Пятница, 29.03.2024, 10:27 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Май » 28 » К1УДИЯБ АДАБ-Х1УРМАТАЛДА.
14:41
К1УДИЯБ АДАБ-Х1УРМАТАЛДА.

Г1емераб заман инч1о нилъер улкаялда гитлерилаб фашизмаялда т1ад бергьенлъи босаралдаса 71 сон т1убаялъул рохалилаб байрам к1одо гьабуралдаса. Гьеб байрамалда ва хадусел къояз нилъеца рек1елъ к1удияб ч1ух1игун к1одо гьарула К1удияб Ват1анияб рагъул ветеранал, рак1алде щвезарула рух1алда барахщич1ого нилъер гьайбатаб бук1инеселъе г1оло рух1 кьун кьалул майданалда берал къанщарал г1олохъаби.

Гьеб мурадалде буссараб бук1ана дагьаб цебег1ан Хунзахъ №2 гьоркьохъеб школалда, гьеб школалъул пионервожатая Х1усенова Лаюзал жигарчилъиялдалъун т1обит1араб пионеразул сбор. Гьениб жиб-жиб отрядалъ х1адурун ругоан Хунзахъ росулъа К1удияб Ват1анияб рагъде аразул, гьениб берал къанщаразул ц1арал ва суратал, гьезул гьунаразул х1акъалъулъ баянал.

К1удияб Ват1анияб рагъул заманалда кьалул майданалда рагъулел рук1ун руго 2580 Хунзахъ районалдаса г1олилав, гьездасан 1304 чияс эбелаб ракьалъе г1оло рух1 кьуна. Гьел хвана нилъер жакъасеб талих1аб бук1инеселъе г1оло, фашизмалъул зулмудукьа цогидал миллатазул халкъал эркен гьаризелъун. Нилъер районалъул зах1матчаг1аз фронталъе кьуна самолетал ва танкаби гьариялъе г1емераб г1арац, хинаб рет1ел ва продуктаби. Гъажалдаса кьурхьаби, килщидаса баргъичал, карандаса маржанал рахъана гьез дол къоязда. Кинабго кьуна тушманасда т1ад бергьенлъи босиялъе г1оло. Нилъеда киданиги к1очон теларо гьезул бах1арчилъи ва гьезул гьунарал.

Ц1алдохъабаз к1удияб адаб-х1урматалда жидехъего гьоболлъухъ ах1ун вук1ана К1удияб Ват1анияб рагъул ва зах1маталъул ветеран Гьиматов Мух1амадрасул. Гьес г1одорч1аразе бицана инсанияталда лъалел киналго рагъазда гъорлъ бищунго ц1об гьеч1еблъун ва бищунго г1емераб би г1одобе т1ураблъун кколеб рагъул х1акъалъулъ. -55 млн. чи къурбанлъараб гьеб рагъулъ нилъер улкаялдаса камуна 20 млн. чи. Ракълилаб къот1иги хвезабун тохлъукьего нилъеде т1аде к1анц1арал фашистазул рук1ана лъик1го яргъид г1уц1арал. Тушманасе санаг1атал шарт1азда байбихьана рагъ.

Жидерго т1оцересел бергьенлъабаздаса ч1ух1арал фашистаз пикру гьабулеб бук1ана Россиялда рагъ пиридулаб хехлъиялда лъуг1изабизе. Амма фашистазул хьулал х1орлъана. Рагъул т1оцересел къояздасанго «Нилъер иш рит1ухъаб буго», «Нилъ бергьине руго» абурал лозунгазда гъоркь нилъер г1адамал гъункун цолъана ва цо чи г1адин Ват1ан ц1унизе рахъана. Мух1амадрасулица ц1алдохъаби ах1ана лъик1 ц1ализе, нилъер умумузул бах1арчияб нухдасан церехун ине.

Хадуб к1алъазе вахъарав школалъул директор Чункъов Мух1амадрасулица ц1алдохъаби ах1ана К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1азул бет1ер къулун адаб-х1урмат, т1алаб-агъаз гьабизе. Гьарана гьезие сахлъи, рохел, метерисеб къоялде божилъи, гвангъараб бакъ, роц1араб зоб.

Гьеб рохалилаб тадбир х1адурарай Лаюза Х1усеновалъ г1емераб х1алт1и гьабун бугоан г1ун бач1унеб г1елалъе Ват1ан бокьиялъул, бах1арчилъиялъул, гьудул-гьалмагълъиялъул ах1вал-х1алалда куцаялъе.

Н. Г1алиева.        

Просмотров: 686 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz