Пятница, 26.04.2024, 01:09 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Ноябрь » 14 » ЖАМГ1ИЯТ «БУК1ИНЕСЕЛЪЕ Г1ОЛО-ЦОЛЪИ»
16:14
ЖАМГ1ИЯТ «БУК1ИНЕСЕЛЪЕ Г1ОЛО-ЦОЛЪИ»

Цебеккун лъазабун бук1ахъе «Хунзахъ район» муниципалияб районалъул администрациялъул ва районалъул жамг1ияб палатаялъул х1аракаталдалъун 3 ноябралъ Шагьрудин Шамхаловасул ц1аралда бугеб культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана «Бук1инеселъе г1оло-цолъи» абураб ц1аралда гъоркь республикаялдаго т1оцебесеб гражданлъиялъул форум. Форумалъул масъалалъун бук1ана цебет1ураб гражданлъиялъулаб общество г1уц1иялъулъ халкъалъул х1аракатчилъи борхизабиялъе районалъул жамг1ияб паталаялъул х1алт1ул аслиял рахъал районцоязда рагьун рихьизари.

Форумги рагьун гьелъул г1ахьалчаг1аздехун баркиялъулаб к1алъай гьабуна районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас. Гьес баркала кьуна жидерго аслияб х1алт1удасаги т1ун рик1к1адаб районалда т1обит1улеб ц1ик1к1араб к1варалъул тадбиралда г1ахьаллъизе заман батарал республикаялъул х1укуматалъул, жамг1ияб паталаялъул вакилзабазе. Саг1ид Камиловичас бицана улка, республика, район цебет1езабиялъулъ, кризисалдаса экономика борч1изабиялъе жамг1иял палатабазул бугеб к1варалъул. Гьадинаб районалъул т1алъиги жамг1ияб палатаги цолъун т1обит1улеб данделъи Дагъистаналдаго т1оцебесеб кколилан бихьизабуна гьес.

К1алъазе яхъарай районалъул жамг1ияб палатаялъул председатель Г1усманова Раисатица къокъабго къаг1идаялъ х1исаб кьуна палата г1уц1аралдаса, ай 2016 соналъул июналдаса октябрь моц1алде щвезег1ан гьабураб х1алт1ул. –Данде кквей, сон-церекъадги бук1араб кьерхенги жакъасеб бакъул хинлъиги. Гьава-бакъалъгицин квербакъана нилъер форум т1обит1иялъе. Г1адамазда жеги т1убанго бич1ч1ун гьеч1о гьанже заманалда жамг1ияб палатаялъул бугеб к1вар. Гьеб ккола т1алъиялъул г1уц1абаздаги гражданазулаб обществалдаги гьоркьоб бухьен ккураб, г1адатиял г1адамазе кумекалъе х1алт1улеб жамг1ияб г1уц1и. Районалда гьеб г1уц1улаго Саг1ид Камиловичас к1удияб кумек гьабуна нижее. Кьуна жаниб х1ажатаб мебельги лъураб кабинет. Квербакъула депутаталгун цадахъ г1адамазул мурадал ц1унун нижеца гьабулеб х1алт1уе. Аслияб куцалъ нижеца х1ажатазе гьабула гурх1ел-рах1муялъулаб кумек. Гьедин ресукъал хъизамаздаса 5 лъималазе гьабуна социалияб кумек. Школъималазда гьоркьоб лъазабун буго «Я против террора» абураб тенмаялда сочинение хъваялъул конкурс. Бергьарал лъималазе лъаг1елалъ «Солнечный берег» лагералде кьезе буго путевка. Гьединал гурх1ел-рах1муялъулал кумекал цо-цо ккун рик1к1инч1ониги, г1емерал гьаруна палата г1уц1аралдаса, дагьабги ц1ик1к1ун гьабизе рак1алдаги буго, иншаАллагь,-ян бицана Раисат Мух1амадовнаялъ жиндирго к1алъаялда.

Жамг1ияб палатаялъул нухмалъулелъ баркала кьуна форум г1уц1изе ва гьеб г1уц1адго иналъе квербакъарав Саг1ид Камиловичасе, районалъул культураялъул х1аракатчаг1азе ва гьелъул иналъулъ г1ахьаллъи гьабурал киназего. К1алъазе рахъана республикаялъул бет1ерасул муг1рузул территориалияб округалъул ва жамг1ияб палатаялъул вакилзаби, цогидал жамг1иял х1аракатчаг1и.

Гъваридаб маг1наялъул к1алъайги гьелдасаги маг1на к1удиябги, киназулго рак1азулъ к1очонареб лъак1 тараблъунги бук1ана Россиялъул Художниказул Союзалъул член, художник-живописец Шотот1аса Г1амирхан Мух1амадовасул выставкаги. Выставкаялде Г1амирханица рач1ун рук1ана кавказалъул рагъул темаялда, мух1канго абуни гьелъул ц1ар раг1арав бух1арчи Хунзахъа Х1ажимурадил х1акъалъулъ Лев Толстояс хъвараб къисаялда хурхун рахъарал суратал. 10 соналъ нахъ т1амун хут1анила гьеб выставка районалда рагьизеян бицана художникас.

К1алъаялдаса хадуб жамг1иял х1аракатчаг1и ва муг1алимзабазул к1удияб къукъа к1одо гьабуна улкаялъул ва республикаялъул шапакъатаздалъун. Гьедин Россиялъул жамг1ияб палатаялъул буркиялъул адрес кьуна Хунзахъа Гьит1инов Мух1удадае, Хъазанбиев Г1алибегие, Махулова Пат1иматие, Г1орут1аса Х1ажиев Х1ассание ва Гьоц1алъа Х1амзатова Пат1иматие.

Россиялъул Федерациялъул г1аммаб лъай кьеялъул х1урматияв х1алт1ухъан абураб ц1ар кьуна Г1алибулатова Запиратие-Лъаг1илухъ ясли-ахалъул заведующая; Саг1адулаев Г1алиасх1абие-Г1обода ясли-ахалъул музыкалияв руководитель; Х1асанова Людмилае-Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалъул учительница; Зубаиров Мах1ачие-Харахьи гьоркьохъеб школалъул директор; Маликова Мадинатие-Харахьи гьоркьохъеб школалъул учительница; Расулова Пат1иматие-Ц1ияб Буц1ра гьоркьохъеб школалъул учительница; Х1ашт1ихова Раисатие-лъай кьеялъул отделалъул начальникасул заместитель; Мух1амадова Пат1иматие-Хунзахъ №3 ясли-ахалъул заведующая ва Мух1амадова Умагьание-методкабинеталъул специалист. РФялъул г1аммаб лъай кьеялъул  министерствалъул Х1урматалъул грамотаялъе мустах1икълъана Байикь байбихьул школалъул учительница Г1абдулгъапурова Заира, Г1урк1ач1и гьоркьохъеб школалъул учитель Мух1амалдов Шамил ва Хунзахъ №2 гьоркьохъеб школалъул учительница Эльдарова Пат1имат.

Гьелдаса хадуб форумалъул г1ахьалчаг1азда цере рахъана районалъул культураялъул рукъалъул х1аракатчаг1и. Г1ат1идаб программаялъул концертги кьуна «Муг1рузул Г1али» спектаклялъул цо бут1аги бихьизабуна гьез балагьаразе. Форум ана киназулго жигараб х1аракаталда, г1ахьаллъаразе пайдаяб ах1вал-х1алалда.    

Просмотров: 348 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz