Суббота, 20.04.2024, 09:48 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Ноябрь » 14 » ЛЪИК1АВ ИНСАНАСУЛ Х1АКЪАЛЪУЛЪ. ГЬЕСУЛ АНИЩ-ШКОЛАЛЪЕ Ц1ИЯБ МИНА.
16:22
ЛЪИК1АВ ИНСАНАСУЛ Х1АКЪАЛЪУЛЪ. ГЬЕСУЛ АНИЩ-ШКОЛАЛЪЕ Ц1ИЯБ МИНА.

Араб г1асруялъул къоабилел соназда Дагъистаналда, гьелдаго гьоркьоб нилъер районалдаги лъай кьеялъул идараби рагьизе байбихьана. Гьезие цо-цо росабалъ ц1иял минабиги рана, цогидал бак1азда школал х1ебт1ун рук1ана хасал г1адамазул минабахъ. Жакъа дица бицен гьабизе бугеб Г1ахьалч1и школаги рагьана 1923 соналда хасал г1адамазул минаялда.

1926 соналъ гьениб бана жакъа лъимал ц1алулел ругеб школа. Гьелъие нухмалъи гьабуна Гьолокь росулъа Малик абулев чияс. 1937 соналда г1уц1ана анкьго сонилаб ва 1956 соналда гьоркьохъеб школаги. Гьебго заманалда сверухъ ругел росабалъа лъималазеги гьоркьохъеб лъай кьей мурадалда Г1ахьалч1и росулъ г1уц1ун бук1ана школа-интернатги. Хадуб интернат Г1арани росулъ рагьидал, гьеб хут1ана гьоркьохъеб школалъун. Жакъа къоялъги Г1ахьалч1и гьоркьохъеб школалде хьвадула сверухъе ругел Гьац1алухъ, Тумагъари, Колабаздаса лъимал гьоркьохъеб лъай щвей мурадалда. Жакъа къоялде 2 азаргоялдаса ц1ик1к1ун выпускник къват1иве виччана гьеб школалдасан. Къват1ире риччарал выпускниказда гьоркьор руго 50-ялдаса ц1ик1к1ун г1елмабазул кандидатал, мустах1икъал врачал, учительзаби, инженерал ва гь.ц. махщалилал. Г1ахьалч1и школалда ц1алана дунялалда ц1ар раг1арай поэтесса, жиндир мунагьал чураяй Фазу Г1алиева, хъвадарухъан Мух1амад Сулейманов, Х1ариколоса Каримула Сулейманов ва жакъаги районцояз жал адаб-х1урматалда рехсолел машгьурал г1адамал. Гьеб школалъе нухмалъи гьабуна Г1ахьалч1иса гурел, районалъул бат1и-бат1иял росабалъа учительзабаз. Кидагосеб рецц гьезие, ч1аго муг1алимзабазул кьерда ругезеги-жакъа нилъгун гьеч1езеги. Жакъа гьеб школалъе 14-гог1ан соналъ нухмалъи гьабулеб буго Г1ахьалч1и росулъа Г1алиханов Мух1амадица.

Бит1ахъего, нек1сияб маг1арул росулъе щвараб г1адаб асар гьабуна дие гьеб школалде жание лъугьиндал. Мактабалъул жанах1алдаги, щибаб предметалъул кабинеталдаги, басрияб, амма 100 сониде г1агараб ссиялда ч1ун бугеб школалъул къадалги рихьидал, бич1ч1улеб бук1ана гьеб школалдаса къват1иве чанго азарго выпускник виччан вук1ин ва гьеб ссиялда ч1еялъе, к1вах1-свак тун гьениб, т1ад квер билъинабун х1алт1и гьабулев нухмалъулев вук1ин.

Г1аммаб педагогикияб стаж 44-са т1аде арав РФялъул лъай кьеялъул х1урматияв х1алт1ухъан муг1алалим Мух1амад Г1алихановас, киве гьев х1алт1изе кканиги, дол соназ къадру-къиматалда жиб бук1араб, жакъа гьелъул даража г1одобе ккараб, зах1матаб, амма кибго сундулъго жиб аслулъун кколеб, бокьулеб муг1алимасул ва нухмалъулесул ишал т1урала рак1бац1ц1адго, цогидазе мисалияб куцалъ. 26 муг1алимасе ва 111 ц1алдохъанасе нухмалъи гьабулев гьесул жакъаги рак1 унтулеб буго, киг1ан ахириял соназ жиндехун улкаялъул президентасул т1алъиялъ цебет1езабиялде к1вар буссинабуниги къойидаса къойиде муг1алимасул къимат холеб бук1иналъ, ц1алиялдехун лъималазул гъира г1одобе кколеб бук1иналъ, ЕГЭялдеги экзаменаздеги х1адурлъи цересел соназде данде ккун цо къадаралъ лъик1лъаниги лъималаз ц1алиги рехун тун, телефоназдеги цогидабги х1ажат гьеч1елдеги гьел руссунел рук1иналъ. Живго бет1ергьанас кьун буго Мух1амадие берцинаб, зах1матаб ва къадруяб муг1алимасул ва нухмалъулесул х1алт1и цадахъ бачине гьунар-пагьму. Махщел камилав муг1алим ва рит1ухъав нухмалъулев Мух1амад къойил х1алт1ула жиндаго т1адч1ун, гьебго т1алаб гьабула муг1алимзабаздасаги. Г1агараб росдал школаги лъуг1ун ВУЗазде лъай босизе ун т1ад руссун гьеб школалде х1алт1изе рач1арал жиндир рук1арал ц1алдохъабаздасаги ц1акъ разиго вук1уна Мух1амад. Коллективги Мух1амадица гъункараб, къо ккедал цоцае х1алае рахъине х1адурараб г1уц1ун буго школалда. Г1емерисел гьенир х1алт1улел учительзаби руго, махщел камилал, лъай бугел, т1адег1анаб категориялъул, ДРялъул мустах1икъал учительзаби. Школалда гьабун буго ремонт, жидерго къуваталдалъун росун руго х1ажатаб аппаратура, берзулал алатал, районалъул лъай кьеялъул управлениялдаса щолеб буго х1ажатаб къайи-ц1а, лъималазе лъай щвеялъе х1ажатаб материал, т1ахьал. Дир пикру ц1алараб г1адин Г1алихановас абуна школалъе ц1ияб мина бани бокьилаанила, качегаркаялда аск1об бугеб гьит1инабго минаялда ругел байбихьул классазул ц1алдохъаби, гьеб бани г1ат1идал классазде рахъинарун квег1енлъи бук1инаанилан. Амма сундухъниги балагьич1ого жидеца х1аракат бахъулилан бицана гьес, цебе лъураб масъала г1ун бач1унеб г1елалъе тарбия-лъай кьеялъул х1алт1и рак1бац1ц1адго т1убазабизе ц1алдохъабазул ц1алудехун гъира бижизабизе.

Аллагьас ригьнал талих1алдасаги къезавич1о Мух1амад, ячана лъадилъун Загьра. Гьейги ккола гьебго школалъул муг1алим. Гьей х1алт1илей цадахъ йик1иналъги г1емерго бигьаяб бук1унилан бицана Мух1амадица дида. Гьей кколила жиндир критикги кумекч1ужугийилан. Гьез тарбия- лъай кьун г1езаруна 2 васги цо ясги. Гьелги руго Пачалихъалъул бат1и-бат1иял ишазда, хъулухъазда.

Г1урусазул г1алимчи Рождественскияс абуна кидаго г1адин жив божулила ва жиндир рак1 ч1олила гьаб ракьалда г1умру бугебг1ан мехалъ, г1аламалъул бищун т1адег1анавлъун кида-къадги муг1алим вахъине вук1иналда-ян. Жакъа Мух1амадги гьесда релъарал цогидал учительзабиги ругебг1ан заманалъ нилъецаги божилъи гьабизинха, нилъер г1олеб г1ел мекъаб нухалъ инч1ого, тарбия-лъай бугел, адаб-хъатир щварал, ях1-намус бугел г1олилал г1ун рач1иналда. Гьабулеб данде билълъаги кьеги сахлъи таги ч1аго.

У. Къурамух1амадова.   

Просмотров: 945 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz