Пятница, 26.04.2024, 16:47 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 13 » СУНДУЛЪГО ЦЕЕХЪАНАЙ
20:00
СУНДУЛЪГО ЦЕЕХЪАНАЙ

Дагьал церегIан къоязда Дагъистаналъул лъай кьей цебетIезабиялъул институталъул, Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул Министерствоялъул жигарчилъиялдалъун «Русский язык» подпрограмма гIумруялде бахъинабиялъул мурадалда тIобитIана «Дир бищунго лъикIаб дарс» абураб Республикаялъулаб конкурс. Гьелъул аслиял масъалабилъун кколаан гIурус мацIалъул мугIалимзабазул профессионалияб махщел борхизаби, гьезул методикияб хIалтIи цебетIезаби, дарс кьеялъулал тадбиразулъ цIи-цIиял къагIидаби хIалтIизарун церехун ине жигарчилъи бихьизаби. Гьеб конкурсалда гIахьаллъи гьабуна нилъер районалдасан Харахьи гьоркьохъеб школалъул гIурус мацIалъул ва литератураялъул учительница Маликова Мадинат Билаловнаялъ.

Маликова Мадинат Билаловна ккола гIицIго гьал къоязда тIобитIараб «Бищунго лъикIаб дарс» конкурсалъул цеехъан гурейги, районалда гIурус мацI ва литература цебетIезабиялъе бихьулеб бутIа лъолей, гIемерал къецазулгин конкурсазул лауреат, районалъе гIемерал бергьенлъаби росарай, Россиялъул Федерациялъул гIаммаб лъай кьеялъул ХIурматияй хIалтIухъан, Дагъистан Республикаялъул лъай кьеялъул отличник. Харахьи гьоркьохъеб школалда 9 классги лъугIизабун Буйнакскиялъул педучилищеялде цIализе лъугьарай Мадинат, 1995 соналда байбихьул классазул мугIалималъул махщелги щун хIалтIизе ячIуна гIагараб росдал школалде. Цадахъго гьелъ лъугIизабула Дагъистаналъул педагогикияб университетги. Гьеб лъугIараб 2003 соналдаса нахъе Мадинат Билаловна хIалтIулей йиго жиндиего гIагараб школалда гIурус мацIалъул ва литератураялъул мугIалимлъун. ХIалтIизе лъугьарай тIоцебесеб къоялдаса нахъего Мадинатица жийго йихьизаюна хIалтIи бокьулей, цIалдохъабазулгун гьоркьоблъи батизе лъалей, лъай кьеялда цадахъго гьезие рекIел хинлъиги, рокьиги кьолей мугIалимлъун. ГIемерго цере раккичIониги, ахираб 10 соналда жаниб М. Маликовалъул педагогикияб хIалтIуда хадуб хал ккуни, гьей ва гьелъул цIалдохъаби гIахьаллъичIеб районалдаяли щай гурин, республикаялдацин хутIун батиларин абуниги дун мекъи ккеларин ккола. Гьеб 10 соналда жаниб гьелъие щун буго конкурсаздагин, цееяхъиназда гIахьаллъун 9-тIоцебесеб бакI, 4-кIиабилеб бакI, 16-лъабабилеб бакI. ТIоцебе гьелъ гIахьаллъи гьабуна 2005 соналда районалда тIобитIараб «ЛъагIалил учитель-2005» конкурсалда, щвана 3-леб бакI. Гьелдаги гIей гьабичIого гIахьаллъана гьебго конкурсалда 2009 соналъги. -Гьаб нухалда щвана 2-леб бакI. Гьелдаги мукIурлъун чIечIо М. Маликова. 2012 соналъги хIалбихьана гьелъ конкурсалда гIахьаллъизе. Гьеле гьелда Мадинатие щвана 1-себ бакI ва ана республикаялъулаб къецалде. Гьениб «Мурадалде щвезе бахъулеб жигаралъе, махщалие» гIоло номинациялда гьелъие ккана 1-себ бакI. Кинго рахIат букIинчIо Мадинатие цойги нухалда конкурсалда гIахьаллъичIого 2015 соналда районалъул конкурсалда бергьенлъиги босун нахъойги гIахьаллъана республикаялда. Гьенисаги гьей тIад юссана «Мурадалде щвезе бугеб жигаралъе, гIун бачIунеб гIелалъе лъай кьеялъул ишалъулъ бихьизабулеб жигаралъе гIоло» абураб номинациялда тIоцебесеб бакIги босун. Мадинат Билаловнаялъул хасият буго кидаго цеехун ине, цIи-цIияб лъазе, бихьизе, рагIизе жигар бахъулеб. Жиндирго цIалдохъабигун цадахъги, жийгоги гьей гIемер гIахьаллъана Лъай кьеялъул, Республикаялъул гIолилазул ишазул рахъалъ Министерствабаз, Республикаялъул гIелмияб творчествоялъул централъ, МугIалимзабазул махщел камил гьабиялъул институталъ лъазарурал конкурсаздаги. Гьединго цее яхъана гьелго идарабазул жигарчилъиялдалъун Тахо-Годил цIаралда бугеб