25 маялъ т1олабго улкаялдаго г1адин, нилъер районалъул школаздаги к1одо гьабуна рохелгун-пашманлъи жубараб ахирисеб ц1умур кьабиялъул байрам. 11 сонилаб лъимерлъиялъул г1умруги нахъа тун, выпускниказ гали т1амуна ц1ияб г1умруялде. Лъаг1ана доб г1анч1аб, сундулго ургъел гьеч1еб заман, рес щвана г1умруялъул жидеего бокьараб нух т1аса бищизе.
Кидагог1адин, т1адег1анаб даражаялъул г1уц1иялда ана гьеб байрам районалда бищунго к1удияб Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалдаги. Исана гьеб школалъ къват1ибе биччана юбилеялъулаб 60-леб выпуск. Гьеб тадбиралде шарикал ран, ц1алдохъабаз берцинго къач1араб азбар занк1ун ц1ун бугоан выпускниказда байрам баркизе рач1арал гьезул эбел-инсуца, ва г1ага-божараз. Школа лъуг1улезда байрам баркизе рач1ун рук1ана районалъул бет1ерасул заместитель Шамил Г1аммаев, лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Залимхан Г1умаров, Хунзахъ росдал бегавул Т1алх1атов Хизри ва цогидалги х1урматиял гьалбал.
Выпускниказда, гьезул эбел-инсуда ва учительзабазда байрамги баркун к1алъазе вахъана школалъул директор Атаев Расул Х1усенх1ажиевич. Шамил Г1аммаевас баркиялдаса хадуб, бицана жакъа районалда лъай кьеялъул даража борхизабиялъе гьабулеб бугеб х1алт1ул. Районалъул лъай кьеялъул отделалъул начальник Залимхан Г1умаровасги баркана киназдаго ва выпускникал ах1ана г1умрудул нухда дандч1валел зах1малъабиги къезарун гали цебехун т1амизе. Хундерил бегавул Т1алх1атов Хизрица выпускникал ах1ана лъик1ал къиматазда т1адег1анал ц1алул заведениялги лъуг1изарун, г1агараб росулъе т1ад руссине. Эбел-инсул рахъалдасан учительзабазе баркалаги кьун, к1алъана Мах1мудов Мух1амад Запирович.
Выпускниказул рахъалдасан учительзабазе баркалаялъул раг1аби абуна ц1алул отличник Мах1мудов Мах1ачица. Лъик1аб церерахъин бук1ана выпускниказул т1оцеесей учительница Х1ажиева Пат1иматица куцарал байбихьул классалъул ц1алдохъабазул. Школалъул завуч Г1алибегов Мух1амадица грамотаби кьун к1одо гьаруна ц1алулъгун школалъул г1умруялъулъ спорталъулъ лъик1ал х1асилал рихьизарурал ц1алдохъаби.
Т1аде щвана ахирисеб ц1умур кьабулеб лах1зат. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна выпускникал – отличникал Х1ажиева Саг1адатица, Х1асанх1усенова Пат1иматица, Г1алибегов Т1алх1атица, Майндуров Мух1амадг1арипица ва 1 классалъул ц1алдохъан Мух1амадов Т1алх1атица.
Ахиралда выпускниказе рес щвана школалъул азбаралда кьурдул свери бахъизеги.
И. Мух1амадов.
|