Автор.Г1иса Г1исаев.Ноябрь 2013с.
Маг1аруласе бищун хирияб хазина бук1ана хур. Живго
бет1ергьанаб къиматабщинаб буголъиги бичун, х1аракат бахъулеб бук1ана хур
босизе. «Хур босаравги яс кьуравги чи г1акъил вуго» абун кици бук1ана цересел
умумузул. Умумузул хурул билълъараб багьа бук1ана хур жаниб ц1ураб г1и.
Минаялде т1аде биччазе босулеб ракьул х1ет1е ч1олеб кесекалъул багьа
гьоркьохъеб оц бук1анилан бицен буго Буц1ра. Хур раг1а-ракьан бахъун, камил
гьабун, бекьич1ого тей г1адамазе г1айиб ч1вазе г1иллалъун бук1ана. Цебе къедги
гьабун, кьурт1е мугъалъ ракьги баччун гьарурал магълъал хириял рук1унилан
г1айибги щибха?
|
Автор.Н.Г1алиева.Ноябрь 2013с.Радалго баккулеб бакъги мун, эбел,
Цудунго баккулеб моц1ги мун, эбел,
Бусенги к1очон тун, кини к1ик1арай
Кодоеги ячун, дун еэдарай.
Гьал къоязда районалъул спортивияб к1алг1аялда к1одо гьабуна Россиялъул
улбузул къо. Гьелде ах1ун рук1ана районалдаса лъимал г1емерал, бет1ергьанчиги
нахъе гьеч1ого жидецаго лъимал хьихьарал ялгъузал улбул.
|
Автор.Н.Г1алиева.Ноябрь 2013с.1954 соналъ ООНалъул Генералияб Ассамблеялъ лъик1аблъун
бихьизабуна Т1олгодунялалъул лъималазул къо к1одо гьабизе дунялалъулго
лъималазул цоцада рич1ч1и, вацлъи бук1инабиялъе, жиндир ишги т1олгодунялалъул
лъималазул лъик1аб бет1ербахъи бук1инабиялде буссараб. ООНалъ х1укуматазе
предложение кьуна гьеб къо бокьараб жидеего данде кколеб къоялъ к1одо гьабизе.Х1укму гьабуна 1959 соналъ лъималазул ихтияразул деклорация,
ва 1989 соналъ лъималазул ихтияразул. Конвенция къабул гьарураб 20 ноябрь
т1олгодунялалъул лъималазул къолъун рик1к1ине.Щибаб соналъ 11 миллион лъималазул хола 2-леб, 5-леб нухалъги жалго гьарурал
къоял к1одо гьаризе щвеч1ого, анц1-анц1 миллионал хут1ула физическияб яги
г1акълияб рахъалъ унтараллъун, к1удиял г1езе, г1умру гьабизе ва цере т1езе рес
гьеч1ого. Г1емерисел гьел хвелал ккола бигьаго сах гьаризе к1олел унтабаздеги
цин к1вар кьеч1ого, цогидал мискинлъи, язихълъиялъул, жагьиллъиялъул, ихтиярал
ращад гьеч1олъиялъул, зулму-х1ал гьабиялъул х1асилалда.
|
Автор.
Гъайирбег Г1алиев.Ноябрь 2013с.
Мах1муд-Апанди, -Лъида раг1ич1еб гьеб ц1ар, лъица
ц1алич1еб гьесул шиг1рияб калам, лъида лъаларев гьав маг1арулазда гьоркьов
гуревги Дагъистаналдаго машгьурав маг1арулав? Ч1ух1адго, цо бат1ияб рек1ее
асаргун нилъеца абула гьасда маг1арулавин, район цояца-районцоявин,
херехьдерица-нижер василан. Абиларебги кинха гьесул г1адатлъиялъги,
г1амал-хасияталъги, к1вах1 гьеч1еб х1алт1иялъги, г1адан хиралъиялъги, гьунаралъги
кинавго чи асир гьавун вугев мехалда
|
Автор.Н.Г1алиева.Ноябрь 2013с.Районалда ругел лъик1ал физкультураялъул учительзабазда
гьоркьоб т1оцебе рехсола ДРялъул мустах1икъав учитель, Россиялъул лъай кьеялъул
отличник Г1амирханов Расул Мух1амадовичасул ц1ар.1971 соналъ Хунзахъ гьоркьохъеб школаги лъуг1изабун ц1ализе лъугьана
Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб институталъул физкультураялъул
факультеталде. Гьенив ц1алулаго, Расул Г1амирхановас жигар бахъана жиндир
махщел камил гьабизе, рокьи бижана гандболалде. Гьев вук1ана т1оцебе
институталъул хадуб республикаялъул т1аса бищараб командаялда гьоркьов.
Командаялъ г1емерал цересел бак1ал росана г1иц1го Дагъистаналда гуребги,
улкаялъул бат1и-бат1иял шагьараздаги.
|
|