда кlодо гьабуна Советияб Армия Афганистаналдаса нахъе бачаралдаса 33 сон тlубай. Цадахъго кlодо гьабуна Ватlан цlунулезул къо - 23 февральги. Тадбир байбихьана районалъул нухмалъигун, рагъулал хъулухъчагlигун, жамагlатчагlигун ва жалго афганазул рагъул ветераналгун цадахъ райцентралда бугеб РагъухъабиИнтернационалистазул паркалда тlугьдул лъеялдасан.
Гьелдаса хадуб тадбир халатбахъана Ш. Шамхаловасул цlаралда бугеб культураялъул кlалгlаялда. Киназего саламги кьун данделъи рагьана районалъул нухмалъулесул ишал тlуралев Хlамид Гьитlиновас. “Баркула киназдаго жакъа нилъеца цадахъ къан кlодо гьабулеб бугеб кlиябго байрам. Гьеб гьедин гьабиялъе гlилла ккана нилъер районалда жеги захlматаб эпидемиологияб ахlвал-хlал букlин. Ватlан цlуни кидаго букlана къадруяб ишлъун. Жакъаги нилъер районцоял руго нилъер Ватlаналъул гlатlидаб ракьги цlунун. Хасго хlалуцараб хlал буго Украинаялъулгун гlорхъуда. Аллагьас киналго нилъер васал сах-саламатго рукъалде руссинареги”, - ян абуна гьес. Гьединго баркиялъулал кlалъаял гьаруна р а й с о б р а н и я л ъ у л председатель Мухlамад Мухlамадовас, лъай кьеялъул отделалъул начальник Патlимат Хlамзатовалъ ва цогидазги. Тадбир берцин гьабун букlана кlалъаязда гьоркьоб районалъул культураялъул бутlаялъул хlаракатчагlаз, Хунзахъ школа-Интернаталъул, искусствабазул школалъул, Хунзахъ гьоркьохъеб тlоцебесеб школалъул цlалдохъабаз рихьизарурал театралъулал сценкабаз, кечl ахlиялъул номераз ва рагъулал ругьун гьарияз. Районалъул нухмалъиялъул рахъалдасан ветераназе кьуна тlугьдул ва гlарцулал сайгъатал. Ахиралда районалъул киналго афганазул рагъул ветераназул рахъалдасан, жалги кlодо гьарун гьадинаб тадбир гlуцlараб муниципалитеталъул нухмалъиялъе баркала кьуна Мухlамад Гьитlиновас.
И. Мухlамадов.
|