Гьал г1агарал къоязда г1умрудул 60-сонилаб юбилей к1одо гьабизе буго райбольницаялъул бет1ерав тохтур Мусаев Мух1амад Шайхг1алиевичас. Гьесда гьеб байрам баркулеб буго районалъул администрациялъул, собраниялъул, больницаялъул коллективаз, гьединго хъизан-лъималаз, лъималазулги лъималаз ва гьев сахлъи ц1униялъул хъаравуласдасан медицинаялъул кумек щванщинав районцояс. Чорхолъ вит1ун хут1и, х1алт1улъ бергьенлъаби, унтаразул ва Аллагьасул разилъи гьарула Мух1амадие, юбилей баркун.
Бакъуца дуниял хинлъараб г1адин,
Хинлъаги дур г1умру, нижер ракьцояв
Хьиндалазул магъилъ гъут1би кинниги
Т1егьаги больница, г1алам бохизе.
Чорхолъ вит1ун таги, нусго баниги
Хъулухъалда нахъа свак тун х1алт1изе,
Дуе рокьулезул хинаб гъанситухъ
Ц1а ссун хут1угеги, квен ц1орогеги.
|