Автор Ф. Мух1амадова. Февраль 2026 сон. Афгъанистаналъул
рагъ... Лъицаниги рагӀун лъазабичӀеб, 9 соналъ халатбахъараб, Дагъистаналъе 129
(цо-цо баяназда рекъон-194) вас камураб тунка- гӀуси. Гьал гӀагарал къоязда
ракьалда интернационалияб борч тӀубалаго къадаралде щварав ТӀанусиса ГӀалиханов
Шамил ГӀабдулкъадировичасул бицине бокьун буго жакъа дие,
гьев щибаб къойилаб реццалъе мустах1икъав вук1ун.
Гъоркьехун
рахъулел руго XIажи ГӀариповасул «Бихьинчилъиялъе абадияб рецц» абураб
тӀехьалдаса гьев мунагьал чурадил хӀакъалъулъ мукъсаналго баянал.
ХӀакъикъаталдаги гьесул бахӀарчияб гӀумруги, гьесул ишалги мустахӀикъал рукӀана
байрамкъоялъ гуреб, щибаб къойил ракӀалде щвезеги, сайгъатаздалъун, гьесул нахъе
хутӀараб гӀагарлъигӀаги кӀодо гьабизеги.
|
Автор И. Мух1амадов. Февраль 2026 сон. 11
февралалда райадминистрациялда т1обит1ана районалъул Ветеринарияб
управлениялъул араб соналъул х1алт1ул х1асилал гьариялъул данделъи. Гьелда
г1ахьаллъи гьабуна районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас, росдал маг1ишаталъул
отделалъул начальник Мух1амад Г1алиевас, республикаялъул Ветеринарияб
управлениялъул нухмалъулев Хъарачу Г1амирхановас, районалъул ветуправлениялъул
начальник Т1алх1ат Шамхаловас, г1уц1иялъул бак1азда ругел х1алт1ухъабаз, бегавулзабаз
ва муниципалитеталъул цо-цо маг1ишатазул нухмалъулез.
|
Автор Б. Мухlидинова. Февраль 2026 сон. Церег1анго
соназ нилъер машгьурай районцояй, «Маг1арулай» журналалъул редактор Баху
Мух1идиновалъ Россиялъул мустахIикъав артист, нилъее киназего хирияв ХIусен Хъазиевасухъа
босараб гара-ч1вари кьолеб буго районалъул газеталда, нужедаги унго-унгояв
гьунар, районалъул ч1ух1и-Унго-унгояв Артистасул г1умрудул лъазелъун. Рак1алде
щвезабилин, араб соналъул ахиралда Х1усеница к1одо гьабуна г1умрудул 80 сонилаб
юбилей.
|
|