Цох1о 9 маялъ гуребги, моц1алъго к1одо гьарула К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1и, гьезул къорол руччаби. Гьанжесел г1елазе Бергьенлъиялъул къо рохел-ихтилат батаниги, ц1ик1к1араб ригьалъул г1адамазе гьеб бук1уна бищун къваридал сонал, жидерго т1ад руссинч1ел бихьинал рак1алде щвезарулеб, рохелгун маг1у жубараб байрамлъун. Гьал къоязда, Гьамущи культураялъул рукъалъул х1алт1ухъаби ц1алдохъабигун цадахъ щвана К1удияб Ват1анияб рагъдаса т1ад вуссинч1ев Юсупов Мух1амаднабил хъизан Кайпатихъе.
Тушманасдаса Ват1ан ц1унизе Мух1амаднабиги ун, ургьив 3 моц1 барав васгун жийго хут1ана г1олохъанч1ужу. Чан г1олохъанаб хъизан, чан г1олохъанаб г1умру хвезабураб рагъалъ. Вихьич1о Мух1амаднабида жиндирго цох1о вугев вас. Васасе г1умруги кьун ч1ана Кайпатги. Лъабго г1исинал лъималги хъизанги нахъе тун, г1олохъанго хвана вас Къурамух1амадги. 96 сон барай Г1исаева Кайпат г1умру гьабун йиго нусалда аск1ой.
Дунялалъул рокъоб къварилъи-зах1малъи г1емер бихьарай, рух1елаз йохун теч1ей Кайпат йохизайизе мурадалда жиндирго ансамблялъул кьурдухъабиги рачун культураялъул мустах1икъай х1алт1ухъан Пат1имат Султ1ановаги Гьамущи культураялъул рукъалъул директор Халипат Мух1амадхановаги щвана гьелъухъе. Гьел гурелги, Кайпатил дора данделъана рагъул бух1а-ц1орой бихьарал гьел соназул лъимал Мух1амадт1агьирова Майсарат, Мух1амадова Парзилат, Хасмух1амадова Хадижат ва рагъул ветераназул ясал – Юсупх1ажиев Г1исал яс Чамарсак ва Кайпатил нус Дарбищмух1амадов Дарбищмух1амадил яс Пат1имат.
П. Султ1ановалъги Х. Мух1амадхановалъги руччабазда баркана багьа хирияб Бергьенлъи, гьарана гьезие щулияб сахлъи парахатаб г1умру. Искусствалъул школалъул Гьамущи филиалалъул ясаз рик1к1ана ва ах1ана рагъда хурхарал куч1дул, кьуна руччабазе рагъул х1акъалъулъ суалал.
Цояб бицун, цойгидаб рак1алде щвезабун, жидерго ургъел – къварилъиялъул гьирал ч1ехьана руччабаз. Зах1матаб лъимерлъиги, рагъда т1аг1арав инсуда хадуб инагьдилаго араб г1умруялъулги бицана гьез. Рак1алдещвеязул кьог1лъиялъ руччаби гурелги, ц1алдохъабигицин г1одилел рук1ана.
Рак1алда бугебги цоцазе бикьун, рак1 чучизег1анги г1одун, т1асияб соналъги гьадин цоцазда рихьизе хъван батагиянги гьарун, рокъо-рокъоре рикь-рикьана руччаби.
П. Гунашева.
|