Пятница, 29.03.2024, 00:18 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Ноябрь » 14 » МАСЪАЛАБИ Г1ЕЗЕГ1АН К1ВАР БУГЕЛ РУГО.
16:41
МАСЪАЛАБИ Г1ЕЗЕГ1АН К1ВАР БУГЕЛ РУГО.

Хъулухъалъулал зах1малъабаздаса х1инкъуге. Гьел ккола багьа т1адег1анаб х1албихьиялъул аслулъун.

Кват1ич1ого Россиялда к1одо гьабизе буго Жанисел ишазул министерствалъул х1алт1ухъанасул къо. Нилъеда киназдаго лъала киг1ан к1вар бугеблъун кколеб гьеб ишалъул х1алт1ухъабазул х1алт1ияли. Г1адамазул ихтиярал, гьезул х1инкъи гьеч1олъи ц1униялъе, терроризмалде, экстремизмалде данде рагъ гьабиялъе г1оло, нилъер Ват1аналъул ва халкъалъул интересал ц1униялъул жавабияб ишалъулъ кинаб бут1а гьез лъолебали. Аслияб къаг1идаялда гьеб х1алт1и т1аде ккола полициялъул х1алт1ухъабазде. Жамг1ияб г1адлу-низам ц1униялъул, такъсирал гьукъиялъул, т1атинариялъул, такъсирчи къват1ив ч1вазабиялъул к1вар ц1ик1к1араб ва жавабияб х1алт1и полициялъул х1алт1ухъабаз намус бац1ц1адго т1убазабулеб бугони, халкъалъ гьезие к1удияб къиматги кьола.

Г1адамаз кидаго бет1ер къулула жидерго г1умруялде рач1инч1ого, бищунго х1инкъарал бак1азде бах1арчилъиялда рортулел, намус бац1ц1адго жидерго х1алт1и т1убазабулел полициялъулазе. Нилъ ч1ух1ула гьезул бихьинчилъиялдаса, х1инкъи гьеч1олъиялдаса, къо х1ехьеялдаса.

Жакъа нижеца гара-ч1вари гьабулеб буго кинаб ах1вал-х1алалда нилъер районалъул жанисел ишазул х1алт1ухъабазул отделали лъазелъун полициялъул подполковник Мух1амадов Мух1амад Имамух1амадовичасулгун.

-Мух1амад Имамух1амадович, бокьилаан дуца ц1алдолезе бицани кинаб криминалияб ах1вал-х1ал бугеб районалда жакъа къоялдаяли.

-Гьаб соналъул ич1го моц1алъул х1асилал данде росидал, районалда такъсирчилъи ц1ик1к1ун буго араб соналда бук1араб 43-ялде данде ккун к1игог1ан нухалъ. Гьеб бахун буго 80-ялде. Гьезда гьоркьор руго бикъа-хъамиялъул, законалде данде кколареб ярагъ, наркотикал, х1адур гьари, х1иллачилъи гьаби, х1инкъи кьун кодоса жо бахъи, автотранспорт хъами, гьересиял пачалихъиял документал, шапакъатал, штампал, печатал, бланкал гьари г1адал такъсирал.

Гьел гьарун руго районалъул 11 росулъ.

-Кинаб ригьалъул г1адамаз такъсирал ц1ик1к1ун гьарулел?

-Аслияб къаг1идаялда такъсирал гьарулел руго кирниги х1алт1улел ва ц1алулел гьеч1ел г1олохъанаб г1елалъ. Гьаб соналда такъсир гьабун буго 34 чияс. Гьездасан г1овул г1ужде рахинч1ел-к1игояз, гьекъон-мехтун-ункъгояз, цебеккунги такъсирал гьарун рук1арал-ич1гояз, цебеккунги судалде ккун рук1арал ункъгояз, 4 ч1ужуг1аданалъ, 2 хъулухъчияс, 23-кибниги х1алт1улел ва ц1алулел гьеч1ез, цо ц1алдохъанас.

-Такъсирчаг1азул сиях1 щибаб соналъ ц1и-ц1иябищ гьабулеб яги гьезда гъорлъ цересел соназулгийищ рук1унел?

-Цересел соназулги данде росула. Жакъа къоялде щвезег1ан нижер х1исаб-суалалда руго 43 цебеги такъсир гьабун рук1арал, 34-диниял экстремистал, 11-хроническиял алкоголикал, 14-наркоман, 12-хъизаналда даг1ба-раг1и багъаризабулел, 11-психическияб къаг1идаялъ унтарал, 8 г1овул г1ужде рахинч1ел.

-Гьарурал киналго такъсирал рагьизе к1олищ нужеда?

-Гьаб соналъул 9 моц1алда жаниб гьарурал такъсирал рагьун руго 95,5 проценталъ. Кинабниги рагьун буго 63 такъсир. Гьездасан ц1акъго зах1матаб 9.

Рагьич1ого хут1ун буго 3 такъсир.

Профилактикиял тадбирал гьарулелъул, гьединго оперативиялгун хъулухъалъулал масъалаби т1уралелъул ОМВДялъ г1уц1ун буго 1089 административияб протокол.

-Экстремизмалде ва терроризмалде данде гьабулеб х1алт1иго бугищ?

-Гьабураб х1алт1ул х1асилалда гьаб соналъул 9 моц1алда жаниб рагьизе к1вана 7 террористияб к1варалъул такъсир. «Религиозный экстремизм» абураб категориялда рекъон, нижеца х1исаб-суалалде восун вуго 8 чи, т1аса вахъун вуго к1игояв, киналниги х1исаб-суалалда ругел гьединазул къадар бахуна 34 чиясде.

Районалда т1атун бук1ана 2 чиясдасан г1уц1араб бандгруппа. Гьезул цояв кквезеги щун т1аг1инавуна, цогияв федералияб ц1ех-рехалда вуго.

Районалъул территориялда 2 нухалда лъазабун бук1ана КТО (контртеррористическияб операция). Гьарурал тадбиразул х1асилалда, 2 такъсирчи т1аг1инавизе к1вана. Гьезухъа кодоса рахъана 2-Калашниковасул автомат ва боеприпасал, т1атинабуна 4х3 бугеб 1 блиндаж, жинда жаниб квана-гьекъеялъул продуктал, ц1а-раг1, медикаментал, ДРялъул топографиялъулаб карта ва 20 боеприпасал ругеб. Гьединго т1атинабуна жаниб медикаментал, боеприпасал, кьвагьулеб т1аг1ел х1адур гьабиялъе х1ажатал т1аг1алаби жанир ругеб 3 схрон. Схроназда жаниб батана 820 патрон, 170 кило аммиакалъул селитра.

Нижехъе щварал баяназда рекъон, Г1орут1а росулъа 4 чиясул рокъоб ч1ухь балелъул, гьенир т1атана 2 тротилалъул шашкаби, лъабго Ф-1 граната, 135 патрон, 143 гр. марихуанаялъул.

Заг1иса Саг1идов Запирил фермаялде раккидал, гьенир ратун нахъе рахъана автоматалъул 5,45 калибралъул 27 патрон.

Гьит1инаб Гьоц1алъ росдада аск1обег1ан бак1алда ратана 5,45 мм калибралъул 42 патрон, 7,62 мм. -5 патрон, цо РГО граната, цо СВУ, гьединго квана-гьекъеялъул ниг1матал, рет1ел-хьит. Гьабураб мух1канаб х1алт1иялъул х1асилалда ч1езабуна районалдаса Сириялда 8 чи вук1ин. Гьел киналго рук1ана «Религиозный экстремист» категориялъул х1исаб-суалалда рук1арал г1адамал. Киналго кьун руго федералияб ц1ех-рехалде.

Гьаб х1исаб кьеялъул заманалда ц1ех-рехалда вук1ана 13-такъсирчи, гьездасан цояв ватана, цогияв ц1ех-рех гьабиялдаса нахъе вахъана. Хут1арал жеги ралагьулел руго.

-Г1адамазда кодоб бугеб законнияб гуреб къаг1идаялда ц1унараб ярагъ нахъе щвеялъул мурадалда, цебе нужеца г1емерал тадбирал т1орит1улаан. Гьанже кин бугеб?

-Гьабсаг1аталда районалда унеб буго «Оружие-выкуп» абураб операция. Гьелда рекъон законнияб гуреб къаг1идаялда ярагъ ц1унарав бокьарав чи вач1ине бегьула полициялде. Гьедин вач1арав чиясе кинаб бук1аниги тамих1 гьабуларо, г1аксалда, кьураб ярагъалъухъ хал гьабун нужее г1арац кьола. Киг1анго гьеб гьедин бук1аниги, исана цо чи гурого ярагъ нахъе кьезе вач1инч1о. Уголовныял делабиги т1ад гьарун г1адамазухъа бахъана 2 автомат, 1002 патрон, 5 гранат, 1 СВУ, 200 грамм кьвагьулеб вещество. Гьединго бахъана 74,28 грамм марихуанаялъул, 126 гъвет1 габаниялъул, хвезабуна 850 гъвет1 г1алхуда бижун бач1унеб габаниялъулги.

-Районалда къан рук1арал постал ц1идасанги рагьулел руго. Нилъее кинаб бук1аниги х1инкъийищ бугеб?

-Улкаялдаго экстремизмалде, террроризмалде кутакаб къеркьей унеб бугеб заманалда, нилъер районалда гуребги, Дагъистаналдаго ц1иял постал лъей-гьеб ккола нилъерго х1инкъи гьеч1олъи ц1уни, нилъер муг1рузулаб улка къвариг1ел гьеч1ел, такъсириял пишабаздаса хвасар гьаби. Бокьараб мехалда ккезе бегьула районалдасан хъачагъал, экстремистал ва цогидалги криминалиял къокъаби рач1арал лъугьа-бахъинал, рук1ине бегьула гьезда гьоркьор наркотикал, кьвагьулел жал росун рач1унелги. Гьединазул баркат гьеч1олъиялъ, рес буго районалда балагьал лъугьа-бахъинал ккезеги. Гьединлъидал, щивасда т1адаб буго ц1одорго рук1ине, г1адлу-низам щула гьабизе, чияр ракьалдаса рач1унел чорокал пишаби гьукъизе. Районалда ч1ара-хьараб ах1вал-х1ал бук1инабиялъе лъолел рук1ин гурого, т1ок1аб бат1ияб мурадалъе г1оло гуро постал лъолел ругел.

-Мун бат1ияб районалдаса вач1арав чи вугелъул, щиб дуца абилеб гьаб районалда хурхун?

-Дица абила Хунзахъ район бищунго законалъухъ г1енеккулел, заманалда рекъон хьвадулел г1адамазул район бугилан. Гьелдаго цадахъ, гьеб буго муг1рузул районазда гьоркьоб бищунго г1умру гьабизе бокьилеб, бищунго бац1ц1адаб район.

-Халкъалдехун вуссун Дуе щиб абизе бокьилеб бук1араб?

-Дица абила г1ун бач1унеб г1ел нилъер бук1инесеб кколелъул, гьит1инаб къоялдасан байбихьун лъимал ругьун гьарейин наркотиказдаса, гьекъолеб жоялдаса рик1к1ад ч1езе, ц1огь, бикъа-хъами, гьереси бицин г1адал заралиял пишабаздаса инкар гьабизе. Цо-цо г1адамаз светияб ц1алиги рехун тун, лъимал рит1улел руго г1иц1го динияб ц1али гьабизе мадрасабазде. Бажарани, к1иябго ц1али цадахъ гьабун гурого, школалде лъимал рит1ич1ого тей, дида бит1араблъун бихьуларо.

Щивав чи вук1ине ккола ц1одорго. Т1аде щолеб буго г1адамаз хъвехъариги гьабун гьан бакъвазабулеб заман. Гьединаб мехалда г1емер ккола бакъвазе бараб гьан бикъиялъул, ц1огь гьабиялъул лъугьа-бахъинал. Гьединлъидал г1адамазде гьари буго ц1огьаздаса жидерго мина-мулк, боц1и-панз, жидерго маг1ишат ц1униялъе ц1одорлъи жидецаго гьабеян.

-«Бихьинчилъи» абураб раг1ул маг1на дуда кин бич1ч1улеб?

-Т1оцебе босани, бихьинчияс кьураб раг1и хвезабизе бегьуларо. Батулареб раг1и бицун г1адамал махсароде кквезе бегьуларо. Хадусеб иргаялда, бихьинчи вук1ине ккола къвак1арав, къо х1ехьолев, бараб ах1улъги, ах1араб болъги бищун цеве вортулевлъун. Полициялъулазул бицани, гьев вук1ине ккола культура, лъай бугев, рак1 бац1ц1адавлъун, г1акъилавлъун, рит1ухълъи бокьулевлъун, сабруявлъун, хъач1лъиялде данде хъач1лъи гьабуларевлъун, амма ккараб бак1алда жаваб кьезе к1олевлъун, бах1арчиявлъун.

-Мух1амад Имамух1амадович, полициялъул х1алт1ухъабазул къоги баркулаго, дие бокьун буго нужер коллективалъе гьаризе чорхое щулияб сахлъи, рохел. Кире ананиги, рак1алда ругел мурадал т1уран, нух бит1ун, рак1 боххун руссаги, нуж. Дуца церехун рехсаралщинал хасиятал нужер щивасул чорхолъ щулалъаги, гьабулебщинаб данде билълъаги.

Рохалилаб байрамгун, полициялъулал!      

   

Просмотров: 437 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz