29 октябралда Хунзахъ районалда т1обит1ана физкультураялъул рахъалъ республикаялъул олимпиадаялъул зоналияб тур. Гьениб г1ахьаллъи гьабуна районалъул школазул 9-11 классазул ц1алдохъабаз. Олимпиадаялда районалъул г1исинал спортсменаз бихьизабуна спорталъул бат1и-бат1ияб тайпаялъе жидерго бугеб махщел-гьунар. Къецазул х1асилалда т1аса вищана лъабго бищун лъик1ав спортсмен: Г1алибегов Г1алибег (Хунзахъ школа-интернат), Х1ажимух1амадов Раджаб (Ц1ияб Буц1ра гьоркьохъеб школа) ва Т1айгибов Мух1амад (Г1ахьалч1и гьоркьохъеб школа). Гьел г1арцулал сайгъатаздалъун к1одо гьаруна къецазде вач1ун вук1арав республикаялъул Халкъияб Собраниялде ц1ивищарав депутат, нилъер ракьцояв Хучбар Хучбаровас. Жиндирго к1алъаялда гьес бицана жиндир к1удияб гъира бугин спорталдагун ц1алуда т1ад ч1арал г1олилазе кумек гьабизе ва гьеб к1иябго рахъалде буссинабизе бугин жинца депутатлъиялъул х1алт1ул аслияб к1варилан. Жидер гьунар бугел спортсменал загьир гьаризелъун гьадинал къецал лъабго моц1ида жанир цо нухалда т1орит1изе ругилан т1адеги жубана гьес. Гьединго Хучбар Загьидовичас баркана ва сайгъатаздалъун к1одо гьаруна дагьаб цебег1ан жеги 16 сонил ригьалде рахинч1ел г1олилазда гьоркьоб т1обит1араб эркенаб гугариялъул рахъалъ Россиялъул первенствоялда т1оцебесеб ва лъабабилеб бак1ал росарал Батиров Мух1амад ва Г1алибегов Г1алибег. Ахиралда къецал г1уц1аразе баркала кьуна районалъул бет1ерасул заместитель Гьит1инов Х1амидица.
И. Мух1амадов.
|