Пятница, 26.04.2024, 03:11 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Ноябрь » 14 » НИЛЪЕР Г1АДАМАЛ. СВАК ЛЪАЛАРЕВ ИНСАН.
16:33
НИЛЪЕР Г1АДАМАЛ. СВАК ЛЪАЛАРЕВ ИНСАН.

Хунзахъа Г1умарх1ажиев Ах1мад вуго к1вах1-асвак лъаларев инсан. Ц1ик1к1араб ригьалда вугониги, щиб х1алт1и гьабунги гьесда ч1езе к1оларо, щибаб къоялъг1адин бат1и-бат1иял г1уц1абазде щвеч1ого вук1инеги гьесухъа бажаруларо. Щиб х1алт1и г1адамас малъаниги, Ах1мадица гьеб гъираялда гьабула. Ц1ер ч1вараб ракьхасалоги дорожниялда х1алт1улеб мехалъ, босун газа-белгун къват1ал къач1алев, рац1ц1ад гьарулев вук1ана гьев. Дагьал церег1ан къоязги росулъ цо къот1ноб гамач1 ч1ана Ах1мадица.

Г1умарх1ажиев Ах1мад Г1алиевич гьавуна 1939 соналъул 25 марталда. Росдал школаги т1убан лъуг1изабич1ого, 14 сон барав чи Ах1мад х1алт1изе лъугьана Гъвалдакь магъилъ хъаравуллъун. Гьит1инго Ах1мадие кутакалда бокьулебги, лъалебги бук1уна х1исаб г1елму. Хъаравуллъун вугев чи, х1исаб-суал гьабизе бугеб гъираялъ, къаси-къаси колхозалде вач1унев вук1уна бухгалтеразе отчетал гьаризе кумекалъе. 1958-61 соназ Ах1мадица хъулухъ гьабуна армиялда. Армиялдаса вуссиндалги гьев колхозалда х1алт1ула. Ах1мадил бугеб бажариги бихьун, 1964 соналъ гьев т1амула Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалъул учетчиклъун. Школа лъуг1ич1ел чаг1и х1алт1уда толел гьеч1олъи лъайдал, 1968 соналъ гьес экстерно лъуг1изабула Бакьагьеч1и бук1араб къасисеб гьоркьохъеб школа.

1975-77 соназ Ах1мад ц1алана Буйнакскиялъул росдал маг1ишаталъул техникумалда бухгалтерлъун. Бухгалтерлъун х1алт1улаго, колхозалъул нухмалъиялъ, х1исаб-суал бит1ун гьабизе, гьеб данде ккезабизе Ах1мадилъе вахунев чи вук1инч1олъиялъ, цойгидал бухгалтерзабазул, завфермабазул отчетал гьаризе вит1улев вук1ун вуго гьев. Дандеккеч1ел отчетал Ах1мадихъе гъалат1ал рит1изаризе рач1унаан. Цо нухалъ хундерил колхозалъул щуго завфермасул отчетал цадахъ гьарун руго Ах1мадица. 1965 соналъ Ах1мад т1амун вуго к1иго участкаялъул отчетал гьаризе. Цо къо гьоркьоса камич1ого, гьебгощинаб х1алт1и гьабидал, гьесие хъван батун буго 40 зах1маткъо. Ах1мадица бицана отчетал гьаризе бугеб гъираялъ т1анусдерил хъутаналдаса бахъараб г1арадерил хъутаналде щвезег1ан лъелго хьваданин гьел гьаризеян. Цо нухалъ к1иго завскладасул отчетал гьарун руго Ах1мадица. Гуржи маг1ардеги отчетал гьаризе вит1улаан живилан бицана Ах1мадица. 1976-84 соназ Ах1мадица бухгалтерлъи гьабуна Самилахъ хъутаналда. Х1исаб-суал гьабизе бугеб рокьиялъги, махщелалъги Ах1мадица лъазабула 1000 тарихалде щвезег1ан бикьи-кьабг1и бугеб Оруг абурав авторасул х1исабалъул т1ехь. Гьебщинаб мисал лъазаби гуребги, дагьабги г1ажаибаб жо буго Ах1мадил кутакаб рак1алдач1ей (память) бук1инги. Х1исаб-суал гуребги, росдал г1адамазул киназулго телефоназул номерал, машинабазул номерал, колхозалда бугеб г1и-боц1ул, г1ухьбузул, дояркабазул къадар, киналго колхозниказул ц1арал, фамилиял, 3300 чиясул лицевой счетазул, партийный билетазул номерал, жиндирго г1умруялда ккарал лъугьа-бахъиназул къоял, сонал, кинаб гьава-бакъ щиб къоялъ бук1арабали, колхозниказе бат1и-бат1иял соназ щолел рук1арал харжал ва г1емераб цогидаб, жакъаги цо къосинч1ого бицуна Ах1мадица.

Цойгидал бухгалтерзабазул, завфермабазул ва жиндирго отчетал гьариялда цадахъ Ах1мадида т1ад къалаан колхозалъул боц1и-панзалъул, хур-хералъул киналго х1алт1аби гьаризеги. 31 соналъ хъутаналде-нахъе ва Гуржиялъе г1иги бачун гьеб щвезабизе г1ухьбузда цадахъ хьвадана Ах1мад. 1963 соналъ Гуржиялъе т1оцебесеб нухалъ г1и бачун унаго ц1адги балеб квачараб заман бук1анилан бицана гьес. 1972 соналъ г1ияда ящур бук1уна. Гьеб соналъ г1и гочунелъул сахаб г1и цебе ун, унтараб нахъа хут1ун Ц1умада районалъул Т1индибе щвезег1ан г1и бачине ккун, г1ухьбуздаги кумекалъе арав Ах1мадидаги г1емераб зах1малъи бихьула. Г1и гочинаби гуребги, росдал маг1ишаталъул г1емерал бак1ал х1алт1абиги чанги гьарун руго Ах1мадица.

Армиялдаса вуссарав чияс моц1алъ колхозалъул гьоц1иб 300 тонна х1алухъен ккалач1ого бук1ине анибе-добе геланилан бицана гьес. Колхозалъул 15 тонна х1алухъен ч1ехьараб мехалъ Ах1мадие кьун буго 2 гъурущги 33 копеекги г1арац. 60 тонна гьалил т1амуралъухъ гьесие хъван батула 28 зах1маткъо. Гьел х1алт1аби гурониги, чанго колхозалъул картошка бахъизе, т1епалу, гьоло, хьон бет1изеги ун вуго Ах1мад. Къвак1арав, щиб х1алт1и малъаниги инкар гьабич1ого т1убазабулев чи вук1иналъ, Ах1мад кидаго г1и чурулелъул, г1ияде хьон биччалелъул, дару гьабулелъулги кумекалъе вит1улаан. Г1и къинлъиялъул кампаниялдаги г1езег1ан х1алт1ун вуго Ах1мад. Гьесул бажари бук1ана г1и кквезе.

Расул Х1амзатовас 50 сон баялъул юбилеялъул сон бук1анила, Самилахъ хъутаналде пер бахъизе йит1арай 15 ч1ужуг1аданалда гьоркьов цох1о жив ватанила бихьиназул гьениве вит1унан велъулаго бицана гьес. Гьеб соналъул к1иябго моц1алъ-25 маялдаса бахъараб 2 июлалде щвезег1ан цо къоялъ т1аса босич1ого рала ц1адал. Гьеб ц1адакь х1алт1аралъухъ харжиде т1аде г1иц1го ич1го гъурущ щола Ах1мадие.

Хунзахъ к1иго соналъ магъил г1еллъи гьабун буго Ах1мадица. Г1еллъун х1алт1улеб 1988 соналъ къаси мехалъ реч1ч1изеги реч1ч1ун г1ачи магъилъе гъолел чаг1и лъазелъун, 20 сордоялъ кьижич1ого, расги к1вах1аллъич1ого хадуб хал ккола гьес.

1973 соналъ подрядный бригадаялъул учетчиклъун х1алт1улаго, колхозалъул хъутаналда гьоц1у х1алухъеналъ ц1ун, гьеб гьениб къварилъула. Х1алухъен бит1а-бишизабулев Ах1мадида рак1алде ккола гьоц1у г1ат1ид гьабизе. Гьелъие г1оло, гьениб аск1об бук1араб 50-80-г1ан куб бугеб к1удияб ракьул гох1 цох1о жинцаго лъиданиги абич1ого бит1изабула Ах1мадица. Гьелъухъ г1иц1го 18 гъурущ гурони доб мехалъ щун бук1инч1ониги, жакъаги гьеб жиндирго зах1маталдаса вохула гьев.

Цоялдаса цоял бак1ал, х1ал щолел, зах1матал х1алт1аби гьаруна Ах1мадица колхозалда х1алт1улел соназ. 30 къоялъ къаси-къад квачай-ц1ороялъухъ ралагьич1ого х1алт1аниги 20 зах1маткъо хъван батулаанин г1адатиял колхозниказеян бицана Ах1мадица, бихьараб къоялда рекъон харж-мухьги щолеб бук1ун гьеч1о.

2006 соналъул 1 апрелалде щвезег1ан, кинабниги 50 соналъ, гьезда гьоркьоса 42 соналъ бухгалтерлъун Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалда х1алт1ана Г1умарх1ажиев. 2006 соналъ Ах1мадие щолеб бук1ун буго 140 гъурущ харж.

Гьедин къо бихьун х1алт1аниги, г1адмалги лъик1аб, аваданаб, кьварараб г1адлуги бугеб заман бук1иналъ, Советияб мехго бокьилин жиндиеян абула Ах1мадица. Г1ор т1асан арал ц1вакарал г1урул ханал лъугьун ругин гьанже г1адамазулин вук1уна гьев. Цебе араб заманаялъул г1адлу-низамалъул бицунаго, Ах1мадица бачана гьадинаб мисалги: Бац1ил Къебедасухъа цо куйдул лълъар бекун бук1уна. Гьеб бекунилан гьесул лъабго зах1маткъо ккола.

Колхозалдаса нахъе вилълъунилан Ах1мад цониги къоялъ х1алт1и гьеч1ого хут1ич1о. 2006-2009 соназ гьев х1алт1ана райпоялъул хъаравуллъун ва цадахъго гьениб бук1араб тукенги бачунаан. 2009-10 соназ Ах1мад ц1идасанги х1алт1ула колхозалда хъаравуллъун. Гьеб мехалъ колхозалъул азбар-къоно, жанисан бак1ал, сверухъе щибго гьоркьоб теч1ого кьищни-къулалдаса бац1ц1ад гьабула Ах1мадица. 2013 соналдаса исаналъаг1ан Ах1мад х1алт1ана дорожниялда. Гьенив х1алт1улеб мехалъ Хунзахъ, Г1арани росабалъ гуревги, Гьоц1алъ, Харахьи участоказде унел нухаздацин радакь вахъун, пулеб-балеб, г1адан чи къват1ив гьеч1еб хасалил заманаялъги х1алт1улев вихьулаан Ах1мад. Жакъа къоялъ Ах1мад х1алт1улев вуго райбольницаялда. Гьениб гьес рац1ц1а-ракъалъиялда ч1езабун буго больницаялъул к1удияб азбар-къоно, ч1ехьолел руго дараби, кванил ниг1матал ва гь.ц. росун рач1арал машинаби, гьединго гьел ц1олел, коробкаби жанире раччулелги руго. Больницаялъул х1алт1ухъаби жиндаса разиял ругилан бицана Ах1мадица. Гьеб гуребги, росулъ лъица щиб х1алт1и малъаниги гьебги гьабула гьес. Раг1а-ракьанде щун, мух1канго, кибго квер бахъун х1алт1ула гьев.

Г1умруялъго гьебщинаб зах1мат-г1акъуба бихьун х1алт1аниги, цониги шапакъат щун гьеч1о Ах1мадие, гьес гьеб т1алаб гьабунги гьеч1о. Г1иц1го 1989 соналъ гьесие щун буго зах1маталъул ветеран абураб ц1ар.

Ах1мадил г1ажаибаб памяталъ кумек щвана гьесда цадахъ х1алт1арал г1адамазе. Пенсия бахъулелъул, гьезие бат1и-бат1иял соназ щвараб харж-мухьалъул г1адамазда бициналъ, чанги чиясе рес щвана пенсиялъул гьит1инаб къадаралъул бак1алда ц1ик1к1араб бахъизе. 30-г1ан пенсионерасул харж-мухь рук1алиде ккезабунин жинцаян вохун вук1уна Ах1мад. Г1емерал соназ нижееги-редакциялде почалдасан газетал раччун к1удияб кумек гьабуна Ах1мадица.

Цо минуталъги х1алхьиялда рокъов ч1езе к1оларо Ах1мадида. Унтараб-щокъаб бак1алъе гьабун дару-сабабгун х1алт1изе лъугьуна. Х1алт1и хирияв, г1адамал рокьулев инсанасе гьарула щулияб сахлъи, сах-саламатаб халатаб г1умру, хъизан-лъималазе талих1-рохел, рек1еда ругел мурадал т1урай.

П. Гунашева.

Просмотров: 445 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz