Цойгидал школаздаго г1адин, ахирияб ц1умур кьабиялъул байрам т1обит1ана Гьамущи гьокьохъеб школалдаги. Школалда лъай босулеб буго 172 лъимералъ. Исана школа лъуг1ана 7 ц1алдохъанасул. Медалалъе йихьизаюн йиго Сайгидах1мадова Рашидат. Исана школалъ ц1алдохъаби къват1ире риччана 39-леб нухалъ.
Ахирисеб ц1умур кьабиялъул рохелгун пашманлъи жубараб байрамги баркун, унел ц1алдохъабазе хадусеб г1умруялда бит1ккейги гьарун к1алъана районалъул администрациялъул вакил Г1акъилов Мурад, школалъул директор Аминов Мух1амадт1агьир, Гьамущи, Мущули росабазул бегавулзаби ва имам Ах1мадх1ажи. Гьез выпускникал ах1ана росдал, г1агараб школалъул ц1ар борхатго кквезе, квешабщиналдаса рик1к1ад ч1езе, жидедаса росу-ракь ч1ух1улеллъун рук1ине.
Т1оцебесеб класс лъуг1улел гьит1ичаз х1адурун бук1ана ц1акъ берцинаб церерахъин. Байрам берцин гьабуна «Амущинка» ансамблялъул ясазул кьурдабазги.
11 соналъ жидеего кьураб тарбия-лъаялъухъ учительзабазе баркала кьурал к1алъаял гьаруна выпускниказги. Гьез школалъул атрибутал (Россиялъул ва Дагъистаналъул байрахъал, лъаялъул к1ул ва гь.ц.) ясберг1адин ц1унеян нисих1атгун кьуна 10 классалъул ц1алдохъабазухъе. Школа лъуг1ун унел ясаз гьаваялде риччана хъах1маккалги. Цойгидал школазде дандеккун, Гьамущи гьоркьохъеб школалда ахирисеб ц1умур кьабулеб къаг1ида буго бат1ияб. Ахирисеб ц1умур кьабула цо ц1алдохъанас гуреб, т1оцебесеб классалъул лъималги рачун киналго школа лъуг1улез.
Экзаменазеги ч1ах1иял баллал щун, бокьаралъуре ц1ализеги рорч1ун, нухал рит1аги выпускниказе.
П. Гунашева.
|