институталда, ДИРОялда, Карабудагъкент, Каспийск, МахIачхъала, Дербент шагьаразда «ХIакъикъат» газеталда тIоритIулел конференцияздаги, гургинал столаздаги. Щибалда жийго цее яхъун кIалъазеги хIадурлъи букIуна гьелъул. Жиндирго хIалбихьиялдасан Мадинат Билаловнаялъ гьезда бицуна гIурус мацI цебетIезабиялъе гьабулебщинаб хIалтIул. ГIурус мацIги цебе ккун, рахьдал мацIалде кIвар кьечIогоги чIоларо гьей. Дагьал церегIан къоязда миллатазул мацIазул хIукму-хIалалъул бицунеб, гьезде кIвар буссинабизе хIажат букIиналда бан тIобитIулеб гIезагIан Министрал гIахьаллъараб г I е л м и я б г и н - п р а к т и к и я б конференциялдаги бихьулеб бутIа лъуна гьелъ. Дур хIалтIулъ бищунго дуе асар гьабурал конкурсал, къецал кинал рукIаралилан абураб суалалъе Мадинат Билаловнаялъ жаваб кьуна, «ЛъагIалил цIалдохъан», «ЛъагIалил учитель», «Пагьмугьунар бугел лъимал» абурал конкурсал рукIанилан. Щайгурелъул щибаб соналда щуабилеб классалдаса бахъараб 11 классалде щвезегIан цIалдохъабиги гIахьал гьарун гьел конкурсазда соналдаса соналде лъикIал хIасилалги росулаго, нуха регIанила жиндица жиндирго цIалдохъаби. Гьез куркьбалги гъунила жидеда. Цойгиги дун йохараб ишлъун букIанилан бицана гьелъ, «Бищунго лъикIаб портфолио» конкурсалда гIахьаллъарай дир цIалдохъаналъ соналдаса соналде бихьулеб цебетIейги гьабун цересел бакIал росулел рукIин. Дир цIалдохъаби гIахьаллъула олимпиадабазда, «Живая классика», ТIолгороссиялъул заочныял конкурсазда. Гьезие щвана грамотабиги, сайгъаталги, премиялги. Гьезда гьоркьоб дица бищунго къиматаблъун рикIкIуна дирго цIалдохъан Россиялъул «Пагьму-гьунар бугел гIолилал» конкурсалъул лауреатлъун яхъин. Гьаб жаниб ругеб 2021-2022 цIалул соналда республикаялъулаб «Тарихалъул матIуялъулъ» конкурсалда диего ва дир цIалдохъан М. ГъазимухIамадовалъеги щвана 3-леб бакI. «Лъималазул бераздалъун ихтиярал» конкурсалда дир цIалдохъаналъе ва гьей хIадурарай диего щвана баркалаялъул кагъат. Дун гIахьаллъана ТIолгороссиялъул учительзабазул форумалда. Щвана сертификат. Дир ичIго цIалдохъан гIахьаллъана Халкъазда гьоркьосеб Толстой Live марафоналда. ГIахьаллъула батIи-батIиял акциязда марафоназда, ТIолгопачалихъалъулал гIурус мацIалъул ва литератураялъул учительзабазул Ассоциациязда. 10 ахирисеб соналда Мадинат Билаловнаялъ гьабураб хIалтIулгун лъай-хъвай гьабидал, дида ракIалде ккана Мадинатида цере цIалулел цIалдохъабазулги, гьезул умумузулги кIудияб талихI бугин махщел камилай учительницаялде цере цIализе ккей. ЕГЭ кьезе байбихьаралдаса цониги соналда гьелъул цIалдохъанасе кIийил ккун гьечIо, лъабилал цIакъго дагь гурого рукIунел гьечIо. Ункъилал, щуйилал росулезул къадар цIикIкIараб буго. 8 Марталда Маликовалъ кIодо гьабулеб буго жийго гьаюраб къоги. Бокьун буго гьеб къоги, руччабазул байрамги, киналго бергьенлъабиги, рухIги-жанги гIун бачIунеб гIелалъул цебетIеялъе гIоло кьолей нилъер хIурматияй мугIалималда ракI-ракIалъ баркизе. Кидаго бергьенлъабазда къвалги бан, къварилъабазда малги бан, талихI-рохелалда хутIаги, мун Мадинат Билаловна. Мадинат Билаловнаялъ дида гьарана бакI ккун букIаго гьал къоязда «Дир бищунго лъикIаб дарс» конкурсалде хIадурулелъул видеоролик хIадуризе кIудияб кумек гьабурал районалъул телевидениялъул хIалтIухъабазе, хасго гьеб гIуцIиялъул нухмалъулев КъурамухIамадов Гъайирбегие, районалъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулей ПатIимат ХIадисовнаялъе, гьебго отделалъул специалист МухIамад ГIусмановичасе, районалъул бетIер НурмухIамад М.ХIажиевичасе, нижерго школалъул директор Акилаев Мурадие дие гьабураб кумекалъухъ баркала кьеян.

Н. Гlалиева.

Просмотров: 114 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz