Пятница, 26.04.2024, 12:55 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Ноябрь » 14

Гьал г1агарал къоязда г1умрудул 60-сонилаб юбилей к1одо гьабизе буго райбольницаялъул бет1ерав тохтур Мусаев Мух1амад Шайхг1алиевичас. Гьесда гьеб байрам баркулеб буго районалъул администрациялъул, собраниялъул, больницаялъул коллективаз, гьединго хъизан-лъималаз, лъималазулги лъималаз ва гьев сахлъи ц1униялъул хъаравуласдасан медицинаялъул кумек щванщинав районцояс. Чорхолъ вит1ун хут1и, х1алт1улъ бергьенлъаби, унтаразул ва Аллагьасул разилъи гьарула Мух1амадие, юбилей баркун.

Просмотров: 384 | Добавил: NiGMaT | Дата: 14.11.2016 | Комментарии (0)

Автор.И.Мух1амадов.Ноябрь 2016с.

Т1олабго Северияб Кавказалда, хасго Дагъистаналда цебе ч1араб масъала ккола терроризмалдегун динияб экстремизмалде данде къеркьей ва халкъалъе х1инкъи гьеч1еб парахатаб г1умру ч1езаби. Дагъистаналъул бет1ерлъуде Рамазан Г1абдулат1ипов вач1аралдаса нахъе, ц1айи бугеб х1алт1и гьабулеб буго гьеб суалалда хурхун. Ч1еч1ого т1орит1улел руго школлъималазулгун ва студентазулгун дандч1ваял, гьабулеб буго халкъалда гьоркьоб бич1ч1икьеялъул х1алт1и. Гьединаб х1алт1ул х1асилалда республикаялда къот1ана террактал, дагьлъана такъсирчилъи, к1вана г1олилазул пикру бит1араб рахъалдехун хисизабизе.

Просмотров: 942 | Добавил: NiGMaT | Дата: 14.11.2016 | Комментарии (0)

Автор.Н.Г1алиева.Ноябрь 2016с.

Хъулухъалъулал зах1малъабаздаса х1инкъуге. Гьел ккола багьа т1адег1анаб х1албихьиялъул аслулъун.Кват1ич1ого Россиялда к1одо гьабизе буго Жанисел ишазул министерствалъул х1алт1ухъанасул къо. Нилъеда киназдаго лъала киг1ан к1вар бугеблъун кколеб гьеб ишалъул х1алт1ухъабазул х1алт1ияли. Г1адамазул ихтиярал, гьезул х1инкъи гьеч1олъи ц1униялъе, терроризмалде, экстремизмалде данде рагъ гьабиялъе г1оло, нилъер Ват1аналъул ва халкъалъул интересал ц1униялъул жавабияб ишалъулъ кинаб бут1а гьез лъолебали. Аслияб къаг1идаялда гьеб х1алт1и т1аде ккола полициялъул х1алт1ухъабазде. Жамг1ияб г1адлу-низам ц1униялъул, такъсирал гьукъиялъул, т1атинариялъул, такъсирчи къват1ив ч1вазабиялъул к1вар ц1ик1к1араб ва жавабияб х1алт1и полициялъул х1алт1ухъабаз намус бац1ц1адго т1убазабулеб бугони, халкъалъ гьезие к1удияб къиматги кьола.Г1адамаз кидаго бет1ер къулула жидерго г1умруялде рач1инч1ого, бищунго х1инкъарал бак1азде бах1арчилъиялда рортулел, намус бац1ц1адго жидерго х1алт1и т1убазабулел полициялъулазе. Нилъ ч1ух1ула гьезул бихьинчилъиялдаса, х1инкъи гьеч1олъиялдаса, къо х1ехьеялдаса.Жакъа нижеца гара-ч1вари гьабулеб буго кинаб ах1вал-х1алалда нилъер районалъул жанисел ишазул х1алт1ухъабазул отделали лъазелъун полициялъул подполковник Мух1амадов Мух1амад Имамух1амадовичасулгун.

Просмотров: 438 | Добавил: NiGMaT | Дата: 14.11.2016 | Комментарии (0)

Автор.П.Гунашева.Ноябрь 2016с.

Хунзахъа Г1умарх1ажиев Ах1мад вуго к1вах1-асвак лъаларев инсан. Ц1ик1к1араб ригьалда вугониги, щиб х1алт1и гьабунги гьесда ч1езе к1оларо, щибаб къоялъг1адин бат1и-бат1иял г1уц1абазде щвеч1ого вук1инеги гьесухъа бажаруларо. Щиб х1алт1и г1адамас малъаниги, Ах1мадица гьеб гъираялда гьабула. Ц1ер ч1вараб ракьхасалоги дорожниялда х1алт1улеб мехалъ, босун газа-белгун къват1ал къач1алев, рац1ц1ад гьарулев вук1ана гьев. Дагьал церег1ан къоязги росулъ цо къот1ноб гамач1 ч1ана Ах1мадица.

Просмотров: 445 | Добавил: NiGMaT | Дата: 14.11.2016 | Комментарии (0)

Дагъистан республикаялъул Зах1маталъулгун социалияб рахъалъ цебет1еялъул министерствоялъ ва Социалияб страхованиялъул фондалъ федералияб программаялда рекъон гьал къоязда 29 «Лада Гранта» автомашина кьуна х1алт1улъ сакъатлъи ккарал инвалидазе.  Тадбир т1обит1ана Мах1ачхъалаялъул «Ладаялъул» официалияб дилеразулаб централда. Социалияб страхованиялъул фондалъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул нухмалъулев Г1усман Эфендиевас бицана гьединал автомашинаби сайгъат гьари кколин инвалидазе кумек гьабизелъун г1уц1араб пачалихъияб программа г1умруялде бахъинабиялде т1амулеб галиян. «Гьадинал тадбирал т1орит1и лъугьана лъик1аб г1адатлъун ва гьел т1орит1улел  руго 2001 соналдаса байбихьун. 

Просмотров: 484 | Добавил: NiGMaT | Дата: 14.11.2016 | Комментарии (0)

Автор.У.Къурамух1амадов.Ноябрь 2016с.

Араб г1асруялъул къоабилел соназда Дагъистаналда, гьелдаго гьоркьоб нилъер районалдаги лъай кьеялъул идараби рагьизе байбихьана. Гьезие цо-цо росабалъ ц1иял минабиги рана, цогидал бак1азда школал х1ебт1ун рук1ана хасал г1адамазул минабахъ. Жакъа дица бицен гьабизе бугеб Г1ахьалч1и школаги рагьана 1923 соналда хасал г1адамазул минаялда.1926 соналъ гьениб бана жакъа лъимал ц1алулел ругеб школа. Гьелъие нухмалъи гьабуна Гьолокь росулъа Малик абулев чияс. 1937 соналда г1уц1ана анкьго сонилаб ва 1956 соналда гьоркьохъеб школаги. Гьебго заманалда сверухъ ругел росабалъа лъималазеги гьоркьохъеб лъай кьей мурадалда Г1ахьалч1и росулъ г1уц1ун бук1ана школа-интернатги. Хадуб интернат Г1арани росулъ рагьидал, гьеб хут1ана гьоркьохъеб школалъун. Жакъа къоялъги Г1ахьалч1и гьоркьохъеб школалде хьвадула сверухъе ругел Гьац1алухъ, Тумагъари, Колабаздаса лъимал гьоркьохъеб лъай щвей мурадалда. Жакъа къоялде 2 азаргоялдаса ц1ик1к1ун выпускник къват1иве виччана гьеб школалдасан. Къват1ире риччарал выпускниказда гьоркьор руго 50-ялдаса ц1ик1к1ун г1елмабазул кандидатал, мустах1икъал врачал, учительзаби, инженерал ва гь.ц. махщалилал. Г1ахьалч1и школалда ц1алана дунялалда ц1ар раг1арай поэтесса, жиндир мунагьал чураяй Фазу Г1алиева, хъвадарухъан Мух1амад Сулейманов, Х1ариколоса Каримула Сулейманов ва жакъаги районцояз жал адаб-х1урматалда рехсолел машгьурал г1адамал. Гьеб школалъе нухмалъи гьабуна Г1ахьалч1иса гурел, районалъул бат1и-бат1иял росабалъа учительзабаз. Кидагосеб рецц гьезие, ч1аго муг1алимзабазул кьерда ругезеги-жакъа нилъгун гьеч1езеги. Жакъа гьеб школалъе 14-гог1ан соналъ нухмалъи гьабулеб буго Г1ахьалч1и росулъа Г1алиханов Мух1амадица. 

Просмотров: 944 | Добавил: NiGMaT | Дата: 14.11.2016 | Комментарии (0)

Автор.Р.Х1амзатов.Ноябрь 2016с.

Цебеккун лъазабун бук1ахъе «Хунзахъ район» муниципалияб районалъул администрациялъул ва районалъул жамг1ияб палатаялъул х1аракаталдалъун 3 ноябралъ Шагьрудин Шамхаловасул ц1аралда бугеб культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана «Бук1инеселъе г1оло-цолъи» абураб ц1аралда гъоркь республикаялдаго т1оцебесеб гражданлъиялъул форум. Форумалъул масъалалъун бук1ана цебет1ураб гражданлъиялъулаб общество г1уц1иялъулъ халкъалъул х1аракатчилъи борхизабиялъе районалъул жамг1ияб паталаялъул х1алт1ул аслиял рахъал районцоязда рагьун рихьизари.

Просмотров: 348 | Добавил: NiGMaT | Дата: 14.11.2016 | Комментарии (0)

Т1оцебесеб ноябралъ г1умруялъул 76 сон т1убана бащадаб г1асруялдасаги ц1ик1к1ун сонал г1адамасул сахлъи ц1униялъе кьурав, сонал г1емер аниги х1алхьи жинда лъаларев, чиясе бажарараб кумекалъе х1адурав лъик1ав инсан Адиев Абу Х1асановичасе. Тохтурлъиялда араб 54 соналъул к1икъоялда ункъгоялъ Абу Х1асанович х1алт1ун вуго больницаялъул бет1ерав врачасул заместительлъун. Гьеб рохалилаб лъугьа-бахъиналда хурхун Адиеваст1е баркиялъулал адресазда гъорлъ буго КПРФалъул ЦКялъул председатель Г. А. Зюгановасул баркиги. Гьелъул рахъги кколаго т1олалго районцоязул рахъалдасан нижецаги баркула дуда Абу Х1асанович гьавураб къо. Х1алт1улъ цебет1ейги г1умруялда икъбалги дуе жеги г1емерал соназ х1урматияв.

Просмотров: 523 | Добавил: NiGMaT | Дата: 14.11.2016 | Комментарии (0)

Автор.И.Мух1амадов.Ноябрь 2016с.

29 октябралда Хунзахъ районалда т1обит1ана физкультураялъул рахъалъ республикаялъул олимпиадаялъул зоналияб тур. Гьениб г1ахьаллъи гьабуна районалъул школазул 9-11 классазул ц1алдохъабаз. Олимпиадаялда районалъул г1исинал спортсменаз бихьизабуна спорталъул бат1и-бат1ияб тайпаялъе жидерго бугеб махщел-гьунар. 

Просмотров: 462 | Добавил: NiGMaT | Дата: 14.11.2016 | Комментарии (0)


by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz