Четверг, 09.05.2024, 01:42 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Май » 28 » ШКОЛАЛЪУЛ ЮБИЛЕЙ К1ОДО ГЬАБУНА.
15:11
ШКОЛАЛЪУЛ ЮБИЛЕЙ К1ОДО ГЬАБУНА.

14 маялда к1удияб ч1аголъи бук1ана Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалда. Гьениб к1одо гьабуна школалъул 50 сонилаб юбилей ва педагогикиял г1елмабазул Академиялъул член-корреспондент, г1емерал соназ республикаялъул т1адег1анал ц1алул заведениязул ректорлъун х1алт1арав Мух1амадов Ах1мад Мух1амадович гьавураб къо к1одо гьаби. Тадбиралде рач1ун рук1ана райадминистрациялъул вакилзаби, бат1и-бат1иял соназ Бакьагьеч1и школа лъуг1ун арал выпускникал, цере школалда х1алт1улел рук1арал учительзаби, росдал жамаг1ат ва цогидалги х1урматиял гьалбал.

Данделъаразе баркиялъул саламги кьун, тадбир рагьана ва ахиралде щвезег1ан берцинго нухда бачана школалъул директор Пат1имат Х1амзатовалъ. Жиндирго к1алъаялда гьелъ бицана школалъул тарихалъул, гьенир х1алт1арал учительзабигун директорзабазул, гьелъ къват1ире риччарал машгьурал выпускниказул. 50 соналда жаниб гьоркьохъеб лъай щвеялъул аттестат кьун буго 940 ц1алдохъанасе, гьезда гьоркьоса анц1го ц1алдохъанасе щун буго меседил медаль, жеги анц1го ц1алдохъан вахъун вуго г1арцул медалисталлъун.

Районалъул администрациялъул рахъалдасан школалда байрамги баркун к1алъазе вахъана районалъул бет1ерасул заместитель Саг1адула Батиров. Баркиялдаса хадуб гьес рак1алде щвезаруна бекьеч1дерил школалъул ц1ар раг1арал выпускникал ва лъик1аб къимат кьуна районалъул лъай кьеялъулъ школалъ лъураб бут1аялъе. Саг1адула Мух1амадовичас дипломал кьуна х1алт1улъ лъик1ал х1асилал рихьизарурал учительзабазе.

Районалъул лъай кьеялъул отделалъул рахъалдасан школалда байрам баркана районалъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулесул заместитель Х1ашт1ихова Раисатица.  Баркиялдаса хадуб гьелъги лъай кьеялъул отделалъул рахъалдасан баркалаялъул кагътал кьуна х1алт1улъ жигарчилъи бихьизабурал цо-цо учительзабазе. Хадуб к1алъазе вахъана ДГПУялъул профессор, Россиялъул Федерациялъул мустах1икъав артист, г1емерал соназ Ах1мад Мух1амадовичасда цадахъ х1алт1арав Т1агьир Къурачев.

«Баркула дицаги школалда юбилей. Г1емерал машгьурал г1адамал куцараб школа буго бекьеч1дерил. Гьелъ бицуна школалъул дирекциялъулги педагогазулги х1алт1ул киг1ан т1адег1анаб даража бугебали. Дица кидаго г1олилал ах1ула ц1алуде к1вар кьезе, щайгурелъул школалда лъик1аб лъай щвеч1евги, хадубккунги г1умрудул нухда цеве т1оларо. ДГПУялда дун х1алт1илев вугебг1ан заманалда ункъго ректор хисана гьенив. Амма Ах1мад Мух1амадович г1олел-г1оларел рахъалги ц1ехон, щибаб соналъ щолаан нижер факультеталде, лъазабулаан гьениб бугеб ах1вал-х1ал, х1аракат бахъулаан нижер къвариг1ел т1убазе. Гьев вук1ана рак1бац1ц1адав, рит1ухъав инсан ва махщел камилав педагог»,-ян абуна гьес. К1алъаялдаса хадуб Т1агьир Къурачевас Г1абдула Мух1амадмирзаевасгун цадахъ гитараялда ва пандуралда бакъналги рачун ах1ана Расул Х1амзатовасулги Г1абасил Мух1амадилги куч1дул.

Киназго халатбахъараб хъатч1ваялдалъун к1одо гьавуна к1алъазе вахъарав, г1емерал соназ школалъул директорлъун х1алт1арав, Дагъистаналъул халкъияв учитель Т1инч1ав Мух1амадов. Гьесги баркана киназдаго байрам ва баркала кьуна жиндаго цадахъ х1алт1арал учительзабазе. Г1ун бач1унеб г1ел ах1ана школалъулги росдалги бах1арчияб ц1ар ц1унизе.

Жиндиего хасиятаб куцалда, киназулго рек1елъе бортулеб к1алъай гьабуна г1алимчи Шамил Мух1идиновасги.

«Т1оцебе Бакьагьеч1и школа рагьана 1921 соналъ, 1966 соналда гьеб бахъана ц1ияб корпусалде. Гьел соназдаса байбихьун школа цебет1ун унеб буго жиндирго нухги ккун. Гьел соназда школалда х1алт1ана кинавниги 250 г1анасев учитель, гьезда гьоркьоса лъебергояв вук1ана г1урусав, 50-яв, бат1и-бат1иял росабалъа рач1арал. Лъик1аб цебет1ей лъугьана школалъе, колхозалъул председательлъун Раджабов Дудар х1алт1улел соназ. Гьес г1емераб кумек гьабулаан школалъе. Школаги колхозги росдал советги цох1о хъизан г1адин цадахъ рекъон х1алт1улаан доб заманалда. Школлъималги г1ахьаллъун бак1арулаан ц1оросаролъил ва картошкадул бач1ин, г1адамазда гьоркьоб бук1ана гьуинлъиги гьудуллъиги. Бакьагьеч1иса вахъана 8 профессор, 150 врач, 50 бат1и-бат1иял

 г1елмабазул кандидатал, 56  исламалъул г1алимчи. Гьел киназего т1оцересел дарсал щвана росдал школалда. Хадубккунги дир рак1ч1ола гьедин цоцалъ гъункун цадахъ х1алт1илин нилъер школаги жамаг1атги,- ян. Анкьго соналъ директорлъун ва 23 соналъ учительлъун х1алт1ана дунги гьаб школалда, гьединлъидал дун кив вугониги ц1акъ ч1ух1ула ва вохула г1агараб школалъулги росдалги бергьенлъабаздаса.  Жакъа ц1акъ зах1матаб заман бач1ун буго г1олилазе. Нилъеда бихьулеб буго республикаялдаса киг1ан г1емерал г1олилал Сириялда рагъилелги рохьахъ рахчунги ругелали. Гьединаб, нилъее чияраб идеологиялдаса, гьекъел-мехтелалдаса ва цогидабги квешлъиялдаса г1олохъаби ц1унизе ккани, гьезда гьоркьоб гьабизе ккола бич1ч1икьеялъулаб х1алт1и. Гьелъие к1удияб квербакъи гьабула ц1алуда т1адч1еялъ ва г1ун бач1унеб г1елалде х1акъикъияб исламалъул малъиялъ»,-  ян абуна жиндирго к1алъаялда г1алимчияс к1алъаялдаса хадуб, Шамил Мух1иданова школалъе сайгъат гьаруна жиндирго ц1иял т1ахьал.

Гьединго школалда юбилей баркарал к1алъаял гьаруна Дудар Г1алиевичасул ц1аралда бугеб колхозалъул председатель Х1усенов Ханмух1амадица, росдал бегавул Артур Г1алиевас, школалъул учитель Айтбер Халиловичас, республикаялъул мустах1икъав артист Г1абдула Мух1амадмирзоевас, районалъул администрациялъул бет1ерасул заместитель Х1амид Гьит1иновас ва цогидазги.

Официалияб бут1аялъул ахиралда, Ах1мад Мух1амадовасул ц1аралда бугеб фондалъул вакилзабаз дипломал ва г1арцулал сайгъатал кьун к1одо гьаруна ц1алулъ ва спорталъулъ лъик1ал х1асилал рихьизарурал школлъимал ва цо-цо учительзаби.

Тадбиралъул официалияб бут1аялдаса хадуб жидерго хасал программабигун церер рахъана бекьеч1дерил, Лъаг1илухъ, Г1арада, Г1арани росабазул гьоркьохъел школазул ц1алдохъаби. Лъималаз бихьизабуна жидерго пасих1го кеч1 рик1к1ине, ах1изе ва бат1и-бат1иял кьурдабазе бугеб махщел-гьунар. Ахиралда киназго цадахъ ах1ана Дагъистаналъул гимнги.

Тадбир ана т1адег1анаб даражаялъул г1уц1иялда.

И. Мух1амадов.

Просмотров: 722 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz