Автор.П.Гунашева.Май 2016с.
Цойгидал школаздаго г1адин, ахирияб ц1умур кьабиялъул байрам т1обит1ана Гьамущи гьокьохъеб школалдаги. Школалда лъай босулеб буго 172 лъимералъ. Исана школа лъуг1ана 7 ц1алдохъанасул. Медалалъе йихьизаюн йиго Сайгидах1мадова Рашидат. Исана школалъ ц1алдохъаби къват1ире риччана 39-леб нухалъ.
|
Автор.У.Кърамух1амадов.Май 2016с.
Дагьал церег1ан къояз районалъул библиотекаялъул х1алт1ухъабаз жидерго т1ахьал ц1алулел школлъималазда гьоркьоб т1обит1ана «Лъимал терроралде данде» абураб ах1иялда гъоркь конкурс.
|
Автор.П.Гунашева.Май 2016с.
Къойидаса – къойиде дунял хисулеб, пириг1ан хехго ц1и-ц1иял технологиял раккулеб заманалда нилъер халкъалъул тарих, г1адатал, г1амал-хасият ц1унараб бак1 ккола музей. Музеялде щвараб мехалъ гурони бич1ч1уларо, киг1ан заман чваханиги, г1елал цереса аниги, щибаб мехалъе, хасиятаб берцинлъи, махщел-гьунар нахъе хут1улеблъи, гьеб ц1иял наслабазе г1оло ц1унизеги кколеблъи.Нилъер районалда буго чанго музей. Гьай-гьай бищун к1удияблъунги бечедаблъунги ккола Хунзахъ бугеб музей. Музеялде щварал г1ажаиблъун хут1ула гьениб къиматалда ц1унун ругел экспонатазул бечедаб коллекциялъ.Гьал къояз музеялде рач1аразул рес буго, нилъер культураялъулгун гуребги, Дербенталда ва гьенир г1агарлъухъ ругел тарихиял памятниказулгунги лъай-хъвай гьабизе.
|
Автор.И.Мух1амадов. Май 2016с.
14 маялда к1удияб ч1аголъи бук1ана Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалда. Гьениб к1одо гьабуна школалъул 50 сонилаб юбилей ва педагогикиял г1елмабазул Академиялъул член-корреспондент, г1емерал соназ республикаялъул т1адег1анал ц1алул заведениязул ректорлъун х1алт1арав Мух1амадов Ах1мад Мух1амадович гьавураб къо к1одо гьаби. Тадбиралде рач1ун рук1ана райадминистрациялъул вакилзаби, бат1и-бат1иял соназ Бакьагьеч1и школа лъуг1ун арал выпускникал, цере школалда х1алт1улел рук1арал учительзаби, росдал жамаг1ат ва цогидалги х1урматиял гьалбал.
|
Автор.П.Гунашева.Май 2016с.
Цох1о 9 маялъ гуребги, моц1алъго к1одо гьарула К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1и, гьезул къорол руччаби. Гьанжесел г1елазе Бергьенлъиялъул къо рохел-ихтилат батаниги, ц1ик1к1араб ригьалъул г1адамазе гьеб бук1уна бищун къваридал сонал, жидерго т1ад руссинч1ел бихьинал рак1алде щвезарулеб, рохелгун маг1у жубараб байрамлъун.
|
Автор.Н.Г1алиева.Май 2016с.
Г1емераб заман инч1о нилъер улкаялда гитлерилаб фашизмаялда т1ад бергьенлъи босаралдаса 71 сон т1убаялъул рохалилаб байрам к1одо гьабуралдаса. Гьеб байрамалда ва хадусел къояз нилъеца рек1елъ к1удияб ч1ух1игун к1одо гьарула К1удияб Ват1анияб рагъул ветеранал, рак1алде щвезарула рух1алда барахщич1ого нилъер гьайбатаб бук1инеселъе г1оло рух1 кьун кьалул майданалда берал къанщарал г1олохъаби.
|
Автор.И.Мух1амадов.Май 2016с.
25 маялъ т1олабго улкаялдаго г1адин, нилъер районалъул школаздаги к1одо гьабуна рохелгун-пашманлъи жубараб ахирисеб ц1умур кьабиялъул байрам. 11 сонилаб лъимерлъиялъул г1умруги нахъа тун, выпускниказ гали т1амуна ц1ияб г1умруялде. Лъаг1ана доб г1анч1аб, сундулго ургъел гьеч1еб заман, рес щвана г1умруялъул жидеего бокьараб нух т1аса бищизе.Кидагог1адин, т1адег1анаб даражаялъул г1уц1иялда ана гьеб байрам районалда бищунго к1удияб Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалдаги. Исана гьеб школалъ къват1ибе биччана юбилеялъулаб 60-леб выпуск.
|
|